Аслияб гьумералде

Аллагьасда лъала

Аллагьасда лъала

Аллагьасда лъала

Инсанасул щибаб калам, пиша букIуна ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ балагьиялда гъоркь. Къиямасеб къоялъ щивав чияс гьабураб лъикIаб ва квешаб гIамалалъухъ жаваб кьезеги ккола. Бищун лъикIалги ккола, гьарурал мунагьаздаса тавбу гьабун, Аллагьасде ﷻ руссарал.

 

Цо къоялъ Аварагасухъе ﷺ вачIуна гIалхул гIарабияв ва гьикъула: «Я Бичасул Расул ﷺ, дица мунагь гьабуна ва гьелда хадуб тавбуги гьабуна, ракIги бухIана. Аллагьас ﷻ дир тавбу къабул гьабулищ?» - илан. Гьесие Аварагас ﷺ Къуръаналъул аяталдалъун жаваб гьабуна (магIна): «ТIадегIанав Аллагь ﷻ вуго лагъзадерил тавбу къабулев гьабулев. Жинца ﷻ гьезул квешал гIамалал тIаса лъугьун толев. Аллагьасда ﷻ лъала нужеца гьабулеб гIамал». (Сура «Аш-Шура», аят 25)

Гьеб жаваб рагIидал гIарабияв вохун къватIиве ана. Цинги цIидасанги вачIана ва гьикъана: «Я Аллагьасул ﷻ Расул, дица махIцараб пиша гьабулаго ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ бихьулеб букIанищ?» - илан. Аварагас ﷺ абуна бихьулеб букIанин ва цIалана Къуръаналъул аят (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ лъала нужер бералъ гьабураб хиянатги. Нужер ракIазда жаниб бахчун бугеб балъголъиги лъала Аллагьасда ﷻ», - ян. (Сура «Гъафир»)

Гьеб аят рагIидал гIарабиясул гьаракь кIанцана ва гьес абуна: «Гьес ﷻ дир тавбуги къабул гьабула ва гьебгун цадахъ Гьесда кинабгоги ﷻ бихьула. Кин дида гьанже кIвезе бугеб Гьесухъ валагьизе», - ян.

Гьел рагIаби абун рахъиндал, гIалхул гIарабияв хола. (ИхIяъ)

Абу МухIаммад Тустарияс, живго гьитIинаб мехалда букIарабги ракIалде щвезабун, хъван буго: «Дир букIана лъабго сон. Цо-цо мехалъ дие бокьулаан рогьинегIан кьижичIого гIибадат гьабулев вугев имгIаласухъ валагьизе. Цо къоялъ гьес дида гьикъана: «Дуда дурго БетIергьан вичIчIулищ?» - илан. Цинги дица гьикъана: «Кин дида гьев вичIчIизе кколев?» - илан.

«Кьижизе вегулаго дуца лъабцIул такрар гьаре гьал рагIаби: Аллагь ﷻ дунгун вуго, Аллагьасда ﷻ дун вихьула, Аллагьасда ﷻ дир хIал лъала», - ян абуна гьес.

Гьеб къоялдаса нахъе дица гьел рагIаби такрар гьаруна ва гьелъул хIасилги халлъана. Жеги цо лъагIалидасан имгIалас абуна: «ХвезегIан дуца гьел рагIаби абичIого тоге. Дунял-ахираталда кIудияб пайда гьабила гьелъ дуе», - ян.

Чанго лъагIалидасан вихьидалги гьес абуна: «Аллагь ﷻ жинда цадахъ вугев, Аллагьасда ﷻ жив вихьулев ва Аллагьасда ﷻ жиндир хIал лъалев лагъ мутIигIавлъун кин вукIунарев?» - илан.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...