Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон
Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

ХIелеко бугеб бакIалде шайтIан бачIунарин абураб жо уяб бугищ?
Рокъоб хIелеко хьихьизе суннатаб буго, хасго хъахIаб. Аварагас ﷺ абун буго: «ХIелеко хIинчI буго, диеги ЖабрагIил малаикасеги бокьулеб. ШайтIаналдаса хIелкица хважаинасулги мадугьалихъ ругел 16 чиясулги рукъзалги цIунула», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагьасе ﷻ бокьула лъабго жоялъул гьаракь: хIелкил, Къуръан цIалулесул ва рогьиналде цебе тавбу гьабулесул», - ан.
(«ФатхIул гIалам») ЛъикIаб буго хIелеко гIегIедулеб рагIидал дугIа гьабун БетIергьанасде ﷻ руссине. Щайин абуни, гьеб буго хIелкида малаик вихьараб мех, малаикзабаз «Амин» абиялдалъун гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабула. ХIадисалда буго: «ХIелеко гIегIедулеб рагIидал нужеца Аллагьасда ﷻ цIоб гьарун дугIа гьабе, щайин абуни гьеб буго хIелкида малаик вихьараб заман. ХIама гьагIдолеб рагIидал шайтIаналдаса цIуни гьарун русса Аллагьасде , ﷻ гьеб буго буго гьелда шайтIан бихьараб мех», - ан («СахIихIул Бухари»).
Бихьиназе бегьулищ хварай гьитIинай яс яги руччабазе бегьулищ хварав гьитIинав вас чуризе?
ГьитIинаб лъимер чуризе бегьула бихьинчиясеги чIужугIаданалъеги, ай сахал ва гIакълу бугел ратани. Чурулел чагIазе бегьуларо гIицIаб квералъ гьезул гIавраталда хъвазе, гьединго гьезухъ балагьизеги бегьуларо. Гьаб хIукму бачIунаро эбел-инсуе ва лъимер хьихьун йикIарай гIаданалъе. («ТIухIфатул МухIтаж», «ХIашиятул Жамал»)
Хварас васият билълъанхъизабизе тарасе бегьулищ хIеж яги гIумра гьесдасан гьабизе чи кквезе ирсилазул ихтияр гьечIого?

Гьесул ихтияр гьечIо гьеб гьабизе хварас васияталда хъван букIун батичIони ва бихьизабураб гьелъие харжги течIони. Ирсилаз ихтияр кьуни, васият билълъанхъизабулесе бегьула хварасдасан хIеж ва гIумра гьабизе чи кквезе, тIадехун рехсарал шурутIал гьечIониги. («Фатавал Фикъгьиял Кубра»)
Жаназаялъул как балелъул, жаназаялъул кинаб рахъалда вахъун чIезе бихьизабун бугеб?
Хварасдаса жаназаялъул как бай буго парзул кифаят (киназдаго тIадаб, амма цо чияс бани цогидаз бангутIиялъул мунагьалдаса рахъун кколеб). Жаназадул как балаго кин чIелелин абуни, хварав бихьинчи ватани, имам (яги жинцаго как балев) эхетизе бихьизабун буго гьесул бетIералда аскIов. Цо-цо гIалимзабаз абула, гьеб заманалда хварасул бетIер букIине кколин как балесул квегIаб рахъалдаса, хIатIал кваранаб рахъалда.
Цо-цо гIалимзаби руго гIаксалда лъелин абуралги (бетIер - кваранаб рахъалда, хIатIал - квегIаб рахъалда). ЧIужугIаданалъул жаназа бугони, къаркъалаялъул бакьулъ бакIалда эхетила, гьелъул бетIер имамасул кваранаб рахъалде, хIатIал - квегIаб рахъалде ккезарун. Амма гьадинаб къагIидаялда жаназаялъул как балелъул чIезе тIадаб гьечIо, жаназаги цебе лъун, бокьараб хIалалда рахъун чIун баниги как тIубала. («МугIтамад»)
МухIаммад абураб цIар лъезе назру гьабун букIун батани, инсул ихтияр бугищ цогидаб цIар лъезе ва хисизе?

Гьесул ихтияр гьечIо назру хвезабизе ва гьеб тIубазабизе ккола. Щайин абуни, гьеб цIар лъезе лъикIаб букIун. Гьединабго хIукму буго цогидал лъикIал цIаразулги. («ШархI аш-Шабрамаллиси»)
Какичурулаго кIал ва магIазукъалал хули гьабулелъул цо босараб лъецайищ гьабулеб яги лъабго батIабатIайиса босаралъищ?
Мазмазат ва истиншакъ буго какичури гьабулелъул гьабизе суннатал жал. Суннатги хIасуллъула гьеб кIиялдаго гьоркьоб батIалъи лъугьунедухъ, цин лъабго нухалъ кIал хулун, цинги магIазукъалал лъабго нухалъ хулиялдалъун. Бегьула цо босараб лъеца кIиябго цадахъ хулизеги, гьедин гьаби хириябги буго. ГIабдуллагь ибну Зайдидасан бицараб хIадисалда буго: «Мазмазат, истиншакъ гьабун кIал ва магIазукъалал хулила лъабго нухалъ хъат цIун босараб лъеца», - ян (Бухари). ХIадисалда буго: «Какичури гьабулелъул нужер цонигияв гьечIо жинца мазмазат ва истиншакъ гьабулаго магIазукъалал ва кIал хулун, гьеб лъеда цадахъ жиндир мунагьал гIодоре гъун гурони», - ян (Муслим).
Рамазан моцIалъ кIал кквезелъун щибаб къоялъ ният гьабизе тIадаб бугищ ва тIубараб моцIалъе ният гьабун тIубалищ? Цогидал мазгьабазулъ гьеб суалалъе бигьалъи бугищ?
ШафигIияб мазгьабалда тIубараб моцIалъе гьабураб нияталъ рамазаналъул тIоцебесеб кIалалъе гIей гьабула, ай кIиабилеб кIалалъе цIидасан ният гьабизе ккола. Амма имам Маликил мазгьабалда тIубараб моцIрое ният гьабиялъ гIей гьабула ва щибаб къойил ният гьабизеги кколаро. АбухIанифал мазгьабалда паризаяб кIалалъе кIал ккураб къоялъул къо бащалъизегIан ихияр букIуна ният гьабизе.
Гьебги буго кIал биххулел пишаби гьес гьарун ратичIони. Ибну ХIажарица «ТухIфатул МухIтажалда» хъвалеб буго: «Рамазан моцIалъул, кафараталъул, назруялъул ва имамас цIад гьариялде цебе кквей абураб кIалазул ният гьабизе къаси, ай бакъ тIерхьудасан байбихьун рогьалил гIуж щвезегIан. Гьеб ниятги щибаб къоялъ къаси цIигьабизе ккола. Щайгурелъул, щибаб къоялъул кIал цебесеб къоялде хурхинчIеб, жибго жиндаго чIараб гIибадат кколелъул.
Маликил мазгьабалъул гIалимчи имам Дардирица «АщархIул Кубра» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Рамазан моцIалъ цоцада хадур кколел киналниги кIалазе цо ният гьабиялъ гIей гьабула. Гьебго хIукму буго цоцада хадур кколел назруялъул кIалазулги. Щайгурелъул цоцада хадур хурхун рачIунел кIалал цо гIибадаталда релълъуна. Гьеб цоцада хадуб бачIина бугеб тартибги хвезабизе бегьуларо, гьелъие цо ният гьабун букIингун цадахъ», - илан. Гьеб суалалда тIасан ХIанафил мазгьабалъул гIалимчи ибн ГIабидиница «ХIашияту ибн ГIабидин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «МаркIачIул гIуж щваралдаса къо бащалъизегIан (гIага-шагарго 11 тIубалеб гIуж) гьабураб нияталдалъун рамазан моцIалъул кIал рикIкIуна», - ян.
КIал кквеялъул камилаб ният гьабулеб куц лъазе бокьилаан?

КIал кквеялъе камилаб куцалъ ният гьабизе бокьарав чияс ният гьабила гьадин: «Дица ният гьабуна метер кIал кквезе гьаб соналъул рамазан моцIалдаса фаризаяб тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе». Рамазан моцIалъул кIал бецIун кколес ният гьабила: «Дица ният гьабуна метер кIал кквезе рамазан моцIалъул бецIун ТIадегIанав Аллагьасе». Рамазан моцIалъул тIоцебесеб сордоялъ тIубараб моцIалъе ният гьабулес гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна имам Маликиде такълидги гьабун гьаб рамазан моцIалъул киналго къояз фаризаяб кIал кквезе тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе». Рамазан моцIалъул кIал кквезе къаси ният гьабизе кIочарас радал гьабулаго гьабила: «Дица ният гьабуна имам АбухIанифатиде такълидги гьабун жакъа кIал кквезе гьаб соналъул рамазан моцIалдасан фаризаяб тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе».