Аслияб гьумералде

Дунял-ахираталъул талихI

Дунял-ахираталъул талихI

Дунял-ахираталъул талихI

Дунявиял ишазде машгъуллъиялъ, гIемерисеб мехалда, нилъеда кIочон батула хвезе рижарал рукIинги, хун хадуб гурони унго-унгояб гIумру букIунареблъиги. Дунялалда нилъ руго гьалбал, гьанир ралел къоялги цIакъго дагьал жал руго ахираталда букIине бугеб абадияб гIумруялде данде ккведал.

Лъимералда гьитIинго малъараб жоги, ганчIида бахъараб накъищ буго

Дагьаб заманалъ гурони гьаниб гIумру гьабизе гьечIониги инсанас лъазабизе ва цIализе кколебщиналъухъ халгьабе. Гьоркьохъеб 65 сонил гIумрудул халгьабуни, ясли-ахалдаса байбихьун институт-аспирантура лъугIизегIан чиясул лъабго бутIаялъул цояб гьелда тIад инехъин буго. Гьебги буго чияс жиндир дунявияб гIумру берцинаб букIинелъун гьабулеб. Гьеб битIарабги буго, щайин абуни, гIумру гьабизе ккани лъай гьечIого гIоларелъул.

Гьанже пикру гьабе абадияб ахираталъул, дунялалда лъикIги рукIун, жужахIалде ккезе рекъараб букIинищ?! ХIадисул къудсиялда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго: «Ле, Адамил лъимер! Дуца гIелму тIалаб гьабе. ГIелму гьечIев чиясул гIакълу букIунаро, гIакълу гьечIев чиясул динги букIунаро, дин гьечIесе ахираталда алжанги букIунаро», - ян. Гьалдаса битIараб щиб букIинеб! Амма гьел дагьал соназ гурони дунялалда гIумру гьабизе гьечIониги, 20-гIанасеб сон гьелъиеги хвезабун, ахираталъулаб гIелму рехун тани, гьалаглъиялде ккеларищ.

АлахIамдулиллагь щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар лъугьунеб букIараб буго риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как бай, тIабигIат берцин гьаби гIадал диниял дарсазде хьвадун лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.

Лъимералда гьитIинго малъараб жоги, ганчIида бахъараб накъищ буго

Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие кинабго лъикI букIине гьабула умумуз. РакIчIун абизе кIола, гьитIинаб къоялдаса нахъе гьединаб гIамалалде лъимал ругьун гьарурал умумул дунял-ахираталда гьездаса рохизе ругин. Аварагасул ﷺ машгьураб хIадисалда буго, лъикIаб тарбиялдаса къиматаб жо инсуца лъимералъе кьоларин абураб. Цогидаб хIадисалда буго, киниялдаса бахъараб лахIтуялде щвезегIан гIелму тIалаб гьабейиланги абун. Цинги, гьелде лъимал гьитIинго ругьун гьаризе ккеларищ!

Лъимералда гьитIинго малъараб жоги, ганчIида бахъараб накъищ буго. ГанчIида бикIараб гIасрабаз тIагIунареб кинниги, гьитIинго лъимералда малъараб гьелъги босула, ракIалда чIола, лъикIаб гьабиялде гьесизабула. Квешаб гьабизе хиял ккедал, гьелъухъ гьабизе бугеб тамихI ракIалде щун, гьелдаса нахъеги къала.

ГIелму лъазабиги лъай тIалаб гьабиги буго щивав бусурбанчиясда тIадаб борч. Лъимералда малъараб гIелму, лъикIаб-квешаб бичIчIизаби ккола хадубккун гьеб канлъуде рачунеб нух. ГIемерисеб мехалъ лъималаз квешлъи, къваригIел гьечIеб пиша гьабула сундасаго регIун, щибго хIалтIи-пиша гьечIого ругеб заманалда. Гьелъин абулеб лъимер регIун тезе бегьуларин, дунял-ахираталъе пайда бугелде буссинабизе кколин. Исламалъ бихьизабухъе лъималазул тадбир гьабуни, гьел нилъехъ гIенеккула, малъарабги босула, рокьа-хинлъиялда, баркатгун гIумруги тIамула. Амма тарбия кьеялъулъ кIарчанлъани, хадубккун нилъецаго бетIер кквезе ккола.

Хириял диналъул агьлу, гьаниб дие абизе бокьун буго школалда ругониги, институтазда ратаниги лъимал эркенаб заманалда исламиял дарсаздеги хьвадизареян. Гьеб гIемераб жо гуро, гьоркьохъеб школалда цIалулел лъимал, эркенаб заманалда, мажгиталде Къуръан цIалиялъулгIаги дарсиде ритIулел ругони, гьезие гьеб захIматаб иш гуро. Динияб рахъ гьезулъ куцаялъе кIудияб жо буго. ГьитIинго гьелда ругьунал лъималазда бичIчIула как-диналъул кIвар, хадубккунги толареллъун рукIуна. Школалда ругьун гьарун ругони, лъималаз институтазде ун хадуб жидецаго гIамалги гьабула, диниял дарсалги гьоркьор риччаларо. Гьелде руссинарун ругониги-гьечIониги лъималазул гьеб цо сагIатгIанасеб заман расандунги уна. Амма хадубккун щибго исламияб лъай гьечIого шагьаралде цIализе вачIарав гIолохъанчи гIемер хIажат гьечIеб бакIазде ккола, гьалмагъзабиги гьесул живго гIадал рукIуна.

Инсан инсанлъун гьавулеб жо ккола исламияб дин, жиндилъ бугеб берцинаб тIабигIат. ТIабигIат-гIамал гьечIевги, жиндир вукIа-вахъиналъулъ хIайваналда релълъаравлъун лъугьуна. Исламияб лъайги бугев, тIабигIат-гIамалги берцинав чи, кинаб махщалие цIалун, кив хIалтIулев вугониги, гьесул тIубараб рагъа-рачари, гьабулеб гIамал - гIибадатлъун букIуна.

ХIурматиял умумул, пикру гьабе кинаб талихIдай лъималазе лъикIаб букIинайин абун. БичIчIа, лъималазул жавабчилъи тIоцебе нилъеда, эбел-инсуда тIад бугеблъи.

Аллагь гурхIаги, баракатаб ахираталда талихI босараб наслу гIеги щивасул! Амин!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...