Аслияб гьумералде

Лъазе кколеб къадар...

Лъазе кколеб къадар...

Суннатаб как ккола, паризаял каказда цере-хадур ралел, нилъер какилъ ккарал гъалатIал рацIцIунеблъун. Щайин абуни, нилъер щивасда лъала кин как балебали? Цинги ТIадегIанав Аллагьасул рахIматалдалъун кьун буго гьеб гъалатI бацIцIунеб къагIида – суннатаб как.

Рогьалил какда цебе кIиго ракагIат ратибаталъул бала: «Дица ният гьабуна рогьалил суннатаб как базе», - ян ниятги гьабула. Гьеб паризаяб какалда цебе базе рес рекъечIони, как бан хадуб бала, гьелъул паризаяб какилго гIадаб гIуж бугелъул. Гьеб кIиябго ракагIатги дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги хирияб буго.

ЗухIаялъул какил 2-4-6-8 ракагIат буго. Микьго ракагIат базе бищун хирияб буго. КIи-кIи ракагIатккун бала гьебги. «Дица ният гьабуна суннатаб зухIаялъул кIиго ракагIат базе», - ян ниятги гьабула. Гьелъул гIуж - бакъ лъикIго гвангъаралдаса байбихьула, ай къалъул гIуж щвезегIан. Инсанасулъ 360 чорхол лага-сан буго, щибаб лага-сан рикIкIун гьес щибаб къоялъ садакъа кьезе ккола, гьеб киналъулго бакIалда чIола зухIаялъул кIиго ракагIат.

Къалъул какалда цере ралел ратибатал. Паризяб какда цебе бала кIикIиккун ункъо ракагIат. «Дица ният гьабуна къалъул какалда цебесеб суннатаб как базе», - абун ниятги гьабула. Гьелъул гIуж щола къалъул гIуж щведал. Гьеб ккола нилъеца гьарурал лъикIал гIамалал зодоре рахунеб гIуж, гьеб гIужалда какал разе лъикIаб буго. Цере разе рес рекъечIони, паризаяб как бан хадуб рала. Паризаяб как бан хадубги бала кIи-кIиккун ункъо ракагIат. Ният гьабула: «Дица ният гьабуна къалъул какда хадусеб суннатаб ратибат как базе», - абун. Суннатал каказ паризаял каказул мукъсанлъи бацIцIуна.

Бакъанил каказда цере ралел ратибатал. Ункъо ракагIат бала кIи-кIиккун. «Дица ният гьабуна бакъанил какалда цебесеб кIиго ракагIат суннатаб как базе», - ян ниятги гьабула. Гьеб ункъабго ракагIат барасда Аллагь гурхIагиян дугIа гьабуна МухIаммад Аварагас . Гьесул дугIаги къабулаб букIуна. Цебе базе санагIат ккечIони, паризаяб как бан хадуб бала.

МаркIачIул какда хадуб балеб ратибат. Гьелъул бала кIиго ракагIат. «Дица ният гьабуна маркIачIул суннатаб ратибат как базе», - ян ниятги гьабула. Гьелъул гIуж - маркIачIул гIуж щваралдаса боголил гIуж щвезегIан букIуна.

Аввабиназул как. КIи-кIиккун анлъго ракагIат бала. «Дица ният гьабуна аввабиназул суннатаб как базе», - ян ниятги гьабула. Гьелъул гIужги маркIачIул как баралдаса боголил гIуж щвезегIан букIуна. Аввабиназул какил анлъго ракагIат бани, 12 соналъул мунагьал чурула.

Боголил какил ратибат. Боголил как бан хадуб кIиго ракагIат бала. «Дица ният гьабуна боголил суннатаб ратибат как базе», - ян абун ниятги гьабула.

Витруялъул какал. 3-5-7-9-11 ракагIат бала. Цин кIи-кIиккун бала, хадуб цо ракагIатги бала. «Дица ният гьабуна витруялдаса кIиго ракагIат базе», - ян ниятги гьабула. Ахирисеб ракагIат бухьунаго ният гьабула: «Дица ният гьабуна цо ракагIаталъул витру базе», - абун. Гьелъул гIуж - боголил как баралдаса рогьел баккизегIан буго. Сардилъ ворчIиялда божи бугони, сардил ахирисеб как витруялъул букIине хирияб буго. ВорчIиялда божи гьечIони, кьижилалде цебе бала. Витруялъул как ккола суннатал каказул бищун хирияб.

Тагьажудалъул как. КIи-кIи ракагIатккун бала. Чан ракагIат бокьаниги базе бегьула. Амма цо чIараб къадар букIинабизе лъикIаб буго. Масала, 6-8-12 ракагIат. Гьелъул гIуж щола боголил как бан кьижун хадуб, лахIзаталъ кьижун ворчIаниги, тагьажуд бегьула. Гьелъул гIуж рогьинегIан букIуна.

«Дица ният гьабуна кIиго ракагIат базе», - ян ниятги гьабула.

Тагьажудалъул абун абизеги бегьула, абичIониги бегьула. ВорчIун хадуб витру базе тани, витрудул тагьажудалъул кIиго ракагIат базеян ният гьабизе бегьула. Сардилъ ралел какал алжаналъул хазинаби ккола. Cардилъ бараб какги дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги лъикIаб буго.

Какичуриялъул суннатаб кIиго ракагIат. Кида какие чураниги гьеб чурун бахъиндал гIемер гьоркьоб заман иналде суннатаб кIиго ракагIат бала.

«Дица ният гьабуна какичуриялъул кIиго ракагIат базе», - ян абун ниятги гьабила.

Какичурараб сагIаталда бокьараб как баниги какичуриялъул суннат тIубала. Аварагас Билал-асхIабасда гьикъана: «Алжаналде унаго дида цебе дур хIатIазул тIвапи рагIана, гьеб сундул жо», - абун. Гьес абуна жинца какичуранщинахъе кIиго ракагIат бачIого течIилан.

ТахIийяталъул как. Мажгиталде лъугьанщинахъе Аллагьги кIодо гьавун тахIийяталъул кIиго ракагIат бала. «Дица ният гьабуна тахIийяталъул как базе», - ян ниятги гьабула. Гьелъул заман уна мажгиталда гIодов чIедал. Мажгиталде щведал цоги батIияб как баниги, тахIийят баялъул суннат тIубала.

ТасбихIалъул как. Бищун мунагьал чурулеб ва бицун хIалкIолареб кириги бугеб. Диналъул дагьабниги кIвар бугев чияс жибги толареб, бажарани - къойил, яги анкьида жаниб, яги моцIида жаниб, яги лъагIалида жаниб, яги гIумруялда жаниб банги бачIого тезе бегьулареб как. Гьеб балеб куц гIалимзабазда цIехе, тIахьаздаса лъазабе.

Истихараталъул как. Цо иш гьабундай яги гьабичIогодай лъикI, гьабуни заралдай ккела, хайирдай букIина абун вас-васалде ккарав чияс кIиго ракагIат бала. «Дица ният гьабуна истихараталъул кIиго ракагIат базе», - абун ниятги гьабила. Истихарат ккола цо иш гьабундай яги гьабичIогодай лъикI букIинаян абун Аллагьасдаса лъазе тIалаб гьаби. МухIаммад Аварагас асхIабзабазда Къуръаналъул сурат гIадин малъулеб букIана истихараталъул какги. Гьеб как бан хадуб гьабулеб дугIаги буго. ГIалимзабазда цIехе.

ТаравихIазул какал. Рамазан моцIалъ къаси боголил как бан хадуб кIи-кIиккун микьго яги къого ракагIат бала. Къого ракагIат бани жеги хирияб буго, гьелда хадуб витруги бала. Сардилъ тIадеги рахъун бани, дагьабги хирияб буго. ХIажат тIубаялъул, сапаралде вахъиналъул, сапаралдаса тIадвуссиналъул, хабалъ ракIгъеялъул, цIад гьариялъул, бакъ-моцI кквеялъул, гIидалъул какалги руго, диналъул кIвар бугев чияс гIалимзабазда цIехонги, тIахьаздасан лъазарунги разе кколел какал. Хасго бакъ-моцI кквеялъул, цIад гьариялъул, бищунго кIвар цIикIкIарал, гIадамаз кIвар гьечIого тарал какал рани, гьел суннатал чIаго гьаруни, Аллагьасул нухда шагьидлъарал гIадамазе щолеб гIадаб кири щола.

МУХIАММАДНАБИ АХIМАЕВ

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIежалъул хIакъалъулъ цIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго хӀежалъул тIадал ишал тӀураялъул къагӀидабазул бицараб цӀияб тӀехь. Гьеб басма ккола хӀежалде ине хӀадурлъулел бусурбабазе чара гьечIеб мажмугI. ЦӀияб тӀехь ккола «Дир зиярат» абураб сериялъул бутӀа, гьелда гъорлъе уна...


ГIараб мацI лъаялъул мажлис

Дагъистаналъул исламияб университеталда тIобитIана гIараб мацI лъаялъул мажлис. Гьебги тIобитIана бацIцIадаб гIараб мацIалда. Мажлис тIобитIиялъе гIилла букIана студентазул гIараб мацIалде рокьи цIикIкIинаби, гьезда гьеб лъалеб куцалъухъ балагьи ва гьелде кьолеб кIвар цIикIкIинаби. Мажлисалда...


ДНРалъул муфти дандчIвана ДРялъул муфтигун

Донецкиялъул Халкъияб Республикаялъул муфти Рашид Брагин вачIун вукIана ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе, тIабигIияб балагьалде ккараб Дагъистаналъул халкъалъул рахъ кколеб букӀин загьир гьабизе. ДНРалда захӀматаб ахӀвал-хӀал букӀаниги, Донбассалъул диниял церехъабаз бихьизабуна хIажатаб...


ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна

ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна республикаялъул гIелмиябгун практикияб конференциялда. Гьеб тIобитIана Юстициялъул тIолгороссиялъул пачалихъияб университеталъул базаялда – Северияб Кавказалъул институталда (МахIачхъала шагьар). Гьениб кIалъазе вахъарав...


КIудияб бергьенлъи щвела

ЗулкъагIида ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул анцIила цоабилеб. Жибго «къагIада» абураб рагIул магIна ккола «гIодов чIей», яги хIалтIи гьабичIого чIей. Гьедин моцIалда цIар тарабги букIана гьеб заманалда гIадамал рагъ-кьал гьабиялдаса нахъекъан чIолеллъун...