Суал-жаваб
МагIарухъ цIад балеб мехалда, гонгидаса чвахараб лъим данде гьабула ва рокъоб къваригIаралъе хIалтIизабула. ТIохда хIанчIазул рак камуларелъул, лъазе бокьилаан гьединаб лъим черх чуриялъе, какичуриялъе хIалтIизабизе бегьулищали?
ШафигIил мазгьабалъул машгьурав гIалимчиясул «ХIашиятул Къалюби ва ГIумайра» абураб тIехьалда хъван буго: «Лъелъе бортараб хIанчIазул ракалдаса гIафву гьабула, гьеб рак лъелъ чвердолареб хIинчIалъул батаниги», - ян.
ПалхIасил, дагьа-макъаб хIанчIазул рак жубараб лъеца какичури гьабизе бегьулеб мехалъ, батилин абун гурони, жубараб-жубачIеб лъалареб тIохдаса чвахараб лъим хIалтIизабизе бегьулеб буго.
(«ХIашиятул Къалюби ва ГIумайра»)
Дагьа-макъаб нажаслъи бачIани хварасда мусруялде, гьеб хисизе кколищ?
«ИгIанату ТIалибиналда» хъван буго: «Хварасдаса жаназалъул как базегIан цебе гьев вацIцIад гьавун чури шартI бугебго гIадин, чIагояс как бан бегьизе ккани, гьесул ретIелги, как тIад балеб жоги бацIцIадаб букIине ккеялда релълъун, хварасда хурханщинаб жоги бацIцIадаб букIине шартI буго. Гьединлъидал, хварасул къаркъалаялда яги тIад жемараб мусруялда, ялъуни жаназа тIад лъураб малиялъул гIагазда нажасаб жо хъван бугони, жаназаялъул как рикIкIунаро.
«Нигьаятул МухIтажалда» хъвалеб буго: «Хварасул жаназа чурун хадуб мусру жемизегIан яги жемун хадуб гьесда жаниса нажаслъи къватIибе бачIани яги тIаде бортани, тIаса инабизе ккола, цIидасан черх чури цIи гьабизе яги гьесул какичури гьабизе кколаро», - ян.
Нажаслъи букIине бегьулелъул хварасдаса кинабалиго гIузруялдалъун бачIунеб яги жаназа чурулесдаса бачIараб би, гьелъул хIакъалъулъ «Мангьажалда» хъван буго: «Хварасдаса бачIунеб би чуриялдалъун къотIинабизе рес кколеб гьечIони, кIвараб куцалда гьев чурани гIола, гьедин бан какги сахIихIлъула, гьевги чIаго вугев, жинда кIващ кквезе кIоларев чиясул хIукмуялда релълъинавула», - ян. «Цинги, кIващ кквезе кIоларесул хIукмуялда гьев релълъинавиялъ тIалаб гьабула, чурун хадуб заман ине течIого, би бачIунеб бакIалда квас-квас, чIартал гIадал жалги лъун, къартIизеги гьабун, хехго жаназаялъул как бай». «Кин бугониги, как базе жамагIат гIемер бачIиналъул гIадаб гуреб цоги гIиллаялдалъун как бай нахъбахъани, гьеб мехалъ нажаслъиги бачIани, квас-квас, чIартал лъей цIи гьабизе ккола».
ПалхIасил, жиндаса какилъ гIафву гьабулареб гIадаб нажаслъи тIаде бачIараб мусру хисизе кколаро, тIаса инабуни гIола.
Как балеб мехалъ зодоре ралагьизе бегьулищ?
Какилъ зодоре балагьизе карагьатаб буго. Какилъ гуреб бакIалда балагьизе гIемерисел гIалимзабаз бегьизабуна (суннатаблъун рикIкIинчIо), щайин абуни дугIаялъе зоб къиблалъун бихьизабун букIиналъ, какалъе кагIба бихьизабураб гIадин. Амма суннатаблъун ккола зодоре балагьизе какичурун хадуб дугIа гьабулеб мехалъ. Гьебго жо рехсана имам Гъазалияс жиндирго «ИхIъя гIулуддин» абураб тIехьалда.
Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон, зодоре какилъ балагьизе карагьатаб буго: «Какилъ зодоре балагьулел гIадамал щиб жоялда тIад ургъулел рукIунел? Гьелдаса цIуни гьабейин абе, рес буго берал беццлъизе», - ян буго хIадисалда.
(«ХIашияту Шабрамалласи», 2 бутIа)
Паризаяб какалъе гуреб кинаб гIужалъе как ахIизе бегьулеб ва гьелъие жаваб гьабизе?
Имам ибну ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул МухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго гьадинал гIужазда как ахIизе лъикIаб бугин:
1) Гьабураб лъимадул гIинзунибе;
2) пашманав чиясде тIаде;
3) жиназ ккурав чиясде;
4) ццин бахъарав чиясде;
5) хьвада-чIвади данде кколареблъун лъугьарав чиясде ва хIайваналде тIаде;
6) цIа ккараб мехалъ;
7) жундул рагъараб заманаялъ;
8) рагъ хIалуциндал;
9) сапаралде унев чиясда хадуб. Гьесда хадуб къамат цIализеги лъикIаб буго.
ГIалимзабазул хилаф ккана, паризаяб какалъе гуреб, цогидаб мехалда ахIулеб какие жаваб кьеялда тIасан.
Как гуреб цогидаб жоялъе как ахIулеб мехалъ къиблаялде вуссиналъул хIакъалъулъ Жамалудин АхIданица «ГIумдат ал-муфти ва ал-мустафти» абураб тIехьалда хъван буго, паризаяб как ахIулеб мехалъ гурони къиблаялде руссине кколарин абун.
(«ТухIфатул МухIтаж», «ГIумдат ал-муфти ва ал-мустафти», («ХIашияту Шабрамалласи»)
Жаназадул как балеб мехалда, нияталъулъ хварасул цIар абизе тIалъулищ?
Жаназадул как балеб мехалда хварасул цIар рехсезе тIадаб гьечIо. Нияталъулъ, гьаб жаназаялда тIасан как базе абун яги жаназадул как балесда хадуб абун гIей гьабула. Гьеб буго как балесда цебе, аскIоб хварасул жаназа бугони.
Жаназа аскIоб гьечIони, цIар абиялъулъ хилаф буго гIалимзабазда аскIоб. Амма бергьараб рагIиялда рекъон, гьенибги цIар абизе тIадаб гьечIо.
Жаназаялъул как балеб мехалда нияталъулъ цIар мекъса ккани, мисалалъе, ГIумарил бакIалда ГIусман абун батани, как холаро, гьес, гьаб жаназалда хадуб яги имамас цIар рехсарав чиясда хадуб абун батани.
(«ТухIфатул МухIтаж»)
КIикъого бусурбанчи гьечIеб росдал жамагIаталда рузман тIалъулищ, гьеб бачIого тезе изну бугищ?
Рузманалъул как буцIцIине ккани, гьелъул шурутIал тIуран рукIине ккола. Гьел шурутIаздасан ккола 40 камилав чи вукIин, бокьарасул имамлъи бегьулел, рузманалъул ахIкамал лъалел. Гьаб хIукму буго имам ШафигIиясул жадидияб рагIиялда, амма къадимияб рагIиялда буго лъабго чи вугониги тIалъулин абураб. Гьединлъидал, гIалимзабаз абулеб буго кIикъого чи гIолареб бакIалдацин рузман балила къадимияб рагIиялъулги, цогидал имамзабазулги хилаф цIунун. Цинги къалъул как бала жадидияб кьучIаб рагIиялда гIамал гьабун, мухIканлъиялъе гIоло. Жибго къаде как бан чIани, рузманги бачIого, парз тIаса ккола, кинниги хилаф цIунизе суннатаб буго. Гьаб рехсараб анлъго как тIад гьабилъун кколаро, гьеб кIиябго какалъул цояб тIадаб букIуна, амма кIиябго баялъулъ цо тIалъараб тIаса ккей якъинлъула ва какил налъи тIаса ккола, хилафалдасаги рахъула.
(«Фатава ЧIохъи»)
Радио-телевизоралдасан суждаялъул аят цIалулеб рагIани, Къуръан цIалиялъул (тилаваталъул) сужда тIалъулищ?
Сужда гьабиялъул аят цIалун хадуб сужда гьабизеги суннатаб буго гьеб цIаларасеги рагIарасеги. Сужда гьабизе рес гьечIони, ункъо нухалъ гьал рагIаби абила: СубхIаналлагьи валхIамдулиллагьи ва ла илагьа иллаллагьу валлагьу Акбар.
Суждаялъул батIи- батIиял аятал цIалани щибалъе сужда гьабила, цо мажлисалда цого аят такрар гьабуни, цо сужда гьабиялъ гIей гьабула. Амма суждаялъул аят хIичIалъ цIалулеб рагIани, сужда гьабизе суннатлъуларо - гьеб гьаракь релълъинаби ккола, гьаб хIукму доб радио-телевизоралдаса рагIиялъулги букIина.
(«Фатава Рамали», «Фатава МугIасара».)
Какие чури гьаб умматалда хасаб жойищ яги цогидал умматазги чурулеб букIанищ?
Какие чури тIубанго гьаб умматалда хасаб жо гьечIо, гьаб умматалда хасаб жо ккола гъурат ва тахIжил гьаби (гъурат ккола гьумералъул чуризе парзлъараб къадаралдаса цIикIкIун чури. ТахIжил ккола кверал-бохдузул паризаяб къадаралдаса цIикIкIун чури). Амма цере рукIарал умматазул аварагзабаз гурони какие чурулеб букIинчIо, гьединлъидал нилъеда жакъа къоялъ ягьудияз яги насранияз какие чурулеб бихьуларо, гьеб рахъ хал гьабун какие чури нилъер умматалда хасаб буго, гьединлъидал СуютIияс какие чури рехсана гьаб умматалъул хаслъабаздаса. Гьелде тIоритIел гьабула какие чурун лъугIараб мехалъ Аварагас ﷺ абураб рагIиялъ: «Гьаб дир какичури буго ва дида цере рукIарал аварагзабазулги какичури буго», - ян. Гьалъулъ гьаб МухIаммадил ﷺ умматалъе дозул умматазе щвечIеб хиралъи буго, жал аварагзабазда ращад гьариялдалъун.
(«Фатава Халилия»)