Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Дун сапаралъ вахъун вукIана. Къалъул какде бакъанилабги босун, къокъ гьарун гьелги ран рукIана. Амма цо заманалдаса дун нахъвуссине ккана. Гьединлъидал лъазе бокьун буго гьел какал цIидасан разе кколищали?

Чи сапаралъ вахъун вугони, как къокъ гьабизе яги цояб цогидалде тIаде босизе ккани гьесул сапар букIине ккола 81 километралдаса къокъаб гьечIеб. Сапаралъ унебгIан заманалъ чияс как къокъ гьабун яги цояб цогидалде тIаде босун бан бугони, цинги унеб бакIалде щвезегIан сапар къотIун ккун тIадвуссине ккани, цебе рехсараб хIалалъ рарал какал тIурараллъун рукIуна.

Мисалалъе, боголил как маркIачIулалде босун, сапаралда вугебгIан заманалъ гьел рани, гьелдаса хадуб кинаб бугониги гIилла ккун нахъвуссине ккани, гьесда боголил как цIидасан базе тIалъуларо, гьелъул гIуж жеги щун батичIониги. МаркIачIулаб боголиде босун бугони, цинги боголил какил гIуж щвезегIан сапарги къотIизабизе ккани, щибаб жинди-жиндир заманалда рала. Амма боголил какил гIуж щун хадуб сапар къотIизабизе ккани, какалги ран ратичIони, маркIачIулаб бецIун ният гьабун базе ккола, гьелъулъ щибго мунагьги букIунаро. («Мингьажу ТIалибин»)

Магьари лъолелъул кьураб месед-гIарацалдаса закат бахъизе кколищ?

Закат тIалъулеб месед-гIарацалда гъорлъа бахъун буго чIужугIаданалъ берцинлъиялъе (тIад бан) хIалтIизабулеб гIарац-месед. Жабир асхIабас аварагасдасан бицараб хIадисалда буго: «Закат гьечIо курхьен-баргъичалъулъ, кIилкIазулъ, халхалалъулъ (украшение)», - абун (Байгьакъи). «Аль-Ум» абураб тIехьалда имам ШафигIияс хъвалеб буго цо чияс Жабир ибну ГIабдуллагьида курхьеналдаса закат бахъизе кколищин цIехедал, Жабирица гьесие жаваб гьабун бугин кколарин абун.

Имам Маликицаги «Аль-МуватIаъ» абураб тIехьалда рехсон буго: «ГIаишатица жиндир вацасул ясал курхьеназ берцин гьарун къачIалаан ва гьел курхьеназдаса закатги бахъулароан. ГIабдуллагь ибну ГIумарицаги жиндир ясаздагун гъаравашазда курхьен балаан, гьелдаса закатги бахъулароан», - абун. Руччабазул курхьеназдаго релълъун буго бихьинчиясул гIарцул баргъичги, гьелдасаги закат бахъуларо. («Фикъгьул мангьаж»)

РатIлида бахун батана нажаслъи, мухIканго лъазе кIвечIо кида бахарабалиги, щаклъи буго как бараб мехалъги гьеб тIад букIун батилин абун. Щиб гьабилеб?

РатIлиде нажаслъи щун батани, гьеб кида щварабали лъалебги гьечIони, рецIизе ккола нажаслъи щвезе рес бугелдаса заман халгьабун рарал какал. МухIканго лъалеб гьечIо, амма щаклъи буго как бан хадуб гурони нажаслъи щун батиларин абун. Гьеб мехалъ бецIизе тIадаб букIунаро, щаклъи иналъе рецIизе бегьула. Нажаслъи щвезе рес бугони батIи-батIияб заманалъ, мисалалъе, кIиго батIияб заманалъ гIачи-бачал ругеб бакIалде щолев вукIун, гьеб мехалъ хIукму гьабун тезе бегьула кIиабилеб нухалъ щун батилин абун ва рецIила гьелдаса хадур рарал какал. ТIоцебесеб нухалъ щун батилин абун щаклъи къотIулеб гьечIони, мухIканлъи халгьабун рецIила. («Нигьаятул мухIтаж»)

Тасаввуфалъ исламалда щиб бакI кколеб?

Исламалъул имамзабаз, агьлу-суннат валжамагIаталъул гIалимзабаз абулеб буго тасаввуф гIелму исламалъе рухI гIадаб жо бугин. Тасаввуф (ихIсан) цадахъ гьечIони, иманги исламги камиллъуларо, гьезул хIакъикъаталдеги инсан щоларо. Дунялалдаго машгьурав гIалим МухIаммад СагIид Рамазан аль-БутIияс «Гьаза валиди», «Ассалафият», «Аль-хIикам альгIатIияталъул шар», «Фикъгьу сират» абурал тIахьазда хъвалеб буго: «ХIакъикъияб тасаввуф исламалъул жанисеб ракIги рухIги гIадаб жо ккола», - абун. («Гьаза валиди»).

ТIоцебе кинаб как базе кколеб, ай заман щварабищ яги бецIун балебищ?

ТIоцебе суннатаб буго, гIилла букIун бецIун балеб как базе, заман щвараб какдаса цебе гьелъул заман инчIебгIан мехалъ. РецIун ралел каказулги тартиб буго, ай кинаб гIиллаялдалъун биччарабали лъазе ккола: гIилла букIунищ яги гьечIогойищали. ГIилла букIун рецIун ралел какал тартибалда рекъон разе суннатаб буго. Масала, цин рогьалил как, хадуб къади ва хадуб цогидалги. ГIилла гьечIого рецIун ралел какал цере рала, гIилла букIун рецIулел каказдаса. («ТухIфатул МухIтаж»)

Тагьажудалъул как базе бегьулищ боголил как ахIизегIан кьижун ккани ва рогьалил как ахIизегIан ворчIани?

Тагьажуд ккола боголил как ахIун хадуб кьижун рахъиндал балеб как. Тагьажуд как баялъе шартI буго боголил какда хадуб бай ва дагьав кьижун хадубги. Кьижиялъул бицани, гьелда тIасан гIалимзабазул хилаф буго. Цояз абуна бакъ тIерхьун хадуб кьижани гIолин, цогидаз абуна шартI бугин боголил какдаса хадуб кьижи. Гьединлъидал боголил как ахIизегIан кьижарасе рогьалил как ахIилалде тIаде вахъарасе бегьула тагьажуд базе. БецIцIун яги суннатаб как балеб бугони боголил какда хадуб, масала витру гIадинаб, гьебги рикIкIуна тагьажуд хIисабалда. («ТIухIфатул МухIтаж»)

Мажгиталъув вукIаго вегун ялъуни къадада ваччун кьижизе бегьулищ?

Мажгиталъур кьижизе шаргIалъ гьукъун гьечIо. Амма жунублъун вугони, ялъуни гьенир как балезе гIанкъари гьабун квалквал гьабулеб бугони, кьижизе хIарамаб буго. Гьединго мажгиталъул къадада раччун бокьараб хIалалъ гIодовчIун, хьибилалда, ялъуни мугъзада вегун, хIатIал ритIизарун, ай бокьараб куцалъ гIодор чIезе бегьула. «МажмугI» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Мажгиталъув игIтикафалда вугев чиясе кьижизе, хьолбода вегизе ва хIатIал эхе риччазе бегьула. Щайин абуни, цоги чиясе гьедин гьабизе бегьизабун бугелъул, гьесие бегьиги цIикIун рекъараб буго», - ян. Хадубги хъвалеб буго: «Гьелда релъараб рехсон бугин «СахIихIул Бухари» ва «Муслималда», аварагас гьедин гьабулеб букIанинги абун». («ТухIфатул мухIтаж», «ХIашияту ашШирвани» «МажмугI»).

Какилъ вахъун чIарав чиясе цо-цо лахIзаталъ вуцIцIун чIезе суннатал бакIал щал кколел?

Гьединал бакIал щуго руго. Как бухьиналъул «Аллагьу акбаралдаги» «Важжагьтуялдаги» гьоркьоб «Важжагьтуялда» ва «АгIузуялда» гьоркьобги, «АгIузуялдаги» «Бисмиллаялда» гьоркьобги, «АлхIамалдаги» «Амин» абиялда гьоркьобги, «Амин» абиялдаги сурат цIалиялда гьоркьобги, сурат цIалиялдаги рукугI гьабиялда гьоркьобги.

Магьдинаялъул ахиралда щиб цIалулеб?

Магьдинаялъул ахиралда МухIаммад аварагасде салаватги битIун, «Раббигъфир вархIам ва анта хайру ррахIимин» абула. МагIна: «Я, дир БетIергьан, дуца мунагьалги чуре, Мунги гурхIа, Мун гурхIулезулги бищун лъикIав вуго». Магьдинаялъул ахиралда имамас салават битIулаго хадуб как балесги цадахъ салават битIила, ахиралда «Аминиланги» абила.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...