Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Унтарасухъе зиярат гьабиялъул адабал лъазе рокьилаан?

Унтарасухъе зиярат гьаби цIакъ беццараб, кири щолеб пиша букIиналда гIалимзаби тIад рекъана. Гьелъие далиллъунги чIола унтаразде зиярат гьабейин абун амру гьабураб аварагасул ﷺ хIадис.

Унтарав гIагарасухъе ва ялъуни мадугьаласухъе зиярат гьабизе лъикIаб буго капурзаби гьел ратаниги. Гьединго тушман ватанигицин унтарасухъе ине лъикIаб буго. Ваккизе иналъ тушманлъи къотIизабун, лъикIаб гьоркьоблъи гьабиялде тIоритIел гьабула. Унтарав, лъаларев чи вугонигицин,  ваккизе ине лъикIаб буго.

Амма ваккизе иналдалъун унтарасда захIмалъи бихьулеб бугони, зиярат гьабизе лъикIаб гьечIо. Унтарасухъе ина лъелго ва халатаб нухдасан, нахъе вачIунаго къокъаб нух тIаса бищила.

Унтарасухъ гIемераб заман бачIого нахъе ина, амма унтарасе бокьани, чIезе лъикIаб буго.

Гьединго лъикIаб буго сахлъиялде дагьабниги хьул бугони, сахлъи кьегиян унтарасе 7 нухалъ гьаб дугIа гьабизеги: «ТIадегIанав Аллагьасда, ГIаршалъул БетIергьанасда гьарула мун сах гьавеян», - абун.

Сахлъиялде хьул гьечIони, тавбуялде ва васият хъваялде унтарав берцинаб хIалалъ кантIизавила.

(«Ал-Мингьаж шархI СахIихIул Бухари», «Башрал Карим», «ХIашияту ИгIанату ТIалибин»)

 

 

Эменги сапаралда вукIун цогидав чи гьес вакил гьавун вугони, имамасул ихтияр

букIунищ гьесул яс рукъалде кьезе?

 

Инсуца вакил гьавурав чи гьенив вугони, имамасул ихтияр букIунаро гьей яс рукъалде жинцаго кьезе.

Эмен яги гьес вакил гьавурав чи рикIкIад вугони (81 километралдасаги цIикIкIун манзилалъ), яс рукъалде кьеялъул кверщел гьей йигей бакIалъул имамасухъе уна.

Гьединго яс рукъалде кьеялъул кверщел имамасухъе уна, магьари лъолеб бакIалда инсулгун хурхен гьабизе кIолеб гьечIони. Масала, гьев туснахъалда вукIун ва гьес вакил гьавурав чи гьеб бакIалда гьечIони.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Тавбуялъул абун балеб как бугищ?

Гьеб ккола кIиго ракагIаталъул суннатаб как. Гьебги базе лъикIаб буго тавбу гьабилалде цебе, гIисиналгун чIахIиял абун мунагьазухъ балагьичIого. Гьединаб как базе суннатаб букIиналъе гIалимзабаз хIужалъун бачун буго аварагас ﷺ абураб: «Аллагьасул ﷻ лагъзадерил цонигияз мунагьалде кколеб жо гьабуни, какиеги чурун, кIиго ракагIат какги бан, БетIергьанасда ﷻ тIаса лъугьин гьарани, Гьев ﷻ тIаса лъугьине рес буго», - ян (Тирмизи).

Гьединго суннатаб буго тавбу гьабун хадубги кIиго ракагIатаб как базе.

Тавбуялъул как балелъул цIализе чIезарурал сураби ва аятал гьечIо. Амма лъикIаллъун рихьизарун руго тIоцебесеб ракагIаталда суратул «Кафирун», кIиабилелда «Ихлас» (къулгьу) цIализе. Ялъуни тIоцебесеб ракагIаталда:

وَٱلَّذِينَ إِذَا فَعَلُوا فَـٰحِشَةً أَو ظَلَمُوا أَنفُسَهُم ذَكَرُوا ٱللَّهَ فَٱستَغفَرُوا لِذُنُوبِهِم وَمَن يَغفِرُ ٱلذُّنُوبَ إِلَّا ٱللَّهُ...

 

(МагIна): «Гьединго Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарал гIадамал руго, жидеца цо квешаб гIамал гьабурал ва гьелдалъун напс мунагьалде ккараб мехалъ жидеда Аллагь ﷻ ракIалде щолел ва тавбу гьабун Гьев ﷻ тIаса лъугьин тIалаб гьабулел. Жив тIаса лъугьунев ва мунагьал чурулев Аллагь ﷻ гурев цоги щивго гьечIо…», - абураб аят (сура «Алу-ГIимран», 135 аят). КIиабилеб ракагIаталъулъ: «

وَمَن يَعمَل سُوءًا أَو يَظلِم نَفسَه ثُمَّ يَستَغفِرِ ٱللَّهَ يَجِدِ ٱللَّهَ غَفُورا رَّحِيما.

 

(МагIна): «Щив чи вугониги жиндаса цо квешаб гIамал лъугьарав яги напсалда зулму гьабун (мунагьалде кколеб гIамал гьабиялдалъун) цинги Аллагьасда ﷻ гьелда тIаса лъугьин гьарун, гьесда Аллагь ﷻ ватила гурхIулевлъун, мунагьал чурулевлъун», - абураб аят (сурату «ан-Нисаъ», 110 аят).

Гьеб какие ният гьабила гьадин: «Дица ният гьабуна тавбу гьабиялъул кIиго ракагIатаб суннат как базе», - абун.

(«Аснал матIалиб», ХIашияту ширвани», «Миркъатул мафатихI»)

 

 

 

 

Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIизе бегьулищ?

Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIи ккола кIудиял мунагьазул цояб, кигIан кIудиял мунагьал гьарурав чиясулги хьул къотIизе бегьуларо. Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса нужер хьул къотIуге, Гьесул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIуларо капураб къавмалъул гурони», - ян абураб (сура «Юсуф», 87 аят). Жеги буго: «Жидеца напсазда зулму гьабурал (мунагьал гьариялдалъун) Дир ﷻ лагъзадерида абе МухIаммад ﷺ, нужер Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIугеян, Аллагьас ﷻ киналго мунагьал чурула, Гьев ﷻ вуго гурхIулев, мунагьал чурулев», - (сура «аз-Зумар», 53 аят).

Имам КъуртIубияс хъвалеб буго, пуланал мажусиязе бокьун букIун бугин Ислам къабул гьабизе. Амма гьел хIинкъун рукIун ругин жидеца хъанчие гьабулеб букIараб лагълъи, чи чIвай, зина гьаби гIадал мунагьал тIаса лъугьун теларин абураб жоялда. Гьеб мехалъ рещтIараб букIанин гьаб аят абун.

 

 

Къуръаналъул игIзаж нахъчIвалев чи исламалдаса вахъун кколищ?

ИгIжаз ккола Къуръан гIадинаб жо гIуцIизе хIалкIунгутIи, хIатта гьелъул бищун гьитIинаб аятцин. Къуръан ккола мугIжизат, Аллагьас ﷻ рещтIинабураб, аварагасул ﷺ авараглъиги чIезабун.

Гьединлъидал гьелъул игIзаж нахъчIвалев чи исламалдаса вахъун ккола. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Дуца абе, МухIаммад, киналниги гIадамал ва жинал данделъаниги Къуръан гIадаб жо гIуцIизе гьезда хIалкIоларин, цоцазе кумек гьабуниги», - ян. (Сура «Исра», аят 88).

(«Мугънил МухIтаж», «ИгIанатул ТIалибин»)

 

Рогьалил как бецIун балеб мехалъ Къунут (магьдина) цIализе суннатаб бугищ?

Имам Нававияс жиндирго «Фатава» абураб тIехьалда хъвалеб буго суннатлъулин абун.

(«Фатава Имаму Навави»)

 

 

Лъимаде йигей гIаданалъе тохтурас яхъун чIун как базе гьукъани, гIодой чIун базе ихтияр бугищ?

Гьединай гIаданалъе тохтурас гьукъани яхъун чIун как базе, ай лъимадуе хIинкъи букIунин абун, гьелъул ихтияр буго гIодойги чIун как базе. Щайгурелъул, гьабизесеб лъимадуе зарал гьабизе хIарамлъула.

(«ХIашияту Жамал»)

 

 

ГIужбу гьабулев чиясе щиб мунагь бугеб?

ГIужбу ккола чIахIиял мунагьазул цояб. Гьеб ккола рекIел унти. ГIужбу ккола инсанасда жиндилъго бугеб гIелму, гIакълу, нигIмат, кинаб бугониги камиллъи жиндирго гьунарлъун бихьи, гьеб Аллагьас кьураб нигIмат букIинги кIочон, бокьараб мехалъ Аллагьас ﷻ нахъе босизе рес букIиналъул пикруги гьабичIого. Къокъго абуни, гIужбу ккола жиндилъго бугеб жиндирабин ккун, гьелдаса вохун, живго жиндаго кIодолъун вихьи. Гьелде тIадеги, жив Аллагьасда ﷻ аскIов къимат-къадруялдаги вугин ракIалда ккей.  Амма гьеб буго живго жинцаго гукки. Гьелдаса ракI бацIцIад гьабизе ккола.

(«Рисалатул Къушайри»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...