Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

  Суал-жаваб

Суал-жаваб

Закат лъие кьуни щолеб?

Закат кьун щолел, гьеб мустахIикъал чагIазул тайпаби тIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсон руго: «Садакъа, ай закат буго пакъирзабазе, мискинзабазе, гьелъул хIалтIи гьабулел, гьелда тIад таразе, гьанжего гьанже ислам босарал, жеги диналъулъ загIипал, тIаде жоги къотIун риччарал лагъзал, налъукье ккарал, Аллагьасул ﷻ нухда, ай жигьадалда ругел, сапаралда вугев чиясеги Аллагьасул ﷻ рахъалдаса парзлъун бихьизабураб буго, Аллагьги ﷻ жиндир халкъ лъалев ва Жинца ﷻ гьабулеб жоялъулъ хIикмат бугев вуго».

( Сура «Тавбат» аят 60).

 

 

 

Даран гьабулев чияс гьелдаса, закат хIисабалда, бичулеб къайи бахъизе бегьулищ?

Имам ШафигIил мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, даран гьабулев чияс гьелдаса закаталъе бахъизе ккола гьеб къайиялъул къимат, ай гIарац. АбухIанифа имамасул мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, жибго бичулеб къайи бахъизе бегьула.

(«Фатава Ибнизияд» ва «ШархIул мафруз»)

 

 

 

Закат бахъулелъул ният кин гьабилеб?

Гьелъие ният гьабизе тIадаб буго суннатаб садакъаялдаса, кафараталдаса ва цогидал  паризаял садакъабаздаса батIа бахъизе лъазе. Цогидал гIамалазего гIадин закаталъеги нияталдалъун халгьабулеб ракI буго, гьединлъидал мустахIикъав чиясухъе кьолаго ният ракIалдасан гьабила.  Ният гьабила: «Гьаб дир боцIиялъул паризаяб закат буго»,  яги «Дир боцIиялъул паризаяб садакъа буго»,  ялъуни «Гьаб дир боцIиялдасан жиб парзлъун гьабураб закат буго»,  ялъуни «Паризаяб яги тIадаб садакъа буго», - ян  абила.

(«МугIтамад»,  2 бутIа,127 гьум).

 

 

 

ГIинзунир къазарулел наушникал ялъуни гьанже ругел вакуумниял наушникал раялдалъун кIал

биххулищ?

Гвангвараялъул ракьаялдаса жанирехун унел ратичIелдаса нахъе наушникал раялдалъун кIал биххуларо. Гьединлъидал наушникал ралаго гьеб ракьа бахинаредухъ цIакъ цIодорго рукIине ккола. Аллагьасда ﷺ лъикI лъала.

(«Ал-Фатава Ал-Кубра Ал-Фикъгьия»)

 

 

 

ГIидалъул къо бачIинегIан чIечIого, кIалбиччаялъул закат бахъизе бегьулищ?

Рамазан моцIалъул авалалдасаго кIалбиччаялъул закат бахъизе бегьула. Суннатаб буго гIидалъул къоялъ бахъизе тани. Жеги суннатаб буго гIидалъул как базегIан цебе бахъанани. ЛъикIаб буго гIидалъул какалдаса гьеб нахъбахъичIого тезе, хIатта гьедин тезе карагьатабцин буго. Амма какалдаса нахъбахъулеб бугони гIагарав чи яги мадугьал вачIунев вукIун, гьезие гIоло тезе суннатаб буго, бакъ тIерхьинчIебгIан заманалъ. ГIузруги гьечIого гIидалъул къоялдаса гьеб нахъе бахъизе хIарамаб буго. Гьелдалъун чи мунагьалде ккола ва хех гьабун гьесда гьеб бецIизеги тIалъула.

(«ХIаваши Ширвани», бутIа 4, гьум. 381, «ИгIанатул тIалибин», бутIа 2, гьум. 342)

 

 

 

ЛагIунилан кIал биххулищ?

ЛагIи бачIинабиялдалъун биххула. Жибго лагIизе бачIани биххуларо, гьелъул асар къватIисеб рахъалдеги щун нилъер ихтияралдалъун гуреб жибго жанибе аниги биххуларо.

 Абу-Давудица бицараб хIадисалда буго: «Жинда тIад лагIи бергьарасда кIал бецIи гьечIо», - ян.

 («ИгIанатул ТIалибин», 2 бутIа, гьум. 442)

 

 

 

Чвердеялъ кIал биххулищ?

Паризаяб черх чуризе ккун, лъелъ вукъичIого чвердолесул магIазул къалазухъе ялъуни гIинзунибе лъим ани, кIал биххуларо. Амма суннатаб ялъуни гьогьомизелъун чвердолаго ани, биххула. Паризаяб черх чури бугониги лъелъ вукъун чвердолев вугони, гIинзунибе яги ургьибе лъимги ани, кIал биххула, гьедин чвердезе кIал ккураб мехалъ карагьатаб букIиналъе гIоло.

 («ИгIанату ТIалибин», 2 бутIа, 453 гьум)

 

 

 

КIалбиччаялъул сахI лъица бахъизе кколеб?

КIалбиччаялъул сахI тIалъула бусурбанав, гьеб бахъизе рес бугев, рамазаналъул ахиралдаги шавалалъул авалалдаги чIаго вукIарав чиясда. Рамазаналъул ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьун лъугIилалде хварав чиясдасаги, гьеб къоялъул бакъ тIерхьун хадуб гьабураб лъимадасаги закат бахъизе кколаро.

Гьединго, закат бахъизе ккола жинца хьихьизе кколел чагIаздасанги. Мисалалъе, чIужу, гIисинал лъимал ва херал, унтарал, жидедаго магIишат гьабун бажаруларел эбел-эмен. Гьездасан закат бахъизе ккани, гьев гьезул изнуялде хIажалъуларо.

(«ТухIфатул мухIтаж» ва «ХIаваши щирваний»)

 

 

 

ХутIарал кIалаздаса муд бахъулеб бугони, кин гьабизе кколеб?

Рамазан моцIалъ биччараб кIал бецIизе ккола нахъбахъичIого. ГIузруги букIун хутIараб бугони, гьеб тIаса индал бецIизе ккола. Амма тIасияб рамазан бачIинегIан гьеб кIал бецIун батичIони, халгьабизе ккола чан соналъ цебе гьеб хутIарабали. Мисалалъе босун, чиясул лъабго соналъ цебе анцIго кIал борчIун бугони, тIоцебесеб иргаялда, гьел рецIизе ккола. Хадуб щибаб кIал бецIичIого араб сон рикIкIун цо-цо мудги кьезе ккола. Мисалалъе, гъоркьиса биччараб анцIго кIал исана Рамазан моцI щвезегIан бецIичIони, гьелъухъ анцIго муд бахъизе ккола. КIиго соналъ цебе биччан батани анцIго кIал ва гьел исана Рамазан моцI щвезегIан рецIун ратичIони, гьезухъ кьезе ккола къого муд, ай щибаб кIал бецIичIого араб сон рикIкIун щибаб кIалалъухъ цо-цо муд.

(«ИгIанату ТIалибин»)

 

 

 

Дица   цIар   тIамурай    чIужугIаданалдаса кIал биччаялъул закат бахъизе кколищ?

Жинца нафакъа кьезе тIалъарал чагIаздаса закат бахъизе тIалъула. ЧIужу йикIа гьей, яги гIагарал чагIи рукIа жинца хьихьизе кколел. Гьездаго гьоркьоса ккола жиндир гIидда лъугIичIей, цIар тIамурай чIужугIадан, ай гIидалъул къо бачIинегIан. Гьединго тIалъула закат бахъизе лъабго цIар тIамурай лъимаде йигей чIужугIаданалдасаги.

(«ИгIанатул тIалибин», 2 бутIа, гьум. 332)

 

 

 

КIал ккун вукIаго хIижама гьабизе бегьулищ?

КIал ккурав чиясе хIижама ва би биччай гьабизе бегьула, амма карагьатаб буго. Аварагас  асхIабзаби нахъчIван руго кIал ккун рукIаго хIижама ва висал (биччачIого тIатIала кIиго яги цIикIкIун кIал кквей) гьабиялдаса, гьезда гурхIун. КIал ккун букIаго хIижама гьабидал чорхол къуват дагьлъулелъул, къуват дагьлъиялдалъун гIибадат гьабиги загIиплъулелъул. Кинниги хIижама гьабиялъ кIал биххуларо. Щайгурелъул, Аварагасги кIал ккун вукIаго хIижама гьабуна.

(«МугIтамад»)

 

 

Укол гьабуни кIал биххулищ?

КIал биххизабиялъул шартI буго рагьараб тIабигIияб каратIалда жанибе жо ин. Бидурихьалда ва ччобориялда укол гьаби гьечIо кIал биххизабулеблъун. Щайгурелъул бидурихь ва ччобори рагьараб, тIабигIияб каратIлъун гьечIо.

(«МугIтамад», 2 бутIа, гьум. 182)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...