Аслияб гьумералде

Мунагь теялде рачунел ишал

Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.

 

Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин хвасарлъиялъе нух букIуна. Бищун кIвар бугелдасан ккола рекIелъ иман цIуни ва Аллагьасда цебе ракI рагьи. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Мунагьаздаса тавбу гьабулел, гъаплаталдаса ракIалги рацIцIад гьарулел чагIи Аллагьасе ﷻ рокьула», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 222).

Напсалъе бокьараб гьабун мунагьалъукье ккедал гьал хадур рехсарал нухазда тIадчIей гьабизе инсанасда тIадаб буго:

ТIоцебесеб иргаялда, гьабураб мунагьалдаса ракI бухIизе ккола, вохизе ва гьелда ракI разилъизе бегьуларо. Гьебгун цадахъ хIинкъизе ккола жеги гьелдаса кIудияб мунагь гьабиялдаса.

Гьабураб мунагьалда даим-лъунгутIи. Мунагь гьабидал хIаракат бахъизе ккола, Аллагьас ﷻ нилъее кьурал хIалалал нухалги хIалтIизарун, гьеб мунагьалде цIидасан нахъвуссунгутIизе.

Гьабураб мунагьалдаги тавбуялдаги гьоркьоб, гьоркьохъеб къадар цIунизе ккола. Чара гьечIого тавбу гьабулеб мехалъ цIакъ ракI бакъван, Аллагьасе хIелун вукIине ккола. ТIаса бихьиялъе даимго гьабулеб жоялда релълъун букIине бегьуларо тавбу. Тавбу гьабиялдасаги мунагь гьабизе инсанасе бигьалъула. Кинниги цIидасанги мунагь гьабиялде кколев вугони, тавбу гьабиялда кIарччанлъи ккезеги тезе бегьуларо.

Инсанасда лъазе ккола жинца гьабураб жо мунагь букIин. Гьесул бадиб гьеб гьитIи-бикъинаб жолъун букIине бегьуларо. Гьелъул магIнаги ккола гьабураб мунагьалъе, гIиллаби рачинчIого, гьеб мунагь букIин чIезаби. ХIалалаб жо хIарамаблъун ва гьединго хIарамаб жо хIалалаблъун чIезабулев чи куфруялде кколевлъиги нилъеда лъала.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...