Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Какдасан ватIалъидал киналго ракагIатал тIуранадай ялъуни рукну гьоркьоб биччанадайин абун щаклъи бачIани, как рикIкIунищ?

Какдаса салам кьун ватIалъарасул ракагIат ялъуни рукну тIубаялда щаклъи ккеялъ щибго зарал гьабуларо. Амма нияталда ялъуни какилъе лъугьиналъул «Аллагьу Акбар» абиялда щаклъи ккани, как биххула ва гьеб цIидасан базе тIалъула.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

Итни-хамизалъ кIал кквезе назру гьабурав чияс, рамазан моцIалъго гIадин, щибаб сордоялъ ният гьабизе кколищ ялъуни суннатал кIалазего гIадин къалъул гIуж щвезегIанго гьабурабищ гIолеб?

ШафигIияб мазгьабалда, кьучIаб рагIиялда бан, назруялъул кIалалъеги, рамазан моцIалъул кIалалъего гIадин, ният къаси, ай рогьалил как ахIилалда гьабизе ккола. Назруялъе ният гьабидал, суннатаб ишги тIадаблъун лъугьуна.

Гьединго къаси ният гьабизе тIадаб буго кафараталъулги, рецIун кколелги ва гьединго имамас амру гьабун хадуб цIад гьариялъул как балалде цебе кколеб кIалалъеги. Имамас амру гьабун хадуб цIад гьариялъул какда цебе кколеб кIалги тIадаблъун лъугьуна.

Гьелдаго цадахъ, назру гьабураб кIал тIадаблъун лъугьаниги, рамазан моцIалъул кIал биххидал тIаде рачIунел хIукъукъал, назру гьабураб гьеб кIал биххидал, тIаде рачIунаро. Масала, назру гьабураб кIал биххидал, хутIараб къоялъ кIал биххизабулел жалаздаса цIунизе тIадаб букIунаро ва гьединго назру гьабураб кIал лъадулгун гьоркьоблъиялдалъун биххидал, кафаратги тIалъуларо.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Хварасул гьурмада убачал гьаризе бегьулищ?

Хварав салихIав чилъун вукIун ватани, гьесул гьурмада убач гьабизе бегьула. Цо-цо гIалимзабаз абуна гIагаразе ва лъалезе хварасул гьурмада убач гьабизе лъикIабцин бугин. Амма салихIавлъун вукIун ватичIони, гьесул гьурмада убач гьабизе карагьатаб буго.

(«Мугънил мухIтаж»)

 

 

Кваранаб квералдаса цебе квегIаб чурани, какичури рикIкIунищ?

Какичурулелъул кваранаб квер яги хIетIе цебе чури ккола суннатаб гIамал.

Гьелъие хIужалъун гIалимзабаз бачунеб буго Аварагасул ﷺ хIадис: «Нужеца какичурулеб мехалъ кваранаб рахъ цебе гьабе», - ян абураб. Гьединго, цоги хIадисалда буго кинабниги гьабулеб ишалъулъ Аварагасе ﷺ кваранаб рахъ цебе гьаби бокьулаанин абураб.

Гьединлъидал, квегIаб квер яги хIетIе бокьун цебе чураниги какичури рикIкIуна.

 («Мугънил мухIтаж»)

 

 

Гьумералдаса рас бетIизе бегьулищ чIужугIаданалъ?

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ нагIана кьуна наколка, ай тIомалде гъорлъе релъен биччалезе, гьабулезе ва гьеб гьабизе унезе, расал ретIулезе ва ретIизе унезе, берцинлъиялъе цаби хъухъан рикьизарулезе – Аллагьас ﷻ бижараб сурат хисизабулел чагIазе», - абун (Бухари).

Имам Нававияс цебе рехсараб хIадисалъе баян кьолаго абуна: «Расал ретIи хIарамаб буго, амма мегеж-михъалъул бакIалда бижун батани, гьеб бетIизе гьукъараб гьечIо. ХIатта гьелъие гьеб тIаса инабизе лъикIабги буго нижеда аскIоб (шафигIияб мазгьабалда)», - ян («ШархIул муслим», Китабу либас).

Закариял Ансари, ГIабдулхIамид Ширвани, Сулайман ал-Жамал, ХатIибу Ширвани гIадал имамзабаз хъвалеб буго, чIужугIаданалъе гьукъараб бугин кьунсруздасагун гьумералдаса рас бетIизе, росас изну кьураб мехалъ хутIунилан абун. Гьединлъидал, росасда йигей чIужугIаданалъе ихтияр буго росасда бихьизелъун, гьев вугеб бакIалда къачIадизе. Амма чияр чагIи ругеб бакIалде рахъунелъул (кIаз цебе бачун батаниги яги цогидаб къагIида хIалтIизабунги) гьеб бахчизабизе ккола росасда ругезги.

Бегьизабун буго жидер гьумералъул сурат сурукъ гьабуледухъ гьурмада бижараб рас тIаса инабизе яги гIадатияб гIумру гьабизе квалквал букIунедухъ раккарал цаби рукIалиде рачIинаризе.

Росасда гьечIел руччабазе, гIадамазда берциналлъун рихьизелъун надалдаса, кьунсруздаса рас бетIизе гьукъараб, хIарамаб буго.

Аллагьас ﷻ бичIчIи кьеги!

(«ТухIфатул мухIтаж», «Кашафул къина»)

 

 

ГIебедеги вегун Къуръан цIализе ва цIалулесухъ гьедин гIенеккизе бегьулищ?

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «ХIакълъунго гIакъилаздасан ккола жидеца рахъунчIун, гIодорчIун ва хьибилалда регун Аллагь рехсолел, зоб-ракьалъул пикру гьабулел», - ян. (Сура «Алю ГIимран», аят 191).

Гьаб аяталъ баян гьабуна, щиб хIалалда ругониги, Аллагь ﷻ рехсолезул хиралъи. Къуръан зикру кколелъул, вегун цIаланиги яги гIенекканиги къварилъи гьечIо.

Гьединго имам Муслимица ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ Къуръан цIалулеб букIана дир накабазда ваччун ва дун хIаизалда йикIаго». Имам Нававияс хIадисалъул баян гьабун абуна: «Гьаб хIадисалъ баян гьабуна вегун яги хIайизалда йигей чIужуялда ваччун Къуръан цIализе бегьи.

Кинниги Къуръаналъул руго жиндирго адабал. Гьеб цIализе лъикIаб буго бацIцIадаб бакIалда, бацIцIадаб ретIелги ретIун ва гIодов чIун, Къиблаялдеги вуссун.

Цебе рехсараб аяталъ нилъее баян гьабуна инсанасул лъабго батIияб хIал букIин: гIодовчIун, вегун, вахъунчIун. Кинаб хIалалда вугониги Аллагь ﷻ рехсела.

(«ШархI СахIихIу Муслим», «Тафсирул КъуртIуби»)

 

 

Исламалда рекъон дидаго ва дица хьихьулезда тIад цIикIкIун боцIи-мал хвезабизе бегьулищ?

Инсанасе Исламалъ бегьизабула жиндаго ва жинца хьихьулезда тIад цIикIкIун боцIи-мал, масала, ратIлие, квание хвезабизе гьесул гьединаб рес гьечIониги. Щайгурелъул, боцIи-малалъул мурад буго лазат ва хайир щвей. Кинниги цIикIкIун боцIи-мал жиндаго ва жинца хьихьулезда тIад хвезабизе карагьатаб буго.

Бергьараб рагIиялда рекъон, садакъаялъе рес гьечIониги боцIи-мал цIикIкIун хвезабизе бегьула, гьеб исраплъунги рикIкIунаро. Садакъаялъул мурад букIуна ТIадегIанав Аллагьасдасан ﷻ кири щвей. Кириялъулъ исраплъи букIунаро, амма исрапалъулъ лъикIлъи гьечIо.

(«Мугънил мухIтаж», 2 бутIа)

 

 

Суннат гьабулеб гьечIони, гIайибчIван рагIи абизе бегьулищ?

Чиясда гIайибчIвазе бегьуларо суннат танин абун. Масала, мегеж кIкIван, какда хадуб азкарал цIали тей бугони. Кинниги беццараб буго, берцинго бичIчIизабизе.

(«Жаважир»)

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...