Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ кIодо гьавуна

Авараг ﷺ кIодо гьавуна

Авараг ﷺ кIодо гьавуна

Араб моцIалъул ахирисел къоязда Шамил районалъул КъахIиб росдал администрациялде гъорлъе унел росабазул цояблъун кколеб ХIорода тIобитIана МухIаммад авараг ﷺ гьавураб рабигIул аввал моцI кIодо гьабун мавлид-мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъ, сверухъ ругел росабалъа жамагIатаз.

 

Мажлисалъул аслияб мурад букIана МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру гIун бачIунеб гIелалда лъай, вагIза-насихIат щвей, жамагIатал цоцалъ гъунки, росу бахун къватIир ругел умумузул ракьалде щвей, цоцада рихьи.

ХIорода ккола жиндир заманалда ХIасан-устарги пуланаб заманалъ жаниб гIумру гьабун вукIарав росу.

Мажлис нухда бачана ТIаса Колоб жамагIаталъул имам МухIаммад СалихIилаевас. Данделъиялда имамзабаз гьаруна вагIза-насихIатал, гьоркьо-гьоркьор цIалана ва ахIана Авараг ﷺ веццун гьарурал назмабигун шигIраби.  

КIалъазе вахъарав Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIизудин ГьитIиножоевас жамагIаталъе баркала загьир гьабун абуна:

- Нужер имам МухIаммадица бицана жамагIат гIемерисеб эхе букIунин, бугониги, росу-ракьги кIоченчIого гьаб даражаялда мажлис гIуцIи кутакалда берцинго буго. Гьаниве вачIунаго цадахъ вукIарав КъахIиб росдал имам Шамилица абуна щиб кумек хIажалъун ахIи баниги нуж хIалае рачIунин, гьелъги ракI бохизабуна.

Нилъ жанир ругеб гьаб моцI хирияб буго жиндилъ Авараг ﷺ гьавиялдалъун. Жиндие гIоло Аллагьас ﷻ гьаб гIалам бижарав, жал гьесул умматалдаса рукIараланищин цере рукIарал аварагзабазцин хьул гьабурав МухIаммадил ﷺ умматлъун нилъ рижарав БетIергьанасе ﷻ буго кинабго рецц, АлхIамдулиллагь, - ан абун  умматалъул хиралъиялъул бицана ГIизудиница.  

ВагIза-насихIатгун цеве вахъарав ГIасаб росдал имам Ибрагьим ИсмагIиловас бицана инсанас жиндаго тIад хIалтIи гьабизе ккеялъул.

– Нилъеца гIемер бицуна Авараг ﷺ вокьизе ккеялъул, амма гьеб рокьи букIин борцунеб жо буго суннат цIуни. Суннат цIуниги буго радал тIаде вахъаралдаса къаси вегизегIан Аварагасул ﷺ кинаб хьвада-чIвади букIарабин абун, халгьабун, гьелда нилъеца гIамал гьабизе хIаракат бахъи. Авараг ﷺ вокьун гьесда нахърилъараб мехалъ щола нилъ Аллагь ﷻ лъаялдеги. КъахIиса ХIасан-афандияс хъвалеб буго гьеб нух цIуниялде рачунеб жо бугила тIарикъаталъул устар валагьун, гьесул тарбиялде гъоркье лъугьин», - абун бицана ИсмагIиловас.

Хадув кIалъазе вахъарав Зивуриб росдал имам ГIалиасхIаб ХIажиевас бицана хвел-хобалъул:

– Инсан ракьалде виччазегIанго Аллагьас ﷻ гьесие хъвазе буго ункъо жо: ризкъи, кигIан заман ракьалда базе бугебали гIумру, гьесул гIамалал ва талихIавищ яги талихI къаравищ вукIине вугевали абураб къисмат. Цинги, цIан кьураб заман лъугIидал, нилъ Аллагьасде ﷻ руссинеги руго. Амма гьеб руссунеб къоялде хIадурго рукIине ккола. ЦIараб заман лъугIун, муъминчиясул рухI черхалдаса батIалъидал, гьабго кинаб берцинаб рухIин абун, зодор малаикзаби гIажаиблъун рукIунила. Лагъасдаса чIухIарав Аллагьас ﷻ абулила пуланасул пуланав жиндир лагъасул бугин абун. Цинги Аллагьас ﷻ амру гьабулеб буго гьединав муъминчиясе хобги Алжаналъул ахлъун гьабейин абун. Гьелъул гIаксалда кколеб буго къосарасул иш. Аллагьас ﷻ гьаб кIиабилеб тайпаялда гьоркьоре ккезе тогеги киналго, - ян дугIа гьабулаго лъугIизабуна ГIалиасхIабица кIалъай.

– Аварагасул ﷺ гIадат букIана асхIабзабазе васиятал гьарулеб. МугIаз ибну Жабалие гьабуралдаса букIана, щибаб гIужалъулъ Аллагь ﷻ рехсеялда тIадчIей гьабеян абураб.  Щибаб гIужалъулъ Аллагь ﷻ рехсеялде нилъ рачунеблъун буго тIарикъат, - абун жакъа къоялъ нилъее бугеб нигIматалъул, бацIцIадаб Аварагасул ﷺ нухалъул, тасаввуфалъул бицун кIалъай гьабуна КъахIиб росдал имам Шамил ГIариповас. 

Микьигьориб росдал имам ХIусен МухIаммадовас бицана рос-лъадул гьоркьоблъиялъул ва ригьнал цIуниялъул хIакъалъулъ.

– Аллагьас ﷻ нилъ дунялалде риччаялдаса мурад буго гIибадат гьаби. Гьеб гьабулеб къагIида лъазе ккола. ГIибадат-гIамалалда гъорлъе унеб, жеги квербакъилъунги бугелдаса ккола чияс ригьин гьабиги, исламияб нухда наслаби куцайги. Рос-лъади рукIин гуреб, гьабулеб гIамалалъулъги рацIцIадал, Аллагьасда ﷻ аскIор церегIаналлъун рукIуна хъизан цIубан ругел рос-лъади. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго, ригьнада ругел рос-лъадул бараб кIиго ракагIат какил лъикIаб бугила гьечIого баразул лъабкъоялда анцIгоялдасаги, - абун. 

Ахиралда кIалъазе вахъарав бегавул МухIаммаднаби Загьидовас баркала загьир гьабуна вагIза-насихIат гьабун жамагIаталъухъе рачIарал гIалимзабазе, гьалбадерие ва кинаб рахъалдасан батаниги данделъиялъе квербакъаралщиназе. ЖамагIаталдехун хитIаб гьабунги абуна гьаб заманалда лъугьунебщинабги бихьун, дир киназдего васият бугин нуж рагIа-рагIаралде божугеян, жив витIаравин абун вахъарасухъ гIенеккугеян. Нилъер ругин лъикIаб малъизе гIалимзабиги, нахърилъине муфтиятги, хIакъаб жо гьаб буго, гьалда хьолбохъ чIа абун.

Данделъиялъул ахиралда жамагIаталъул рахъалдасан имамзабазе ва цо-цо хIаракатчагIазе кьуна сайгъаталги. 

Аллагьас ﷻ къабул гьабеги!

 

 

 

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

 

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...