Аслияб гьумералде

Жаназалъул какил баян

Жаназалъул какил баян

Жанаизалъул какилъги шартlлъула цогидал каказулъго ругел шартlал: гlаврат бахчи, ретlелги, черхги, бакlги бацlцlадго букlин, къилбаялдехун вуссин, какичуриялда вукlин, гlуж щвей хутlун. Тlадеги шартlлъула хварав чурун мусру бай цебе ккезаби, жаназалдаса как балев чи цеве ккунгутlи, аскlов вугони яги хобалде вуссун балеб бугони, амма рикlкlада вугесдаса балеб бугони гьеб шартl тlаса ккола.

Гьаб какилъ жамагlат гьаби тlадаб гьечlо, суннатаб буго. Аварагас ﷺ абуна:

«Цониги чи гьечlо жив хварав, жиндир жаназаялде кlикъого чиги чlарав, жидеца Аллагьасде ширкги сундулъго гьабуларел, Аллагьас гьезул гьесие гьабураб шафагlат къабул гьабун гурого».

Жамагlаталъул мухъ лъабго гьабизе суннатаб буго. Как базе чагlи гlемерлъизеян вукъи нахъбахъизе суннатлъуларо, хварасул вали вачlинегlан хутlун, махl хисиялда хlинкъи гьечlони. Кинниги нусго яги кlикъого чи вакlаризегlан чlезе рекъараб буго, хехго рачlине хьул бугони, гьеб кlиябго рикlкlеналъулъ бицараб хlадисалъе гlоло.

Гьеб рикlкlеналъулъ бугеб хlикмат буго кlикъого чиясда гьоркьов вали камун вукlунарелъул. Жанаизалъул какил фарз тlаса ккола цо бихьинчиясдалъун, мумайизлъиялде вахарав вас вугоницин. Бихьинчи вукlаго руччабаздалъун фарз тlаса кколаро. Амма бихьинчи гьечlони мумайизлъараб (6-7сон бараб) лъимерниги, руччабазда тlалъула. Нилъ ругел росу-шагьаралдаса рикlкlад вугесдасаги бегьула жанаизалъул как базе, как къокъ гьабулеб манзилалде щвечlеб бакlалда вугониги, къилбаялъул гуреб рахъалда вугониги, как балев чиги къилбаялдехун вуссун вукlаго.

Как бай вукъиялдаса цебе ккезабизе ва чуриялдаса хадуб ккезабизе ккола. Какги бачlого вукъани, вукъаралги гьелда рази рукlаралги мунагьалъукье ккола. Как бачlого вукъарасде как хабаде руссун бала. Рикlкlад вугесдеги хобалде как бай хасаб буго гьев чи хвараб гlужалъ гьесдаса как базе агьлулъун вукlарасда. Гьединлъидал гьеб мехалъ капур вукlун хадув бусурманлъарас яги хlайизалда йикlун хадуй яцlцlалъаралъ гьеб как баларо.

Аварагасул ﷺ хобалде баларо как добго гlиллаялъе гlоло. Как балев чи - имам яги живго как балев чи вукlа, хварасул ботlрода аскlов чlела, чlужугlаданалъул рохикъотlиялда аскlов чlела, гьел гьитlинал яги кlудиял рукlа. Гlемерал жаназабаздаса цо как бан тезеги бегьула, батlа-батlа базе хирияб бугониги. Гьедин балаго бихьинал имамасде гlагарда, руччаби - къилбаялъул рахъалдехун ккезе гьарила. Цонигиясда гьев чуризе тlалъуларо, кинниги бегьула, данде вагъулездаса ватаниги. Гьев чуризе бегьиялде гъорлъе уна гьесда мусру байги вукъиги.

Шагьидияб гуреб хвелалъ хун вукlин лъалев бусурманчиясул лага батани (расмалъ гlадаб батаниги) гьесдаса гьеб, холеб хlалалъ батlалъун букlинги хlакълъани, гьелде тlаде как бала бацlцlад гьабун хадуб, цинги гьеб букъизеги тlалъула, чlортоялъ бахчизеги тlалъула, гlавраталдаса батани. Лъимер реххи буго моцlал тlуралалдего гьабураб лъимер, гьелдалъун лъала моцlал тlубан хадуб гьабураб лъимер (гьебги бищун дагьаб анлъго моцl буго). Гьелъулъ тlалъула чlахlиязулъ тlалъулеб жо. Гьеб ахlдани яги гlодани, кlудиялда релълъун букlуна, цинги жиб чурула, жинда тlад какги бала, жибги букъула, чlаголъун хадуб жиб хвей якъинлъиялъе гlоло.

Амма жиб ахlдечlони яги гlодичlони, чlаголъиялъул гlаламат загьирлъани, сороди-багъари гlадаб, гьелде тlаде как бала азгьараб (бергьинабураб) рагlиялда бан, гьал тlоритlел гьабулел жалаздалъун гьеб чlаго букlине рес букlиналъе гlоло. Амма чlаголъиялъул гlаламат загьирлъичlони, ункъо моцlидеги щвечlони, гьелде тlаде как баларо, чlванкъотlун, гlаламат батунгутlиялъе гlоло, азгьараб рагlиялда бан ункъо моцlиде щвананиги (гьелдаса как баларо), гьелъул чlаголъи батунгутlиялъе гlоло. Цинги гьеб чуризе, мусру базе ва гьеб букъизе тlалъула.

Рехараб лъимералъе батIи-батIиял хlалал рукlуна. Рехараб лъимералъулъ загьирлъичlони адамиясул сипат, гьелъулъ щибниги тlалъуларо, кинниги суннатлъула чlортоялдалъун гьеб бахчизе ва букъизе. Адамиясул сипат гьелъулъ загьирлъани, чlаголъиялъул гlаламат гьечlого гьелъулъ тlалъула как хутlун хутlанщинаб гьабизе.

КАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...