Суал-жаваб

Тагьажудалъул как базе кидал хирияб бугеб?
Тагьажудалъул как буго Аварагас ﷺ кIвар гьабулеб букIараб суннатал каказул цояб. Гьебги буго боголил как бан хадуб, рогьалилаб ахIилалде цебе, кьижизеги кьижун, рорчIидал балеб как.
Базе бегьула боголил как бан хадубги, амма хирияб буго рогьалил как ахIилалде цебе, сардил лъабил бутIаялъул ахиралда базе.
Къуръаналда буго: «Сардилъ гIибадат гьаби буго ритӀухъал гӀадамазул хасият», - ян. ХIадисалда буго: «ХIаракат бахъе макьидаса рорчIидал, тIадеги рахъун сардилъ как баялда, гьедин гьабулаан нужеда цере рукIарал ритӀухъал гӀадамаз. Гьелъ нуж гIагар гьарула Аллагьасде ﷻ, чурула нужер мунагьал, унтабаздасаги гIицI гьарула», - абун (Тирмизи, ХIаким, АхIмад).
Гьелъулъ цIализе хириял руго: «Ал-АгIла», «Ал-Кафирун», «Ихлас» гIадал сураби. ЦIакъго рекъараб буго гьеб гIужалда дугIа гьабизе, рахIму-цIоб, нигIмат рещтIин гьаризе.
Кирпичги тIад речIчIун килщил малъ бащдаб тIаса ана. Мерхьидал гьелда гьоркьа лъим бачIунеб буго. Какие ва паризаяб черх чурулаго гьеб малъалда гьоркье лъим щвезабизе кколищ?
Малъ тIаса ун батани, гьеб букIараб бакIалде, какие ялъуни паризаяб черх чурулаго лъим щвезабизе тIадаб буго.
Амма нагагьлъун малъалдаги гьелъул кьучIалдаги гьоркьоб бакI лъугьунеб къагIидаялъ малъалъул цо бутIа батIалъун батани, гьеб мехалдаги гьелъул къватIисеб ва жанисеб рахъги, гьединго, малъалда гъоркь бугеб тIомги чуризе ккола.
Машгьурав гIалим ал-Малибарияс «ФатхIул мугIин» абураб тIехьалда хъван буго: «Паризаяб черх чурулаго тIадаб жалазул кIиабилеб ккола черхалъул тIолабго тIомода, малъазда ва гьезда гъоркь бакIалдаги лъим щвезаби».
ТIадаб бугищ чIужугIаданалъ рехараб лъимер букъизе ва чуризе?
Имам ХатIиб аш-Ширбинияс жиндирго «Мугъни ал-МухIтаж» абураб тӀехьалда хъван буго: «Заман щвелалде гьабураб лъимер, ахӀи-хӀур гьабун яги гӀодун гӀумруялъул гӀаламатал рихьизарун хадуб хвани, гьелъул хӀукму хварав чиясулго гIадинаб буго. Гьединлъидал гьеб чурула, мусру бала, жаназаялъул как бала ва вукъула.
Лъимер гӀодичӀони яги ахIдечIони, амма гӀумруялъул цо-цо гӀаламатал рихьизаруни, ай багъа-бачарани, жаназаялъул как бала.
Нагагьлъун лъимер ункъо моцӀалде щвечIеб бугони ва гӀумруялъул гӀаламаталги ратичӀони, жеги инсанасул сурат щун гьечӀони, гIалимзабазул ижмагIалда рекъон, жаназаялъул как баларо, гӀумруялъул гӀаламатал гьечӀого рукIиналъ. Гьединго чуруларо, амма мусру бан букъизе суннатаб буго. Лъимер ункъо моцIалде щвараб ва инсанасул куц-мухъ бугеб бугони, ай 120 къо ун хадуб, гьеб заман ккола лъимада жаниб рухI лъолеб мех, бергьараб рагIиялда рекъон жаназаялъул как баларо. Амма чуризе ккола, мусруялъулъги жемила ва букъила.
«Лъимер рехи ккола, анлъго моцI базегIанго къватIибе бачIараб жо. Анлъго моцI бараб лъимада тIад жаназаялъул как бала (гIумруялъул гIаламатал ратаниги ратичIониги)».
ХIасил, бащдаб лъагӀалидасан лъимер къватӀибе бачӀани, гьеб мехалда лъимер букъула хварал гIадамалго гIадин.
Анлъго моцӀ балелде рехани, хӀисабалде босула гьеб гьабун хадуб чӀаго букӀанищ яги букӀинчӀищали. Гьеб чӀаго букӀун батани яги чIаголъиялъул кинал рукӀаниги гӀаламатал ратани, букъула цогидалго гIадин.
Нагагьлъун лъимер къватӀибе бачӀараб мехалъ чIаголъиялъул гӀаламатал рихьичӀони, балагьула инсанасул сипат лъугьун бугищали. Гьедин батани, чурула, мусруялъулъ жемула ва букъула, амма жаназаялъул как баларо.
Эмбрионалъул инсанасул сипат лъугьун гьечӀони, лъикӀаб букӀуна гьеб мусруялъулъги жемун букъизе.
(«Мугънил МухIтаж», бутIа 1, гьум. 519)
АттахIияталда хадуб цIалулеб дугIаялъул бихьизабураб къадар бугищ?
Ахирисеб аттахIияталда хадуб цIалулеб дугӀа суннатаб буго, гьеб цIаличIого тезе карагьалъула. АттахIияталдаса хадуб лъикӀаб буго Аварагасдасан ﷺ рачIарал дугӀаби цӀализе.
Гьеб дугӀаялъул кигIан къадар бугебали бараб буго жамагIаталда яги жинцаго как балеб мехалъ.
Жинцаго как балев чиясул ихтияр буго аттахIияталдаса хадуб бокьарабгIан гьеб дугӀа цӀализе, амма какда вукӀин кӀочон тезегӀан халат бахъине бегьуларо.
Имамасе рекъараб буго аттахIияталдаса хадуб цӀалулеб дугIа аттахIияталдаса ва салаваталдасаги халатаб букӀинчIого букIине. Амма имамгун цадахъ разилъарал гIадамал ругони как халат гьабун базе, гьеб дугIаги халат гьабун цадахъ цIализе бегьула. КватIарав чиясе как щвезелъун имамасе бегьула гьеб дугIа халат гьабун цIализеги.
(«ТухIфатул МухIтаж», бутIа 2, гьум. 86)
Сала (кастрация) гьабураб оц Къурбаналъул гIидалъе хъвезе бегьулищ?
Къурбаналъе сала гьабураб хIайван хъвезе бегьула.
Имам АхIмадица ва Абу Давудица бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ къурбанлъун сала гьабураб кIиго барти-чахъу хъунин.
(Ал-Икънаъ)
Какилъ вукIаго имамас суратул «ФатихIа» гъалатIалгун цIалулеб букIин лъани, щиб гьабилеб?
АлхIам битIун цIали ккола какил рукнабазул цояб.
«БитIун цIали» абураб рагIул магIна ккола гIараб хIарпал махражалда, къалеб къан, цIалеб цIан цIали. Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго гьеб сура битIун цIали хехго тIалаб гьабизе. Гьебги имамзабаздасан яги мугIалимзабаздасан лъазабизе ккола.
Имам АхIмад Малибарияс жиндирго «ФатхIул мугIин» абураб тIехьалда хъван буго: «Суратул «Ал-ФатихIа» битIун цIалулев чияс гьеб мекъи цIалулев чиясда хадуб как бани, гьеб рикIкIунаро. Гьебги сураталъул цо бутIа ялъуни цо хIарпцин мекъи цIалулеб бугони.
Кинниги АлхIам рагIун цIалулареб как букIун, маъмум имамасда щаклъун вугони, гьесда хадуб как базе бегьула ва какги рикIкIуна. Амма маъмумасда ракIчIун, якъинго лъалеб бугони имамас сурат мекъи цIалулеб букIин, гьесда хадуб как базе бегьуларо ва гьедин бараб какги рикIкIунаро.
Абу Бакр Димятияс «ИгIанату ТIалибин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Как балаго имамас суратул «Ал-ФатихIат» мекъи цIалулеб букIин лъани, гьеб мехалъ маъмумас гьеб как цIидасан базе ккола».
ХIежалде ине рес гьечIо, амма хьул буго…
ХIеж ккола исламалъул рукнабазул анлъабилеб. Гьеб тIадаб буго сахлъиги боцIи-малги бугесда, гIумруялда жаниб цо нухалъ тIубазабизе. Къуръаналда буго (магIна): «Аллагьас ﷻ гIадамазда хIеж тIад гьабуна, гьениве ине рес рекъарав чиясе», - ян абун (сура «Алу ГIимран», 97 аят). Ибн ГIаббасица абуна: «Гьениб бугеб рес рекъей буго рекIунеб ва цадахъ босулеб жоялъулъ хIалкIвей. Гьединго гьениве ине бажари ва нухги божараб, хIинкъи гьечIеб букIин», - абун.
Щивав бусурбанчиясул гьениве ине ниятгун хивал букIуна. Жидер рес гьечIелгIан чагIазул цIикIкIунги букIуна парз тIубазе ине анищ. Гьеб тIубай рес гьечIезда тIад гьабун гьечIо, амма гьезул ният халгьабун Аллагьас ﷻ гьезие кьела киригун даража.
СанагIалъи бугез тIаса-масаго тезе бегьуларо гьеб парз тIубазаби. Гьелда жаниб гIемераб пайда гьабун буго Аллагьас ﷻ. Гьеб гIибадат ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кIудияб кири хъвалеб, церехун гьарун арал мунагьал чурулеб, чияда хурхарал хутIун. ХIарамалъул мажгиталда бараб цо какалъухъ кири нусазаргоялде бахинабун кьолин буго тIахьазда хъван. Аллагьас ﷻ ахIун ратаги киналго!