Аслияб гьумералде

Дагъистанго данделъараб мажлис

Дагъистанго данделъараб мажлис

Араб шамат къоялъ, ай щуабилеб июлалда Дагъистаналъул муфтияталъул нухмалъиялда гъоркь, Шамил районалъул Гьолокь росулъ тIобитIана республикаялъулго гIелмияб мажлис. Гьенире рачIун рукIарал гIалимзабазул цIарал рехсани, сияхI цIакъго халалъила. Абизе бегьула гьеб мажлисалда камурав цониги гIалим вукIун ватиларин абун. Дагъистан буго гIалимзабазул гIелмуялъги машаихзабазул баракаталъги ккураб ракь.

 

Мажлис гьабулеб бакIги бугоан цIакъго кIудияб гIатIилъи бугеб. Гьеб бакIалда советазул заманалда букIана аэродром. ЦIакъ берцинаб, беричаб тIабигIат бугеб бакIги буго гьеб. АскIосан чвахулеб Авар гIор, хергIуччинаб майдан.

Гьениб цеве вахъанщинав гIалимас гьабуна магIна гъваридаб вагIза. Киналго ахIана ахирзаманалъул питнабазде гъорлъе лъугьинчIого, вацлъигун гьудуллъи цIунун рукIиналде. Цолъи цIунизе кканиги чара гьечIого хIажат букIунин бицана нилъер цеве вугев бусурбабазул имам, Дагъистаналъул гIалимзабазул советалъул бетIер, муфти, шайих АхIмад-афандиясда, муфтияталда нахърилълъин. Гьедин гьечIони, щивас жиндиего данде ккарав бетIерлъунги тун яшав гьабизе лъугьани, цолъиги тадбирги букIунаро. 

Аллагьас нилъее кьун вуго бищун камилав исламалъул нухмалъулев, устар АхIмад-афанди. Кьураб нигIматалъе шукруги гьабун, гьесда нахърилълъун рукIиналда жаниб гIемераб маслахIатгун баракатги буго. Бикь-бикьараб жамгIияталда киданиги баракат лъоларо. Сундулъниги гьезул цебетIей букIунаро. 

Дунялалъул тарихалда жаниб гIемераб лъугьа-бахъин ккана, амма цеве вугев хIакъикъияв, исламалъул бетIерасде данде рахъаразе талихI сундулъго кьун бихьичIо. ГьабсагIаталда АхIмад-афандиясулъ данделъун буго устралъигун исламалъул цевехъанлъун вукIин. Гьелдаса талихI бугеб жо дагъистаниязе цоги гьечIо. Амма гьеб талихI, такъсир бихьулезда бичIчIизабизе бигьаги букIунаро. Берзул канлъи сварасда берцинлъиялъул гьайбатлъи кигIан бицаниги бичIчIилищ?

Цоги, нилъеда лъазе кколеб жо буго кинаб бугониги хъулухъ берцинго тIубалеб гьечIин абураб дагIба гьелде хьул бугесул гурони баккулареблъи. Жинцаго тIалаб гьабураб жоялда цадахъ БетIергьанасул тавпикъ букIунаро. КигIан керен буханиги, гьединаздаса щибго баракат бахунаро, гьелъул гIаксалда, халкъ питнаялде тIами гуреб цогидаб хайир кколаро.

Гьаниб бицинчIого гIоларо къокъабго заманалда жаниб гьелъие хIадурлъи гьабурал, Шамил районалъул имамазабазул советалъул нухмалъулев Сиражудинов МухIаммадгIарипил бетIерлъиялда гъоркь, районалъул киналго росабаз, хасго имамзабаз гьабураб хIаракаталъулги. Гьакьадерил жамагIат, гьалбадерие хъулухъ гьабизелъун, бахъун чIун букIанин абуни, мекъиги ккеларо. Аллагь разилъаги киназдасаго. Аллагьас Дагъистан ракълида, цолъиялда таги.  Амин.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...