Аслияб гьумералде

Эбел-эмен рази гьарурасда Аллагь гурхIула

Эбел-эмен рази гьарурасда Аллагь гурхIула

Эбел-эмен рази гьарурасда Аллагь  гурхIула

Аварагасул хIадис буго: «Эбел-эмен разиясда гурони Аллагьги разилъуларо», - ян абураб. Гьединго лъица бугониги эбел-инсуе квешлъи гьабун, Аллагьас квешлъи гьабураб лъимадуе рагьула жужахIалъул кIиго нуцIа.

Фаркъад Сабахияс хъвалеб буго: «Эбел-эмен аскIор рукIаго лъимадуе рекъараб гьечIо кIалъазе, ай гьезул изнуялдалъун гурони. Гьезда цересанги хьвадиларо гьезул ахIиялъе жаваб гьабулеб мехалда гурони», - абун. Гьединго, цо факъигьас абулеб буго Аллагьас Къуръаналда рехсон букIинчIебаниги эбел-инсул адаб гьабейин абун, гIакълуялдалъунги лъалаан гьезул адаб гьабизе тIадаб букIин.

ГIакъилав чиясда тIадаб буго гьезул гьабизе кколеб адаб лъазе ва гьединго гьезул хIукъукъал тIуразе. Лъимадуца эбел-инсул тIубазе кколеб анцIго хIакъ буго. ТIоцебесеб, гьезул цонигияв хIажалъани кванде, гьезие квен кьей. КIиабилеб, гьел ратIлиде хIажалъани, гьезие ретIел босила, хIалкIвани. Лъабабилеб, гьел хъулухъалде хIажалъани, гьезие хъулухъ гьабила. Ункъабилеб, ахIараб мехалда жаваб гьабила.

Щуабилеб, гьесде амру гьабидал жаваб гьабила. Амру гьабулеб жо батани Аллагьасде гIасилъи яги гъибат-бугьтан, гьеб гьабизе бегьиларо. Анлъабилеб, гьелгун гIодове виччан, хIеренго кIалъала. Анкьабилеб, гьезул цIараздалъун ахIиларо.

Микьабилеб, рилъунеб мехалда гьезда хаду-хадув вилъина. ИчIабилеб, нилъеего бокьараб гьезиеги бокьила, нилъедаго рихараб гьезие ккейги рихина. АнцIабилеб, жиндиего дугIа гьабулебщинахъе гьезиеги дугIа гьабила.

Цо-цо асхIабзабаздасан бачIараб рагIи буго, эбел-инсуе дугIа гьаби тарав чиясе магIишат-яшав гьабизе захIмалъилин абураб. Гьединго КагIбул АхIбарица абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас инсан гьалаг гьавула эбел-инсуе гIакъуба гьабулев вугони ва гьединго Аллагьас инсанасул гIумру халат гьабула эбел-инсул адаб цIунулеб бугони, гьезие гIемерал лъикIлъаби кьезе.

Наср бин абу ХIафиз абурав чи гIелму тIалаб гьабизе ГIиракъалъул ракьалде индал, Казравани абурав гIалимчияс гьесда гьикъун буго дур эбел йигищин. Гьес жаваб гьабуна буго йигин. Нахъеги цIехон буго дуца гьелдаса изну тIалаб гьабунищин.

ГьабичIин абидал, Казраванияс абун буго: «АллагьасхIаги дица дуе цIалуларо цониги хIарп, мун нахъги вуссун, гьелъул изнуги тIалаб гьабун вачIинегIан», - абун. Гьев нахъвуссуна ва эбел хвезегIан гьелда аскIовги чIола. Цинги уна гIелму тIалаб гьабизе.

Дуего дугIа гьабулебщинахъе эбел-инсуеги дугIа гьабе

Абулайс Самаркъандисда гьикъун буго, лъимада ццимги бахъун эбел-эмен хвани, хун хадуб гьел рази гьаризе рес букIунищин. Гьел хун хадуб рази гьарула лъабго жоялдалъун. ТIоцебесеб, лъимер лъикIаблъун букIин. Щайгурелъул, вас лъикIав вукIиналдаса эбел-инсуе бокьулеб жо гьечIо. КIиабилеб, гьезул гIагарлъи, гьудул-гьалмагълъи хурхинабила. Лъабабилеб, гьезул мунагьал чури тIалаб гьабила, гьединго гьезие дугIа гьабила ва гьездаса садакъа кьела.

Цо лъикIав чияс цониги жоялдалъун амру гьабулеб букIун гьечIо жиндирго васасде, гьес хIажат ккараб мехалда цогидасда абулеб букIун буго. Дуца щай гьедин гьабулебин гьикъидал, гьес жаваб гьабун буго жив хIинкъун вугин дица амру гьабуни гьев дидеги гIасилъун, гьесие жужахI тIалъилин абун. Жиндие бокьун гьечIин вас жужахIалъув вухIизе.

ГIАБДУРАШИД ГIАБДУЛМУСЛИМОВ, ГЪИЗИЛЮРТ РАЙОН, ЦIОБОКЬ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...