Аслияб гьумералде

Рос-лъади ва дагIба-рагIи

Рос-лъади ва дагIба-рагIи

Рос-лъади ва дагIба-рагIи

ДагIба-рагIи гьаби буго гIадатияб жо. Хасго гьеб гIемер букIуна рос-лъадуда гьоркьоб. Амма лъазе ккола гьелъ лъикIалде рачунареблъи ва хIаракатги бахъила кIванагIан цIодорго, гIакъилго рукъалъул иш цебе бачине.

 

 

 

ХIАДИС Анас асхIабас бицараб хIадисалда абулеб буго, цо нухалъ Аварагас ﷺ абунин: «Ццим бахъараб мехалъ гьеб къинабулев чиясдаса, Аллагьасги ﷻ жиндирго гIазаб нахъе чIвала. ХIажат гьечIеб бициналдаса жиндир мацI цIунулесулги, Аллагьас ﷻ квешлъаби рахчула», - ян (ГIукъайли).

 

 

ГIемерисеб мехалда дагIба-рагIи ккола гIиси-бикъинаб жо сабаблъун. Ва гьелъул хIасилалдалъун, хIатта ригьин биххиялдецин бачIуна иш. Гьединлъидал хIаракат бахъизе ккола сундулъго гьоркьохъеб хIал цIунизе, жив битIарав вугин чIечIого, заман, бакI, хIал бихьун къун чIезеги лъазе ккола.

 

БачIинахъего кьвагьани…

ГIемерисезда гуро кIолеб ццим бахъиндал сабру гьабизе. Цо-цоязин абуни ракIалде щвезабула цебе араб ва байбихьула питна биццат гьабизе. Бицуна къваригIел бугебги гьечIебги. Гьединлъидалин лъикIаб гьечIеб араб ракIалде щвезабизе, кIочон тарал масъалабазде ракь хъван тезе беццарабги буго. Ццим бахъараб мехалда гьабулеб дагIба халалъула, гьединлъидал, хIаракат бахъизе ккола ццим чучараб заманалда суалал тIуразаризе. Аварагас ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Нужеца цIуни гьабе ццим бахъиналдаса. Щайин абуни, гьеб буго Адамил лъимадул рекIел боркьун баккараб тIурччи. Ццим бахъараб мехалъ нужеда бихьуларищ кин гьесул тIом багIарлъулеб ва бидурихьалги понцIон рачIунелали», - ян (Абу-Давуд).

 

РуцIцIунчIеялъул хIасил

ГIемерисел рос-лъадул букIунеб жо буго, дагIба-къец ккедал, цоцадаса рикIкIалъун чIолеб ва киназ рекъел гьабизе бугебали бихьизелъун цоцазул хIалбихьи гьабулеб. Гьебги бегьулареб жо буго. Гьелъ жеги квешаб бакIалде рачуна. Ццим чучидал, берцинго гIодорги чIун кIалъани, бокьараб масъала роцIцIинабизе кIола. Ццим бахъин буго чиясулъ би гьалдон, дандияздаса рецIел босиялде рачунеб гIамал.

 

РакI-ракIалъулаб гьари

КIалцIураб рагIиги абун, цинги тIаса лъугьаян абиялъги хIасил кьоларо. ТIаса лъугьайин абилалде цебе рекъараб буго жиндирго хасияталда тIад ургъизе, гьеб иш ккеялъе гIилла бичIчIизе ва хадурккун гьединал дагIба-къецал лъугьунгутIиялъе кумек гьабулел нухал ралагьизе.

 

ХIакъир гьари

ДагIба-къец ккедал, рекъечIел рагIабиги абун лъади хIакъир гьайиялъ иш жеги квешалде бачуна. Гьедин гьабиялъ цоцада гьоркьоб бугеб рокьиги хвезабула. Кинаб хIалалде кканиги, инсанас абизе бегьуларо жиндиего бокьулареб рагIи.

 

ХIинкъизари

ГIемерисеб мехалда гьединал хIалазулъ руччабазда кIоларо жидецаго бицунелъул пикру гьабизе ва сабру гьабун чIезе. Психологазги абулеб буго, кинаб хIал бугониги, чIужугIаданалъе бегьуларин росасул ццим бахъинабун, гьев гьалаглъараб заман халгьабун, гьесухъа рагIи бахъизе, хасго «дун кидаго мекъай йикIуна», «цIар тIаме», «нахъе ина, «дида гьаб хIехьезе кIоларо» абурал гIадал рагIаби. Гьединаб каламалдаса хадубги рес буго ригьин биххизе.

ДагIба-рагIи ккараб мехалъ хIаракат бахъе, данде кIалъачIого руцIцIун чIезе, кигIан захIматго бугониги тIаса лъугьайин абизе. Гьебги бажарулеб гьечIони, аскIоса нахъегIаги ине.

Авараг ﷺ гIадав рос вукIине бокьарай чIужуялъ хIаракат бахъизе ккола жийгоги Хадижат гIадинайлъун йикIине. Гьелъул гIаксалдаги.

Аллагьас ﷻ киназего бичIчIи кьеги.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...