Аслияб гьумералде

Къиямасеб къоялъул гIаламат

Къиямасеб къоялъул гIаламат

Магьди ккола Аварагасул ﷺ яс ПатIиматил наслуялдаса, гьев загьирлъараб мехалъ гIадлу-низамалъул рахъалъ дунялго цIола. Дажал вуго капурав, халкъ къосинабулев, цояб бер беццав, кIиябго бералда бакьулъ капурчийин хъварав, жив Аллагь вугилан чIарав, жинда нахърилълъарал жалго толев, нахърилълъинчIезе гIакъуба кьолев, талихIкъарав гьесул рахъалда чIола, талихI кьурас гьесде инкар гьабула.

 

Гьес цIад баян абуни, цIад бала, чIайин абуни, чIола. ГIиса авараг рещтIуна Дамаскалъул хъахIаб минараялде, малаикзабазул куркьбазда кIиябго кверги лъун, Магьдица имамлъи гьабун, гьесда хадуб какги бала ГIиса аварагас, МухIаммад аварагасул ﷺ шаригIаталда рекъон хIукмуги къотIула. Гьес Дажалги чIвала, баракатал цIадалги гIемерлъула, дунялги гIатIилъула, гьес чIужуги ячуна, гьезие лъимерги гьабула, кIикъого соналъ гIадлуги билълъанхъизабун, Магьди хвараб мехалъ Байтул Мукъадасалда гьевги вукъула, живгойин абуни Мадинаялда хола, гьенив Аварагасда ﷺ, Абубакар Ссидикъасда аскIовги вукъула.

Яъжуж-маъжуж абун цIар бугеб цо къавм баккизе буго, жидер рикIкIен гIемераб, ракьалда пасалъи гьабулеб, халкъ гъурулеб, мугIрул-гохIаздаса хехго рачIунел. Гьез ГIиса аварагги гьесда иман лъуралги ТIур магIарда сверун кквезе руго. Байтул мукъаддас кодоб босизе буго, нижеца ракьалъул халкъ гъурана, зобалазул агьлугун рагъулел ругиланги абун, зодоре чIорал рехизе руго. ГIиса аварагги цадахъ ругелги Аллагьасда ﷻ гьардон, Аллагьас гьезул магIазукъалахъе хIутIал-тIутIал лъугьинарун, гьел киналго хвезе руго. Цинги варанабазул гIадал гарбал ругел хIанчIиги тIаде риччан, гьел киналго Аллагьасе ﷻ бокьараб бакIалде рачун рехизе руго.

Дабатул арзи абулеб цо хIайван баккизе буго, жинда хадув чи гъолареб, тIурун жиндихъа чиги ворчIулареб, кинабго халкъалда гьеб жиде-жидер рахъалдаги бихьулеб, муъминчиясул гьумер гвангъизабулеб, капурчиясул гьумер чIегIер гьабулеб, бусурбанчиясде «ле, бусурбанчиян» ахIулеб, капурчиясде «ле, капурчиян» ахIулеб, цоясде мун Алжаналъул агьлу вугилан абулеб, цогидасде мун жужахIалъул агьлу вугилан абулеб, ислам тун батIиял динал батIулал ругилан кIалъалеб.

БакътIерхьудасан бакъ бакки. Гьеб баккизе буго ГIиса авараг хун хадуб. Зоб бакьулъеги щун, нахъбуссун инеги буго. Лъабго къоялъ тIерхьунги букIине буго, гьеб мехалъ тавбуялъул кавуги къазе буго.

Дунялго цIолеб кIкIуйги баккизе буго, кIикъого къоялъ ракьалдаги букIине буго, капурчиясул ургьибеги лъугьун, гьесул киналго картIаздаса къватIибеги бачIине буго, бусурбанчи грипп щварав гIадин вукIине вуго.

ГIаднуялда баккараб цIаялъ гIадамал Шамалде къотIизе руго, гьел къаси кьижараб ва сордо бараб бакIазда гьезда цадахъ букIине буго.

Къуръан ракIаздасаги, мацIаздасаги, тIанчаздасаги бацIцIине буго. Ракьалда Къуръаналъул щибго жо хутIизе гьечIо.

КагIба биххизе хIабашиял лъугьине руго, гьеб мехалъ Къиямасеб къоги чIезе буго.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...