Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Улул гIазмаби абурал аварагзаби щал кколел ва гьеб рагIул магIна щиб?

УлулгIазми абураб рагIул магIна ккола, кутакаб цIакъ бахъиялъулги, сабруялъулги, цIодорлъи-бегIерлъиялъулги бетIергьаби, ай гьел хасиятал жиделъ рукIарал чагIи абураб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда нилъер хириясде ﷺ хитIаб гьабун абулеб буго (магIна): «Дуца сабруги гьабе аваргзабаздасан улулгIазмабаз гьабураб гIадин». Гьезул хIакъалъулъ гIалимзабазул хилаф ккана ва гьел чанго пикруялде рикьана:

  1. Киналниги аварагзаби рукIана улулгIазмабилъун ва ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги авараг витIичIо жиндир камилаб гIакълуги цIодорлъи-бегIерлъиги бугев гурони.
  2. Киналго аварагзаби улулгIазмаби руго, Юнус авараг хутIун. Гьев гIедегIарав вукIана ва гьединлъидал буго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда нилъер хириясде ﷺ хитIаб гьабун абулеб (магIна): «ЧчугIил чохьонив вукIарав Юнус авараг гIадинги вукIунге мун», - абун.
  3. Гьел ккола суратул «АнгIамалда» жидер цIарал рехсарал, тIаса рищарал анцIила микьалго аварагзаби.
  4. Гьел ккола жидеда диналъул тушбабазде данде къеркьейилан амру гьабурал аварагзаби.
  5. Гьел ккола суратул «АгIрафалдаги» суратул «ЩугIараалдаги» рехсарав анлъавго авараг: НухI, Гьуд, СалихI, ЛутI, ШугIайб, Муса.
  6. Гьел ккола гьал анлъалго аварагзаби:

а) НухI, гьес жиндирго къавмалъ гьабураб заралалъе сабру гьабуна.

б) Ибрагьим, гьес живго вухIизе бакараб цIадуе сабру гьабуна.

в) ИсхIакъ, гьес сабру гьабуна живго хъвеялъе.

г) ЯгIкъуб, гьес сабру гьабуна берзул канлъи босиялъе ва вас вилиялъе.

д) Юсуф, гьес сабру гьабуна гъуялъуве рехидал ва туснахъалъув тIамидал.

е) Аюб, гьес сабру гьабуна жиндиего ккараб заралалъе.

  1. Гьел руго гьал аварагзаби: НухI, Ибрагьим, Муса, ГIиса ва нилъер хирияв МухIаммад авараг ﷺ.

(«Фатавал Халилият»)

 

 

Аварагзабазул ва асхIабзабазул хиралъигун тартиб кинаб бугеб?

Аварагзабазда гьоркьоса «улул гIазми» абурал аварагзаби рикIкIуна хирияллъун. Гьезулги бищун хирияв МухIаммад авараг ﷺ вуго, хадув - Ибрагьим, хадув - Муса авараг, хадув - ГIиса авараг, хадув - НухI авараг. Гьезда хадур хириял русулал (илчизаби) руго, гьезда хадур хириял цогидал аварагзаби руго. Цинги ЖабрагIил, МикагIил, цинги чIахIиял малаикзаби хириял руго, цинги гьаб умматалъул лъикIал гIадамал хириял руго, хадур цогидал малаикзаби хириял руго. Гьаб умматалъулги бищун хирияв Абубакар, цинги ГIумар, цинги ГIусман, цинги ГIали, цинги хутIарал, ай Алжаналъул рохел бицарал асхIабзаби - ТIалхIат, Зубайир, ГIабдурахIман, СагIид, АбугIубайдат, СагIду. Цинги хириял Бадруялъул, хадур УхIудалъул, хадур БайгIат ризваналъул, цинги хутIарал асхIабзаби, хадур тIабигIинал, хадур мазгьабазул имамзаби хириял руго. АсхIабзабазда гьоркьорги бищун хириял Аварагасул ﷺ лъимал, агьлу-авладал ругилан абулеб буго гIалимзабаз. Щай абуни, Аварагасул ﷺ лъимал ккола гьесул чорхол цо бутIа.

(«ИтхIафул Мурид»)

 

 

 

ГӀадамал ругеб бакӀалда яги транспорталда жаниб лъида квер хъварабали мухӀканго лъалеб гьечӀони, какичури холищ?

Нагагьлъун какичури хванин абун щаклъи ккани, гьединал щаклъабаз какичури биххиялъе асар гьабуларо. Гьединлъидал, лъица квер хъварабали лъалеб гьечIони, какичури биххуларо. Амма гIадилав чиясул нугӀлъиялдалъун чIезабуни хъварай чIужугIадан йикIин, гьеб мехалъ какичури хвараблъун рикӀкӀуна.

Гьединго какичури холаро нагагьлъун чIужугIаданалда хъвани, амма щаклъи батани тӀомодайищ, расалдайищ яги малъаздайищ хъварабин абун.

(«ИгIанат ТIалибин»)

 

 

 

Паризаяб как гьоркьоб къотIизабизе кида бегьулеб?

Паризаяб ва суннатаб как гьоркьоб къотIизабиялъул хIукму батIи-батIияб буго. Щибго гIилла гьечIого паризаяб как гьоркьоб къотIизабизе хIарамаб буго. Амма боцIиялъе зарал ккеялда хӀинкъи гӀадаб гӀилла бугони, паризаяб как гьоркьоб къотӀизабизе бегьула. Как балев чиясда жиндиего яги цогидасе хӀинкъи бихьани, масала, бецав чиясдехун унеб борохь, гьеб мехалъ гьезда тӀадаб букӀуна как гьоркьоб къотӀизабизе. Амма суннатаб как бегьула щибго гIилла гьечIониги гьоркьоб къотIизабизе, гьедин гьабизе лъикIаб гьечIониги.

(«ТухIфатул МухIтаж», 3 бутIа)

 

 

 

 

Аллагьасе ﷻ букIине тIадаб сипат чан бугеб?

Аллагьасе букIине тIадаб къого сифат буго. Гьелги ккола:

  1. Ватизе тIалъи.
  2. Авал гьечIолъи.
  3. Ахир гьечIолъи.
  4. Сундаго релълъарав гьечIолъи.
  5. Сундего хIажалъунгутIи.
  6. Жив цогоявлъун вукIин.
  7. Сундаго хIалкIолъи.
  8. Кинабго жо бокьи.
  9. Кинабго жо лъай.
  10. ЧIаголъи.
  11. Кинабго рагIи.
  12. Кинабго бихьи.
  13. КIалъай.
  14. Сундаго хIалкIолевлъун вукIин.
  15. Кинабго бокьулевлъун вукIин.
  16. Кинабго лъалевлъун вукIин.
  17. Даимго чIагоявлъун вукIин.
  18. Кинабго рагIулевлъун вукIин.
  19. Кинабго бихьулевлъун вукIин.
  20. КIалъалевлъун вукIин.

Гьаб къоябго сипат ккола гIакълуялъги Къуръан-хIадисалъги ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рукIин тIад гьарурал сипатал.

 

 

 

Аллагьасе ﷻ рукIине рес гьечIел сипатал чан ругел?

Аллагьасе ﷻ рукIине рес гьечIел сипатал къого руго. Гьелги ккола:

  1. ВатунгутIи (гьечIолъи).
  2. Жиндие авал (байбихьи) букIин.
  3. Жиндие ахир букIин (паналъи).
  4. Сундехун бугониги релълъенлъи гьаби.
  5. Сунде бугониги хIажалъи.
  6. Цогояв гурев вукIин (чангояв).
  7. Сунда бугониги хIалкIунгутIи.
  8. Щиб бугониги жо бокьунгутIи.
  9. Щиб бугониги жо лъангутIи.
  10. ЧIагояв гьечIолъи.
  11. ГIинкълъи.
  12. Бецлъи.
  13. КIалъангутIи.
  14. Сунда бугониги хIалкIоларевлъун вукIин.
  15. Жинда хIал гьабулевлъун, бокьуларевлъун вукIин.
  16. Щиб бугониги жо лъаларевлъун вукIин.
  17. ЧIагояв гуревлъун вукIин.
  18. Щиб бугониги рагIуларевлъун вукIин.
  19. Щиб бугониги бихьуларевлъун вукIин.
  20. КIалъаларевлъун вукIин.

Гьал къоялго сипаталги ккола гIакълуялъги шаргIалъги Аллагьасе ﷻ рукIине нахъчIварал, рукIине ресго гьечIел сипатал. Гьездаса ТIадегIанав Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, гьел БетIергьанасе ﷻ батIулалги руго.

Жеги буго цо сипат Аллагьасе ﷻ дурусаб, Жиндие ﷻ гьабизе бокьараб гьаби, бокьичIеб гьабунгутIи.

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


ХIалалаб бетIербахъи

Щивав бусурбанчиясе хӀажатаб жо ккола хӀалалаб хайир ва хӀалалаб ризкъи тIалаб гьаби. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, гьал гIадамал! Нужеца гьаб дунялалда ругел нигIматаздасан кванай, гьел нигIматал руго нужее хIалалаллъун, нужер чурхдузе ва гIакълуялъе зарал...


Руччабазул мактаб

ДРялъул муфтияталъул лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан ХIажиева Умагьани щвана Унсоколо росулъ бугеб руччабазул мактабалде. Гьенир цӀалулел руго батӀи-батӀиял ригьазул руччаби. Гьениб гара-чIвари гьабуна цӀалдохъабазулгун, школалъул мугIалимзабазулгун, бицана росдал школалъул лъималазул...


Мехтарасулгун ккараб

ГIалимзабазул, шагIирзабазул, цIар рагIарал чагIазул шагьар - Багъдад. КIудияв шайих, жиндир заманалъул къутIбу ГIабдулкъадир Жилани вукIана жиндирго муридзабигун шагьаралъул рагIалдасан гIадатияб къагIидаялда свери бахъизе къватIиве вахъун. Жинда сверухъ ракIараразда гьес кидаго малъулаан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ХIинкъаби кьолел руго   Дир росас гьоркьоса къотIичIого хIинкъаби кьолел руго ратIалъизе ругинги абун. Гьев нахъе къаларо лъималазда цеве дун какизеги. Гьес гIемер абула дун эбел-инсухъе йитIизе йигин «цIидасан тарбия кьезе». Дун свакан йиго гьесул къул-къудиялдаса. Росасул...


Черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал

ГӀадамазда гьоркьоб рагӀул гуреб бухьеналъул бищунго кӀвар бугел формабазул цояблъун рикӀкӀуна черхалъул мацӀ. Багъа-бачариялдалъун, гьурмада бугеб мимикаялдалъун ва ишарабаздалъун гӀадамаз рагӀаби гьечӀого загьир гьаризе бегьула жидерго пикраби ва рекӀел хӀал. Черхалъул мацӀалдалъун баянлъулел,...