Аслияб гьумералде

ТIалаб гьавулев гьечIо

ТIалаб гьавулев гьечIо

Советияб заманалда КГБялъул цо хIалтIухъанасулги бусурбанчиясулги ккун буго Аллагь вукIиналда тIасан хабар. Щивас жинди-жиндир пикру бицун бахIс гьабулаго, ахиралда бусурбанчияс цIехон буго:

«Гьал сверухъ ругел рукъзабазул хважаин вугищ? Щибаб росдал сельсовет вугищ? Районалъул бетIер вугищ? Улкаялъул нухмалъулев вугищ?» - абун. КГБялъулас вугин жавабги кьола. Цинги бусурбанчияс абула: «Гьелдаго релълъун баянаб жо гьечIищ, гьаб дунялгIалам гIуцIарав ва гьелъул тадбир гьабулев чиги вукIине ккей? Щивха гьев?» - ян. Жаваб загьираб бугониги, мукIурлъизе хIинкъарав КГБялъулав цин вуцIцIун чIола.

Цоги лъугьа-бахъин

Рас къунцIизе цояв вачIун вуго парикмахерскиялде. КIалъа-басалаго гьесулги парикмахерасулгун хабар ккола Аллагьасда ва Гьес махлукъаталъе гьарулел ишазда тIасан. Парикмахерас абула: – Щиб дуца абуниги, дун божуларо Аллагь вугин абураб жоялда. – Щай, сундуе гIоло? – Гьаниса къватIивеги лъугьун, къотIнове ваккани гIоло Аллагь I гьечIеблъи якъинлъизе. Дуца бице, Аллагь ватани, щай гьалгощинал унтарал чагIи ругел? Киса гьалщинал тIалаб-агъаз гьечIел лъимал ругел? Унго-унголъунги Гьев вукIаравани ракьалда захIмат-къварилъи, балагь, зулму-хIал, унти букIинароан. Гьаб кинабго лъугьине толев Аллагь вукIин гIакълуялъ къабул гьабизе захIмалъулеб буго.

Парикмахерасул хIалтIи лъугIидал, гьев тIаде вахъуна ва нахъе инелъун нуцIихъе вилъуна. Парикмахерскиялъул нуцIа букIуна тIасияб рахъ цIорол бугеб. Гьениса валагьидал гьесда вихьула къотIносан унев халатаб расалъул, далун биччараб магжил цIикIкIарав чи. Гьесухъги валагьун парикмахерасда абула:

– Пикру гьабе дуцаго абуралъул. Гьанже дица абизе бугелъухъги гIинтIаме. Парикмахерал рукIунго гьечIогури. – Кин гьеб? Гьалегури дун.

– Мунги парикмахер гуро. Парикмахерал рукIаралани рас бахарал, гьадав къотIносан унев чиясда релълъарал чагIи рукIинароан.

– Гьеб парикмахеразда бараб иш гуроха, ле. Гьедин рас бахарал гIадамал жалго рачIунаро нижехъе.

– Гьединха иш бугеб. Гьеб бицунев вуго дунги, Аллагь вуго, амма гIадамаз Гьев тIалаб гьавулев гьечIо ва Гьесухъе рачIунелги гьечIо. Гьелъ буго ракьалда дуца рехсарал гьалгощинал унтаби, балагьал тIиритIун ругел.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...