Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Кинай чIужугIаданалъ гIида гьабизе кколеб?

ШаргIалда рекъон, гIида абураб жо, чIужугIаданалъ тIончIорукъ лъимер гьабиялдаса бацIцIадаб бугищали халгьабизе балеб заман буго. ГIида гьабизе ккола, росасдаса цIар тIамун ятIалъарай гIаданалъ. Росгун данделъун хадуб гьоркьоблъи букIун батичIони, гьабизе кколаро. ХIайиз бачIуней гIаданалъе гIидаялъул заман лъабго къуръу буго (цо къуръуги кIиго хIайизалда гьоркьоб бугеб яцIцIалъи буго). ХIайиз бачIунарей яги гьеб бачIунареб заманалде щварай гIаданалъе, гIида, моцIролаб календаралъул къоял халгьабун, лъабго моцI буго.

Рос хварай гIаданалъги гьабизе ккола гIида, гьоркьоблъи букIун батичIонигицин, ункъо моцIгун анцIго къоялъ.

(«ИгIанату ТIалибин»)

 

 

Накъищал рахъараб ретIелги ретIун как базе бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалда рекъон, карагьатаб буго накъищал, суратал рахъараб ретIел ретIун как базе, цогидаб жинца какдаса гъапуллъизабулеб жоялда аскIоб карагьатаб бугеб гIадин.

Амма буго гIалимзабазул рагIи, суннатаб бугин какдаса гъапуллъизабулеб жоялдаса цIунизе абураб. Суратал ва накъищал рахъараб ретIел ретIун как базе карагьатаб гьечIо, гьелъ мун гъапуллъизе гьавулеб гьечIебгIан заманалъ.

Мун гъапуллъизабулеб жоялде как балеб мехалъ балагьизе карагьатаб буго, мисалалъе, суртал рахъараб ратIлихъ. ГIаишатидасан бицараб хIадисалда рекъон: «Цо нухалъ аварагас ﷺ как балаго накъищал рахъараб ретIел ретIун букIана. Как бан бахъиндал аварагас ﷺ абуна: «Гьал накъищаз дун какдаса гъапуллъизавуна. Гьаб ретIел кье Абу Жагьмихъе, гьесул ретIел дихъе босе», - ян. (Бухари ва Муслим).

Аварагас ﷺ абуна «гьал накъищаз дун какдаса гъапуллъизавунин», гIадамазе гьединаб ретIел ретIине карагьатаб букIиналде баян гьабун. Щайин абуни, авараг ﷺ сунца гъапуллъизавизе рес бугеб ТIадегIанав Аллагьасдасан ﷻ? Абу Жагьмида аварагас ﷺ абуна цогидаб кьеян, щайгурелъул накъищ бугеб ретIел аварагасе ﷺ гьес сайгъатлъун кьун букIун. Гьев пашманлъизавичIого аварагас ﷺ абуна цогидаб кьеян абейин гьесда ва гьев асхIабасда ракIалде ккечIого букIине аварагас ﷺ сайгъат нахъчIванин абун.

Гьединлъидал нилъее рекъараб буго гьединаб ретIел ретIиялдаса цIуни гьабизе.

(«ХIашияту Шабрамалласи», 2 бутIа, гьум. 58)

 

 

 

Тасбит хабалазда рагIизабун цIализе кколищ?

Тасбиталъул аслу ккола хабалазда ругелщиназ жидеего цIали. Щайгурелъул тасбит ккола дугIа, жиндалъун бусурбабаз ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьарулеб, хварав чиясе кумек гьабеян малаикзабазе ритIарал жавабал кьезе. Тасбит дугIа бугелъул, дугIаялда хурханщинаб хIукму гьелдаги хурхуна. Аслуялда дугIа жиндиего цIализе суннатлъула, рагIизабун цIализе бачIинчIеб бакIалда.

Кибниги бицун бачIинчIо тасбит рагIизабун цIализе кколин абун, гьелъ жиндиего цIализе беццараб буго. Амма цIалулесе бокьун батани аскIор ругездаги гьеб малъизе ва лъазабизе, рагIизабун цIализе суннатлъула. Щайин абуни, дугIаби, азкарал цIализе бегьула малъиялъул нияталда.

Хабалаздаги бегьула гьеб рагIизабун цIализе, лъаларез «амин» абун абизе букIинелъун. Кинниги гьеб аслулъун гьечIо, гьедин гьабизе тана лъаларел чагIи рукIиналъ.

(«ТухIфатул мухIтаж», 4 бутIа)

 

 

Исана хIежалде ине рес бугони, амма цо-цо гIиллабазда бан ине рес рекъечIони, мисалалъе, загранпаспорт щвечIого, хадусеб соналъ ине тIадаб букIунищ?

ХIеж гьабизе тIалъула анлъго шартI жиндилъ тIубарав чиясда: бусурбанав, гIакъилав, балугъав, хIурияв, нухда унаго нухлул божи бугев ва гьелде хIалкIвей бугесда.

Гьелде хIалкIвей абуралда гъорлъе бачIуна, мисалалъе, жакъа хIукуматалъул рахъалдасан рихьизарурал шартIал тIурай, виза щвей, загранпаспорт гьаби гIадинал. Цогидал тIуран, гьел тIуралел гьечIони, гьалги гIузрабаздасан рикIкIуна. ТIасияб соналъ гьал шартIал тIуран ругони, ине ресги бугони - ина, гьечIони - тIадаблъун букIунаро.

 

 

ШаргIалда рекъон, бесдалалин абун, лъималазда кидалъизегIан абулеб?

Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв ибну Къудамаца хъвалеб буго: «Лисанул гIараб» абураб тIехьалда хъвавухъе, бесдалав вуго балугълъиялъул соналде вахиналде жиндир эмен хвараб лъимер. Бесдалаблъунги лъимер рикIкIуна балугълъиялде бахинегIан», - ян.

Гьеб пикруялда тIад рекъарал руго гIемерисел агьлу-суннаталъул гIалимзаби.

 

 

Чи вукъилалде тагIзият гьабизе бегьулищ?

ТагIзият гьаби сунатаб буго. Вукъун хадуб гьабизе лъикIаб ва беццараб буго. Щайин абуни, хварасул агьлу машгъуллъун букIиналъе гIоло жаназа къачIаялде.

Амма цебе гьабичIолъиялдалъун гьел пашманлъулел ратани, цебе гьабизе беццараб буго, сабруялда гьел чIезе гIоло.

(«Канзу Рагъибин», 1 бутIа, гьум. 453). 

 

 

Как балаго яги дугIа гьабулелъул зодоре ралагьизе бегьулищ?

Какилъ зодоре балагьизе карагьатаб буго. Какилъ гуреб бакIалда балагьизе гIалимзабаз бегьизабуна, щайин абуни дугIаялъе зоб къибла кколеб букIиналъ. Суннатаблъун ккола зодоре балагьизе какичурун хадуб дугIа гьабулеб мехалъ.

Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон зодоре какилъ балагьизе карагьатаб буго: «Какилъ зодоре балагьулел гIадамал щиб жоялда тIад ургъулел рукIунел? Гьелдаса цIуни гьарейин абе, рес буго берал беццлъизе», - ян. 

(«ХIашияту Шабрамалласи», 2 бутIа)

 

 

Тохлъукьего хвей муъминчиясе лъикIаб бугищ?

ГIаишатица бицун буго: «Аварагас ﷺ тохлъукье бачIунеб хвалдаса цIуни гьабулеб букIана», - ян. ГIалимзабаз абуна гьаб хIадис бугин жиндир гьабизе тавбуги тIубазе налъиги бугев чиясеян. Амма хвалдеги хIадурарал, гьабулеб ишалъулъ цIодорлъиги гьабулел чагIазе абуни, гьеб бигьалъи ва гурхIел буго.

 «Мингьажу тIалибин» абураб тIехьалъул мусанипас Абу-Сукна ал-Гьажриясдасан бицун буго: «Ибрагьим, Давуд ва Сулайман аварагзаби тохлъукье бачIараб хвелалъ хвана», - абун ва абула гьеб лъикIал чагIазул хвел бугинги. Ибну МасгIудидасан ва ГIаишатидасан бицараб цоги хIадисалда буго: «Тохлъукьего бачIараб хвел муъминчиясе рахIат ва къосарав чиясе гIазабалъ кквей буго», - ян.

(«Мугънил мухIтаж»)

 

 

Кваналеб мехалда  «Бисмиллагь» бахъичIони шайтIаби нилъеда цадахъ кваналин абулеб рагIана. Гьеб битIараб бугищ?

Имам Нававияс «Фатваялда» хъван буго: «Гьез гIадамалгун цадахъ кваналаго ва гьекъолаго гIахьаллъи гьабула», - ян.

ХIадисалда буго Жабир-асхIабас бицанин жинда МухIаммад аварагас ﷺ абулеб рагIанин: «Рокъове лъугьунаго ва кваналаго Аллагь рехсани, шайтIаналъ жиндирго гьалмагъзабазда абулин жакъа нилъее сордо базе ва кваназе бакI гьечIин», - абун. 

 («Фатава имаму Навави», гьум. 214)

 

 

Риидалил заманалда рокъоб багIари букIиналдалъун, ретIел ретIун кьижизе кIолеб гьечIо. Гьединлъидал, лъазе бокьилаан, бегьулищ ретIел бахъун кьижизе?

Живго жиндаго вугеб заманалда бихьинчияс черхалъул бахчизе кколеб жоялдасан буго цебесеб ва нахъисеб гIаврат, чIужугIаданалъул - накуялда ва цIинуялда гьоркьоб бакI. Мисалалъе, чвердолеб заманалда хIажалъи бугони тIубанго гIицIго рукIине, гьеб мехалъ щибго тIад гьечIого рукIине бегьула.

Кьижулеб мехалъ, кинаб бугониги жоялдалъул гIавратги бахчун, ретIел бахъун регизе бегьула, цIакъго хIажатаб хIал бугони - бахчизабичIогоги бегьула.

«Захаир» абураб тIехьалда гьогьомиялъе гIоло гIаврат бахчизабичIого бегьулинги рехсон буго. Амма, кин бугониги, адабалдасан буго гIавратгIаги бахчизабун реги.

(«Ал-ИкънагI», «Нигьаятул мухIтаж»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...