Аслияб гьумералде

Алжаналде вачунев

Алжаналде вачунев

Гьалмагъзаби руго эбел-инсуда, вац-яцазда, гIага-божаразда хадур рачIунел чагIи. Гьелгун цадахъ нилъеца тIамула гIезегIан заман, бикьула ургъел ва хIажатаб къоялъ хIалаеги рахъуна. Диналда жанибги кIудияб бакI ккола гьалмагъиялъ. Щайин абуни гьалмагъзабазул хIакъалъулъ рицарал аварагасул гIемерал хIадисал руго.

Абу-Давудица бицараб хIадисалда буго:

«Чи жиндир гьалмагъасул диналда вуго, гьединлъидал нужеца хал гьабе лъилгун гьеб гьабулеб бугебали», - ян.

Цо нухалда авараг , пуланав асхIабгун цадахъ, гъутIби ругеб бакIалде лъугьанила. Гьениб сивакалъе хIалтIизабизе кIиго гIаркьел беканила. Гьезул цояб букIанила битIараб, цогидаб - гьетIараб. ГьетIараб жиндиегоги тун, аварагас битIараб гIаркьел асхIабасе кьунила.

Цинги асхIабас абунила: «Я, Аллагьасул расул , мун дидасаги цIикIун мустахIикъав вуго битIараб гIаркьел сивакалъе хIалтIизабизе», - ян. Гьесие жаваб гьабун аварагас абунила:

«Цонигияв гьечIо жинца цогидасдехун цо къоялъгIаги гьалмагълъи гьабун, Къиямасеб къоялъ гьелдаса цIехон гурони. ТIубазабунищ гьес гьалмагълъи гьабиялъулъ Аллагьасул хIакъ ялъуни гIадада хвезейищ гьев тарав абун кIалгьикъиги гьабун гурого», - ан.

Гьаб ахираб заманалда бугеб кинниги, гьалмагълъи гьабулебинги абун, гьезда цадахъ бата-батараб гьаби бегьуларо, рукIине ккола Аллагьасда цере рахъараб мехалъ ахираталда цоцазе хIалае ратулеллъун, лъикIаб гIамал ккурал ва гьелде цадахъ вугевги кантIизавулевлъун.

ХIалае рати абуралъул магIнаги ккола, Аллагь лъалел чагIаз абулеб: «Алжаналъул агьлуялъ жал гьенире лъугьун хадур, дунялалда лъикIаб гьабун жидеда цадахъ рукIарал гьалмагъзаби гьенир ратичIеб мехалъ, БетIергьанасда цIехола: «Я, нижер БетIергьан , дунялалда ругеб мехалъ цадахъ какалги ралел кIалалги кколел гьалмагълъи букIана нижер, амма гьанир гьел рихьулел гьечIо», - ян. Жаваб гьабун БетIергьанас абула: «Нуж жужахIалде а ва гьениса къватIиве ваче жиндир рекIелъ дагьабгIаги иман букIарав чи», - ян.

Гьалмагъзабазулги Аллагьасе цIикIкIун рокьулел руго дандияздехун гурхIел гIемерал ва рукIа-рахъиналъулъ хIеренал. Гьедин абулеб буго хIадисалдаги. ХIасанул Басрияс гьалмагъзабазул хIакъалъулъ абун буго: «Нужеца гIемерал муъминзабазулгун гьалмагълъи ккве, Къиямасеб къоялъ гьел руго нужее шапагIатчагIи», - ян.

ЛъикIав гьалмагъ вуго мискал ричулев чиясда релълъун. Дуца гьесухъа босулеб гьечIониги гьесда аскIов вугебгIан заманалъ дудаса мискалъул махI бахъинчIого букIунаро. Квешав абуни, къебедасда релълъун, ай гьесда аскIов вугеб мехалъ мун сундаго квалквадулев гьечIониги, кIкIудул махIгIаги дудаса бахъинчIого букIунаро. Аллагьас щивасе насиб гьареги дунялалдаги ахираталдаги хIажатаб мехалъ аскIор ратулел гьалмагъзаби.

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...