Аслияб гьумералде

КIочене бегьуларо

КIочене бегьуларо

 

Гьаб гIатIидаб дунялалда Аллагьас ﷻ инсанасе гьарзаго кьун руго гIемерал ресал. Рекъезабун буго гIумру гьабиялъе кинабго рахъ. Живго инсанасул черх босаниги, гьесда сверухъ бугеб тIабигIат босаниги, квана-гьекъезе, ретIизе, гIумру гьабизе бакIалъул пикру гьабуниги кинабго бижун буго инсанасда жиндирго гIакълу-къуваталдалъун тIалаб гьабизе кIолеблъун, гIадатиял нухаздалъун щвезе рес бугеблъун.

 

 Гьедин тамахал ресал кьун ракьалде виччан вугониги инсан цIакъ загIипаб махлукъат буго. Живго жиндаго чIун вукIун тIубаларевлъун вуго.

Борхатаб ва керчаб гъотIол тIогьиб бугеб гIурччинаб тIамах букIуна парахалъиялда. Бакъул чIоразулъ лъедон, гьорол пуялъулъ парпадун, цIадал лъелъ чвердон аваданаб гIумруялда. Амма гъотIодаса тIун ани тIамахалъул букIараб кинабго гьеб лазат къокъидго лъугIула. Бигьаго щолеб букIараб рахIат гьанже щиб гьабуниги щоларо. Цебе пикруго гьабулеб букIун батичIониги гьанже гьелда бичIчIула хIакъикъаталда доб кинабго жиндаго жаниб букIараб гуреб, цогидаб бакIалдаса бачIунеб, кьун щолеб жо букIараблъи. ГъотIодаса тIей гIадаб кIудияб балагь, гъалатI, мекъаб иш жиндир гIумруялда жанибго ккечIеблъиги якъинлъула гьелъие. ХIасраталъ бухIун кигIан цIакъ тIогьиллъаниги гьанже тIанхие нахъбуссине тIокIаб нух букIунаро…

Гьаб мисалалда релълъараб буго инсанасул гIумруги. Инсан лъикI вукIуна, нигIматаз сверун ккола, амма пикру гьаби дагьаб букIуна. ГIадатияб, гьечIого букIине бегьулареб жолъун ккун батула цо-цо мехалъ, жинда сверухъ бугеб кинабго лъикIлъи.

Гьедин бугищха гьеб? Щивас жинцаго пикру гьабе гьеб суалалъул. Щивав чиясул жиндирго букIуна пикру. Амма кигIан батIи-батIиял пикраби гIадамазул ругониги хиси гьечIеб, бусурбанчиясда кIочене бегьулареб жо буго. Гьесда кIочене бегьуларо жиндирго аслу.

Инсан вуго ракьалдасан вижарав, сундулъго, щибниги жиндирго гьечIев, Аллагьас ﷻ кьураб жо букIунев, кьечIеб жо гьечIого хIутIулев, ТIадегIанав Аллагьасул гIицIав лагъ. Аллагьасдаса ﷻ тIунани гъотIодаса тIураб тIамах гIадин гIадада холев. Аллагьасулгун ﷻ хурхен щула гьабуни талихIалъулъ щулалъулев. Гьеб буго инсанасул аслу. Гьеб кIочене бегьуларо.

 

 

ХIабиб ХIажигIалиев

 

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...