Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ЦIум

 

ЦӀум ккола гIицIго хӀинчӀ гуреб, къуваталъул, эркенлъиялъул, бахӀарчилъиялъул ва бергьенлъиялъул гӀаламат.

 

ЦIумазул руго кIудиял, халатал кваркьабазул, къуватал регIерал малъалгун гозоялъул чан гьабулел хIанчIи. Гьезул тайпаялде гъоркье уна батIи-батIиял тайпаби. Абула лъабкъогоялде гIагарун тайпа бугиланцин.

 

Бищун машгьурал

Беркут. Гьеб рикIуна бищун кIудияблъун. Кваркьабазул халалъи 2,5 метралдасаги тIаде уна. Гьеб тайпа цIумазул цо-цо гIадамаз чан гьабиялъе ругьунги гьабула.

Могильник. Россиялда гIемерисез гьелда абула «бакъул цIум» абун.

Орлан. Гьелда абула «ралъдал цIум» абун. Гьедин абула гIемерисеб нухалда гIоразда, лъаразда аскIоб дандчIвалеб букIиналъ.

ХъахIал гъуждузул цIум. Гьеб рикIкIуна дунялалда бищун бакIаблъун.

БетIер хъахIаб цIум. Гьеб рикIкIуна СШАялъул гIаламатлъун.

РачIчI хъахIаб цIум. Гьеб Евразиялда гIемер дандчIвала. 

Борхьал кваналеб цIум. Гьел руго борхьазде чан гьабизе кутакалда махщел бугел цIумал.

Тайланалъул цIумал. Гьел руго рихьизе гIисинал, амма тирха-кIочи бугел, гьунар цIикIкIарал.

 

ХIикмалъаби

Канлъи бихьи. Гьезда канлъи бихьула инсанасдаса бихьулелдаса щуго нухалъ лъикI.

Гьединго гьезда бихьула ультрафиолеталъул канлъи ва гьелъ кумек гьабула хӀайваналъ бараб гъиз-кIващалдаса пайда босунги, чан гьабизелъун, хадуб халкквезе.

ГIанкIгун гIункIкI гьезда бихьула 3 километралъул борхалъудаса.

Къуват. Гьезул хIатIал руго кутакалда къуватал. Ккураб чан малъаз данде къала лахIзаталдаго гьеб холедухъ къуваталда малъал чорхолъе къазарун.

Борхалъуде роржи. Гьел роржуна 7-9 километралъги борхалъуде. Роржунелъул хал гьарула данде рачIунел хинаб гьаваялъул карачелал, гьел кумекалъе хӀалтӀизарун чIола гьаваялдаги. Гьаваялда букIагоги кIола хIанчIазде чан гьабизе.

Хехлъи. ЧIахIиял куркьбал ругониги, цIумал руго хехго чан гьабулел хIанчIи. Боржун бачIинаго чан гьабулелъул цIум данде ракIарун куркьбалгун бортун уна тIаде кIанцIи гьабулелде. Гьедин бачIунелъул гьезул хехлъи 300км/сагIаталдеги бахуна.

Цоцазда божилъи гьаби. ГIемерисел цIумаз ккола жидеего дандияб ва гьелда цадахъ тIамула тIубараб гIумру. Чанги гьабула цадахъ рекъон, тIанчIиги гIезарула кIиялъго, жидерго ракьги цIунун. Щибаб соналъ цIиял тIанчIи рахъизе гьел руссуна цого бусаде, гьеб бакI къачIала ва лъола ханал. Гьедин гIезабураб бусадул цIайи тоннаялдецин бахуна. 

ГIалхуда гIумру гьабулел цIумаз бала 20-30 сон. ГIадамаз ккурал ва ругьун гьарурал цIумал 50 сон базегIанги хутIула.  

Лъадалъги чан гьабизе кIола. Гьединаб гьунар буго, хасго орланал абурал цIумазул, ччугIида речIулелъул тIубанго лъелъги букъула.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...