Аслияб гьумералде

Инхо мажгит рагьана

Инхо мажгит рагьана

Дагьаб цебе Гумбет районалъул Инхо росулъ рагьана цIияб мажгит. Гьеб букIана росдал тарихалда жаниб рохалилаб къо, гьединлъидал, росу тун къватIир ругелги киналго росуцоял данделъун рукIана.

Мажгиталъул спонсор ГIахьвахъ районалдаса ХIамзат Сахратулаевасе ва гьенибе кумек гьабурал росдал гIадамазе Аллагьас алжаналда хъала хIадурун батаги, иншааллагь! Гьадинаб берцинаб, росу бакьулъ нухда бараб мажгиталъул росдал гIадамазе гуребги, нухлулазеги цIакъ санагIалъи буго. Росдал гIадамазулгун рохел гIахьал гьабизе рачIун рукIана гIалимзаби, муфтиясул наибзаби - МухIамад Мангуев, Идрис Асадулаев, районазул имамзаби, мадугьалихъ ругел росабалъа гIадамал, мавлидал ахIизе ХIамзалав ХIамзалов, гьединго районалъул хIакимзаби.

ЛъикIал умумузул нухда лъималги куцалел рукIин бихьизабуна ясли-ахалъул лъималазул цере рахъиналъ. ГьитIичазги ахIана мавлид, рицана хIадисал. Инхо росдал жамагIаталъ баркала загьир гьабуна мажлисалда гIахьаллъи гьабунщиназе, Аллагь разилъаги гьездаса! ЦIияб мажгиталъе цIар кьуна Инхоса СагIид-наибасул.

Щивха кколев гьев?

Инхоса СагIид-наиб,
НурмухIамад-апанди,
Улка хараблъун бугин
Хвалчаби къватIире цIай!

(ИГЬАЛИСА ЧУПАЛАВ).

Гьев ккола цIар арав гIалимчи, Шамил имамасул лебалав наиб, хьиндаллъиялда рукIарал наибзабазул мудир, гIелмуялъул цевехъан.

Гьев вукIана имам ГьазимухIамадил заманалдаги, хадуб имам ХIамзатил заманалдаги, цинги имам Шамилил заманалдаги.

ГIадамазда гьоркьоб гьесул къадру букIана гIелму-ялдалъун, къвакIиялдалъун, бахIарчилъиялдалъун, ватIаналде бугеб рокьиялдалъун.

1845 сональ СагIид-наиб вагъана Воронцовасул армиялде данде.

1846 соналъ Шамил имамас кагъат хъвала ГъалбацIдибирасухъеги СагIидихъеги, СалтIе тушман вачIани, нужерго рагъухъабиги рачун, гьеб цIунизе кколилан.

МухIамадтIагьир Къарахъиясги хъвалеб буго, хьиндалъиялда мудирлъун вукIарав СагIид витIанила имам Шамилица Зило росулъе, гьел гIадамал тушманасде данде рахъинаризе, щайгурелъул, гьеб заманалда тушман щун вукIанила ГIандиве… (гьединаб магIнаялда дагьабги гIатIидго хъван буго Юсуп Дадаевасул «Наибы и мудиры имама Шамиля» абураб тIехьалда).

СагIид-наибасул хIикматаб гIумруялъул лъалеб жо дагьаб бугониги, гьесул цIар чIаго гьабизе мустахIикъаб буго. Гьесул хIужра буго жакъаги цIунун, дагьабго хис-басги гьабун: гIелму цIализе канлъуе гIоло гордал рукIун руго гIодорегIан лъурал, нуцIа букIун буго цIакъго лъухъураб - гьел хисун руго, хутIанщинаб цебе букIахъе буго. Гьесул зиярат буго росдал хабалалъ ва заниялда буго гьадинаб хъвай-хъвагIай:

«Гьаб зани буго гIалим, ахираталъул шагьид СагIидил, 1772 соналъ гьавурав, бакъбаккудаги бакътIерхьудаги халкъалда гьоркьов жив машгьурав гIадлуялдалъун ва гIелмуялдалъун».

Наиб СагIидил хоб

СагIид-наибасул йикIана кIиго яс, Зайнабги ПатIиматги.

1. Зайнабил рос вукIана Мусалав. Гьезул рукIана лъимал - Хадижат, ПатIимат, Абубакар. Хадижат йикIана ЮнусхIажида, гьезул лъимал МухIамаднурги ПатIиматги. Зайнабил яс ПатIиматил лъимал: ХIамзат, ХIалимат. Абубакарил вукIана Гъазидибир.

2. СагIид-наибасул цойгидай яс ПатIиматил рос вукIана НурмухIаммад (Чачаназул росу, Хошгелдиялда вукъарав), лъимал - СагIитхIажиги Загьидатги. СагIитхIажил яс РайхIанат йикIана Ибрагьимида, гьезул лъимал - СайгидхIусен, ТIайгиб, ПатIимат.

Гьесул васги вукIана МухIаммад (Майсаратил эмен). Загьидатил лъимал - Шигьабудин, МухIаммаднур (бецав). Гьезулги наслаби жакъа чIаго руго.

Щайха хъвараб наслабазул сияхI?

Щайгурелъул, нилъеда лъазе ккола умумул ва нилъерго ватIаналъул тарих. КIикъоялда анцIгогIан соналъ цебе НурмухIаммадов Расулица росдал бицунеб марсияталда хъвалеб буго:

Макка хIарамалде ун хIеж тIубан
тIад руссарал,
Ункъого хIажиявгун гугьар бараб
жамагIат…
ГIелму-гIамал рекъарал къоло
щуго гIалимчи
Жагьилазе камидал каранда
цIаго свинчIо…

Гьезул бащдазулги тарих лъаларо, лъалезулги цIакъго дагьаб жо буго. Абуларищха, дуца араб заманалда туманкI речIчIани, бачIунеб заманалъ дуда гIарада речIчIулин. Арабги кIочонарел, бачIунебги гвангъарал наслабазул цIеги Дагъистан!

Ахиралдаги абичIого гIоларо росдал гIолохъабазул ва руччабазул лебаллъиялъулги, гьезул ватIаналде бугеб рокьиялъулги, гьедин гуребани, гьедигIан берцинго гьеб мажлисги гIуцIизе, кьер-кьерал нигIматазул тIутIалги тIиритIизе бажаризе букIинчIо. Аллагь разилъаги гьеб рохел нижее сайгъат гьабуразда, кумек гьабуразда, дугIа гьабураздасаса, мажлисалде рачIанщиназдаса! Бищун къваридаб къоялъ гIатIилъиялъе батаги! Гьадинал рохарал къоял инхдерида, Дагъистаналда ва тIолго бусурбабазда тIаса унгеги!

Амин!

ГIАИШАТ НУРМУХIАММАДОВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...