Аслияб гьумералде

Лъабго чиясда данде чIола

Лъабго чиясда данде чIола

Лъабго чиясда данде чIола

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасул гIамал борцуна нияталъухъ балагьун. Бищун цебе бусурбанчиясе къваригIараб жоги ккола Аллагьасул ﷻ разилъи. Жиндаго тIадаб хIалтIиги чияс гьабила Аллагьасул ﷻ гIурхъаби рахинчIого. Щибаб хIалтIиги гьабила Аллагь ракIалда щун, лъикIаб ниятгун. Масала, жиндирго хъизан хьихьила ва цогидазе кумек гьабила.

 

Исламалъ гьукъула кинаб бугониги зулму. Щайгурелъул зулмуялъ чиясул къадру-къиматги шаригIаталъ рихьизарурал гIорхъабиги хвезарула. Зулму гьаби буго кIудияб мунагь, гьелдаса рикIкIад чIезе ккола.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялъ БетIергьан лъабго чиясда данде чIола: «Аллагьасул цIаралдалъун гьедарасда ва хадуб хиянат гьабурасда, узденав чи лагълъуде вичарасда ва гьесул гIарац кванарасда, хIалтIизеги гьавун кколеб мухь кьечIого тарасда», - ян (имам АхIмад, имам Бухари).

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кигIан гьитIинабги зулму гьаби гьукъана, амма гьав лъабавго чи хас гьавуна. Щайгурелъул гьез Аллагьасул ﷻ хIукъукъал хвезарун рукIиналъ. 

Масала, Аллагьасул ﷻ цIар бахъун гьедани ва хадуб хиянатги гьабуни, ай кьураб рагIиги кквечIого, гьев чияс кIудияб мунагь гьабуна. Щайин абуни, гьес жиндаго божизарулел руго Аллагьасул ﷻ цIарги бахъун ва хиянатги гьабулеб буго.

Гукки ва хиянат гьаби бусурбанчиясулъ букIунеб жо гуро. Къуръаналъул аятазулъ ва Аварагасул ﷺ хIадисазда бачIана гьабураб къотIи тIубайилан ва кьураб рагIи кквейилан абун. Кьураб рагIи хвезаби ккола мунапикълъиялъул гIаламат.

Абу СагIид Худриясдасан бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ гукки (хиянат) гьабурав чиясухъ байрахъ букIине буго ва гьеб жинца тIаде борхизеги буго гуккиялъул къадаралда рекъон. Бищун цIикIкIараб хиянатги лъицаго гьабуларо халкъалъул цевехъанас гIадин», - ян (имам Муслим, имам АхIмад).

Къиямасеб къоялъ гьединаб куцалда инсан къватIив чIвазавиялъ бихьизабулеб буго кигIанасеб къадаралда къабихIаб пишаги кIудияб мунагьги гьеб бугебали. Узден лагълъиялде вичарас Аллагьас узденасда тIадкъан букIараб тIагIат хвезабула. Щайгурелъул лагъасда бажаруларо узденасухъа гIадин ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ тIагIат гьабизе. Узденчиясда тIадкъарал жал лагъасе рукIунаро. Гьелъ узденав чи лагълъиялъе вичи ккола кIудияб мунагь.

ХIалтIизе ккурав чиясе кколеб харж кьечIев чи релълъинавуна узденав чи лагълъиялде вичулесда. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьукъана хIалтIи гьабун хадуб мухь кьечIого тей, гьебги рикIкIана кIудияб мунагьлъун. Аварагасул ﷺ хIадисалдаги буго хIалтIухъанасул тIалаб гьабеян ва заманалда мухьги кьеян. Масала, ГIабдуллагь ибн ГIумарица абуна Аварагас ﷺ абунин: «ХIалтIухъанасе кколеб мухь кьезе ккола гьесул гIетI бакъвалалде», - ян (Ибну Мажагь).

Аварагас ﷺ жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна хIалтIухъангун кин рукIине кколебали. АнцIго соналъ Аварагасе ﷺ хъулухъ гьабурав Анас ибну Маликица абуна: «Дица Аварагасе ﷺ гIемерал соназ хъулухъ гьабуна ва гьеб заманалда жаниб Аварагас ﷺ  дида абичIо дуца гьадин щай гьабурабин ва дица щиб букIаниги тараб мехалда абичIо дуца гьадин щай гьабичIебин», - абун (Имам Муслим, Абу Давуд).

Аварагас ﷺ асхIабзабазда малъулаан хIалтIухъабазе зулму гьабиялдаса цIунеян ва гьезда бажарулареб хIалтIи тIадкъагейилан абун. БакIаб хIалтIи тIадкъани, кумек гьабейиланги абулаан. 

Къиямасеб къоялъ Аллагь ﷻ нилъедаго данде чIезе бокьун батичIони, гьаб лъабалдасаго цIуни гьабе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...