Аслияб гьумералде

Чорхол къуватгун рухIал ричун щвараб хIалхьи

Чорхол къуватгун рухIал ричун щвараб хIалхьи

ХIурматиял бусурбаби, гьале саламатал сонал ана советияб хIукуматалъул диналда тIад букIараб зулмуги тIаса ун, Аллагьасе гIибадат гьабизе халкъалъе эркенлъи щваралдаса. 1990-абилел соназул авалалда исламияб лъаялъул рахъ цIакъго загIиплъун, тIун ине хIадурараб квасул куналда релълъун, жагъалго хутIун букIана. Аллагьасе рецц, Дагъистаналда гIемер гьечIониги гIараб лъалел гIалимзаби хутIун рукIана. Гьез кьуна бергьун кIудияб къуват халкъалда гьоркьоб бугеб жагьлу тIаса инабиялъе. КигIан сурсатал гьечIониги рагьана мадрасаби, цIализаруна лъималгун чIахIиял. Гьедин, дару гьабунагIан сахлъулев чиясда релълъун цебетIезе байбихьана исламияб гIелмуялъул рахъ.

Гьайгьай, гьеб эркенлъи щвеялдаго цадахъ цIакъ хехго рахъана исламалда жанир ругел батIи-батIиял рикьалабазул вакилзабиги. Гьезде вагьабиялин, салафиялин яги харижиталин абуниги мурад цо букIана, гьебги щибха букIинеб, парахатго жидерго динги, хIалкIвараб магIишатги гьабун ругел гIадамал исламалъул цIаралда гъоркьги рахчун питнаялде ахIи. Жидер мекъаб пикруялде жагьилал гIадамал руссинаризе гьезие гIемерго захIмалъулеб букIинчIо. Щайгурелъул диналъухъ гIащикълъун бугеб халкъ гьединал гIадамазул макруяб кIичIикье ккезе ресал гIемер рукIана.

Гьединаб иш тIаде бачIиндал, жидерго хIалтIи гьабулел рукIарал гIалимзаби хIалтIизе ккана, гьезул мекъаб пикру халкъалда бичIчIизабиялда тIадги. ХIатта гьелде тIаде кьезе ккана цIакъго кIудияб къуват. Халкъ гьезул питнаялдаса хвасар гьабиялъе кьучI лъуразул цояв ккола ЧIикIаса СагIид-афанди. «Суал-жаваб» абураб гьесул мажмугIалда жаниб букIараб «Щал чагIи кколел вагьабиял» абураб суалалъе кьураб жавабалъ хвасар гьабунин абизе бегьула тIолабго Дагъистан. Щайгурелъул, гьеб букIана халкъалда жаниб исламалъул бичIчIи лъугIун ккараб мех. Гьединаб лахIзаталда бокьарав чи гуккизе рес букIуна диналъулин абун жо бицун вачIарав чиясул маргьабаз. Шайихасул нухдасан ана Дагъистаналъул муфти СайидмухIаммад-хIажи, муфтиясул наиб КъурамухIаммад-хIажи ва цогидалги гIемерал гIалимзаби.

КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов, 1956-2007

Мадрасабазда дарсал кьеялда, мажлисазда вагIзаби гьариялда, исламиял тIахьал данде гьариялда цадахъ бачана гьез жидерго хIалтIи. Гьедин бугониги хадур гъоларого, цо баккараб масъала гъорлъ къинабилалде цоги баккизабун, батIияб жоялде регIизе толел рукIинчIо рикьалаби тIиритIизарулел гIадамаз.

Гьединги бергьине бажаричIеб заманалда, исламалъул тушбабаз байбихьана гьел жидеда данде ругел, халкъ махсароде кквезе толарел гIалимзаби ва цогидалги церехъаби гIумруялдаса ратIа гьаризе. Гьезул тIоцевесев къурбанлъун ккана Дагъистаналъул муфти СайидмухIаммад-хIажи. Гьев мубаракас, гIумруялдаса ватIа гьавизе рес букIин лъалеб бугониги, щибго къуркьичIого хIалтIи гьабуна жеги цIикIкIун. Дагьабги заман араб мехалда гIумруялдаса ватIалъана КъурамухIаммад-хIажи. Гьев мубаракас гьабураб хIалтIи чанго чиясда тIад бикьун гурони бажарилароан.

СайидмухIаммад хIажи Абубакаров, 1959-1998

Гьелдаса хадуб гьезул къурбанлъун ккана гIезегIаналго: ГIалишаев ГIабдуллагь-хIажи, ТIагьаев АхIмад-хIажи, МухIаммадвакилхIажи, ГIабдулгъапурил ГьитIинамухIаммад - хIажи , Макъсуд-хIажи ва ЧIикIаса СагIидафандиги. Гьанир цIар рехсечIелги росабазул ва районазул имамзаби, гIалимзаби, полициялъул ва цогидал хъулухъазул хIалтIухъаби ва жамгIиял хIаракатчагIи къурбаналлъун ккана гьел вахIшиял пикрабазул лагъзадерил.

ГIабдулгъапурил ГьитIинамухIаммадхIажи, 1960-2012
ТIинамухIаммад Рамазанов, (Бавтугъай росдал имам), 1975-2006
Ильяс-хIажи ЖагIпаров, (Ясная Поляна росдал мадрасаялъул директор), 1977-2010

Гьезда гьоркьоса гIемерисел ккана август моцIалда. Гьаб макъалаялда гьаб масъала ракIалде щайин щвезабурабин абизеги бегьула. Рецц Аллагьасе, дагьаб гIодобе биччай бачIана гьаб заманалда. ТIаса ана щибаб къойилго гIадин гьанив цо чи чIван вуго, дова имам кьвагьун вуго, гьанивехун полициялъуласе гъара гьабун бугин абурал «цIиял харбал» рачIунеб букIараб заман. Гьанжеги щибго гъапуллъизе рес гьечIо, ай гьабулеб хIалтIи гъоркь тезе бегьуларо. Щибаб къойилго гIадин ургъулел ратула батIи-батIиял рикьалаби ва цогидалги питнаби.

МухIаммадвакил-хIажи, 1952-2010
Шамил ГIалиев, («ВатIан» радиостанциялъул нухмалъулев), 1967-2010

Нилъеда киданиги кIочене бегьуларо гьадинаб заман тIаде щвеялъе гIоло хIалтIарал гIалимзабазул гъинги гьезул бахIарчилъиги. Гьезда гьоркьор дунял тун арал, жидер рухIал къурбанлъун кьурал ругелго гIадин жеги чIаго ругел, жеги жидер хIалтIи чIезе течIелги руго кигIанги. Гьезул аслияб хIалтIиги ккола дагIват гьаби, халкъалда жаниб исламияб лъай цIикIкIинаби.

Яхья-хIажи МухIаммадов, («Ас-салам» газеталъул редактор), 1980-2011

Балагье нилъго, кинабгIаги лъай гьечIев чи гуккизе, кверде восизе, жидерго нахъегIанал мурадазда хIалтIизавизе кигIан рес бугебали. Амма жиндир лъай бугев чиясде аскIорего къазе кIолареб куцги. Рецц Аллагьасе, мадрасабиги руго, мутагIилзабиги руго, гьенир цIалун рахъаралги руго, амма жеги лъималазда Къуръангицин малъичIелги камулел гьечIо. Гьелдасаги тату хвараб хIал кинаб букIине рес бугеб? Гьалгощинал мадрасабиги рукIаго, мажгитазда малъулебги букIаго гьелъул щибго милат гьабунгутIиялдаса кIудияб тасамахIлъи кинаб букIинеб?

Макъсуд-хIажи Садикъов, 1963-2011

РачIа балагьизин цоги рахъалдеги. Масала, гIалимзабаз щибго хIалтIи гьабичIого тун букIарабани кинаб хIасил ккезе рес букIараб? Гьединазеги чанго мисал буго нилъер. Жидеда жаниб хIалтIи гьабичIолъиялъул хIасилалда щварал питнаби, камиял ва цогидалги рахIатхвеязул кьогIлъи чIамулел жамагIатал руго мисал босизе бокьани. Гьединго мадугьалихъ ругел бусурбабазул республикабазул хIалбихьиязде балагье. ГьабсагIат диналъул кигIанасеб даража гьениб бугищалиги борце.

АхIмад-хIажи ТIагьаев, 1948-2009
ГIабдуллагь-хIажи ГIалишаев, 1969-2008

Дагъистаниял руго БетIергьанас цогидаздаса тIаса рищарал гIадамал, ай нилъеда жанир гIалимзаби ва тIарикъаталъул устарзаби цIуниялдалъун. Гьелдаса кIудияб давла нилъее цоги щвезе ресги гьечIо. Амма нилъеда гьеб бичIчIани, гьелдаса кIвараб пайдаги босани, гьелъул адабги гьабуни, хьул буго гьеб нигIмат жеги цIикIкIинабилин БетIергьанасин абураб. Аллагьас балагьал риччан сабру гьабизе тIамулел гурел, нигIматалги кьун шукру гьабизе рес кьураллъун, гьел нигIматал цIикIкIинарулеллъун гьареги нилъ киналго!

Амин!

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...