Аслияб гьумералде

Инсанасул гIумру

Инсанасул гIумру

ХIурматиял бусурбаби, гьал ахирал моцIазда жаниб Дагъистаналъул халкъ дандчIвана гIезегIанго цIикIкIарал тIабигIиял балагьазда. ГIемераб цIад баялъул хIасилалда Дагъистаналъул чанго батIиял бакIазда, ай гIодоблъиялда лъим рукъзабахъе бачIун лъикIаланго зарал ккана магIишаталъе. Гьединго мугIрузул районазда гьелго цIадал раялъул хIасилалда нухал ччукIун, минаби ракьулъе ун камиялгун квекIеналги ккана. Чанго анкьалъ нух къарал, ток сварал, гьединго, лъел рахъалъ квалквал ккарал гIадамал гIезегIанго руго.

 

ТIоцебесеб иргаялда, нилъеде тIаде кинаб бугониги балагь бачIараб яги гIагарлъулеб бугеб заманалда ракIалде щвезе ккола тIолабго халкъ бижарав БетIергьан Аллагь. Гьесул кверщаликьа бахъараб жо гьаб дунял-ахираталда букIунареблъиялда ракIчIун букIине ккола.

Гьелдаса хадуб нилъеца балагьизе ккола гьеб балагьалде кин сабру гьабилеб, гьеб нахъчIваялъе кинал тадбирал рихьизарун ругел Къуръан-хIадисалдаяли. ГIелмуялъ бицухъе, халкъалде тIаде бачIунеб балагь, гIемерисеб мехалда, гьезулго мунагьал сабаблъун букIунин буго. Гьединлъидал рекъола тIоцебе тавбу гьабун, церехун ккарал мунагьазда ракI бухIун Аллагьасде руссине. ТIаде бачIараб балагь нахъчIвагиян, гьелда сабру гьабизе тавпикъ кьегиян БетIергьанасда гьаризе.

Гьеб буго жинда тIаде балагь щварас гьабизе рекъараб жо. Амма цогидасде бачIараб къварилъи бихьарасе рекъола гьесие кумекалъе вортизе. Бусурбанчиясе гьабураб кумекалъул хIакъалъулъ гIемераб хиралъи бицун буго гIелмуялъул тIахьазда. Хирияб хIадисалда буго: «Муъминчиясдасан дунялалъул балагьазул цонигияб бигьа гьабурасе Аллагьас ахираталъул захIмалъаби бигьа гьарула…», - ян. Муслимилгун Бухариясул хIадисалда буго Бичасул аварагасдасан ﷺ бицун: «Цо мекъи хьвадулей гIаданалда бихьанила цIакъ бухIараб къоялъ гъуялда сверун хьвадулеб, гIемер къечеялъ, мацIги къватIибе рехун сверулеб гьве. Гъуялъусаги бахъун гел цIураб лъим кьунила гьелъ гьелъие. Гьеб гIамалалъухъ Аллагьас гьелъул мунагьалги чуранила», - ян.

Балагьеха, диналъул агьлу, хIисаб гъваридго гьабе, гIакълуялъул бетIергьаби. Жиндир гIамал беццуларей йикIарай гIаданалъ захIматаб хIалалде ккараб гьвеялъе гьабураб лъикIлъиялъухъ Аллагьас гьелъул мунагьал чурун руго. Аллагьасул махлукъатазда гьоркьоса бищунго хира гьавурав инсанасе гьабураб кумекалъухъ щолеб даража гьаниб бицун хIалго кIвеладай?

Цоцазе кумек гьабиялъул рахъалъ Дагъистаналъул халкъ тIоцебесеб бакIалда буго. Гьаб нухалда къварилъи ккаразеги гьабуна саламатаб кумек. Рес бугес гIарцудалъун, къайи-матахIалдалъун, кванил нигIматаздалъун ва чорхол къуваталдалъун. Гьеб къварилъиялде ккарал гIадамал цIакъ риххун, хIинкъун рукIана. Гьез абулеб букIана тIубараб гIумруялъ данде гьабураб магIишат-яшав цо чанго минуталда жаниб гIадада хванин абун.

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал! Нилъер гIумруги буго гьебго жо. Пикру гьабе цо гьадинаб хIакъикъаталъул, инсан дунялалде вачIуна гIицIаб черхгун, чIорогоял квералгун. Гьаниса нахъеги уна лъутIичIеб ххамил кесекги тIад жемун, кодоб щибго жоги босичIого. Гьедин дунялалдеги вачIарав нахъеги чIового ине вугев инсан тIубараб гIумруялъ хачадула дунялалда хадуб. Гьелдаса пайда босизе щвечIого, букIаралъуб гьебги ирсилазе тун, къокъинеги ккола гьаб дунялалдаса.

Аллагьас нилъеде тIаде риччалел гьединал балагьаз ракIалде щвезавула БетIергьанги, Гьесул къуватги, гьелдаго цадахъ нилъерго загIиплъиги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...