Аслияб гьумералде

Эбелалъул хIурмат

Эбелалъул хIурмат

Эбелалъул хIурмат

ХIурматиял бусурбаби, гьаб дунялалда нилъ ратиялъе сабаблъун ккарал, нилъ хьихьулаго ва гIезарулаго бищун къо бихьарал гIадамал ккола улбул. Дунялалда тIад бищунго кIодо гьаризе кколел гIадамал кигIан ратаниги, гьезда гьоркьой йиго эбелги.

Исламалъ кIудияб кIвар кьола эбел-инсул адаб цIуниялде ва хасго эбелалъул хIурмат цебе ккезабула. Бичасул аварагасда ﷺ цо чияс цIехон буго бищун гьудуллъи гьабизе рекъарав чи щивин абун. Аварагас ﷺ жаваб гьабун буго, эбелин абун. Гьелда хадув щивин гьикъидал, эбелин гьабун буго хирияс ﷺ жаваб. Цинги щивилан гьикъидал, эбелин жаваб гьабун буго лъабабизеги. Ункъабизеги цIехедал, эмениланги абун буго. ГьедигIан кIудияб кIвар буссинабуна Бичасул аварагас ﷺ эбелалъе кьезе кколеб хIакъалде.

Гьанибго бицун телин нилъерго загIиплъиялъулги. ЛъабцIулго тIадвуссун хирияв аварагас ﷺ эбелалда аскIор рукIине, гьелъул ракI гъезабун, хъулухъ гьабизе ккей бицун рагIун хадубги нилъеда гьеб кIочона. Анкьазги моцIазги эбелалъул хIалги цIехечIого, гьелда аскIоре щвечIого ва телефоналъгIаги кIалъачIого рукIине нилъеда кIолеб?

Гьелде тIадеги, чIужуялъе эбел данде кколей гьечIин абун, гьелде семулел, гьелъие гIадлу гьабулел камулел гьечIо. Цо кинаб бугониги жо гьелда ракIалда чIечIого букIун, яги абураб хехго бичIчIичIони, яги канлъи дагьлъун щиб бугониги заманалда бихьичIони, гIайиб гьабунги гаргадула нилъ.

ГIайибал кигIанги рехсезе бегьула, амма гьелде нилъ кантIулел гьечIони, буго талихIкъин. Бицаралда дагьалгIаги нихърилълъинчIони, хIасил кинабха ккелеб?

Къуръаналда эбел-инсул адаб гьабизе ккеялъул рехсей гьабурал аятазда гьоркьоб, хас гьабун эбелги рехсолей йиго. «Инсанасда Дица амру гьабуна эбел-инсуе лъикIлъи гьабейин абун. Эбелалъ гьев ваччана къо бихьун. Гьединго захIмат бихьун гьавизеги гьавуна. Гьев ургьив ваччиги карандаса тIезавиги лъеберго моцI ккола», - ян (сура «Ал-Исраъ», 23 аят). Гьаб бакIалда ургьиб балеб заман анлъго моцIлъун рикIкIунеб буго. Щайгурелъул, гьеб заман кколеб буго бищунго дагь ургьиб балеблъун. Гьелде тIаде хахизавулеб 24 моцIги жубани, 30 моцI гIола.

Эбелалда лъимер гьабулаго ва гIезабулаго бихьулеб гIакъубаялъул хIакъикъат жийго эбеллъун яхъарай гIаданалда гурони, бихьиназда бичIчIулеб жо гуро. КигIан-кин бугониги, гIага-шагаргогIаги нилъеда гьеб лъалеб мехалда, эбелалде кьолеб кIвар цIикIкIинабизе рекъола.

Нилъеда лъала цебе заманалда кIудиял чагIи гIолохъабазул, хасго лъималазул кумекалде хIажалъи цIикIкIарал рукIана. Гьаб заманалда бачIунеб пенсиялъ гIезегIан кIудияб бакI ккун буго. Кинниги гьанжеги кутакалда хIажат буго эбелалда аскIор рукIунеб заман цIикIкIинабизе. Гьелъулгун гIодове виччан хабарги бицун, гьелъ кьураб квенги кванан, гьелда аскIоб заманги бан, гьей йохизайиялдаса кIудияб рохел гьаб заманалда гьелъие гьечIо. Нилъеца гьабулелдеги балагье. ГIедегIун вуго, гIедегIун вуго, хехго ва къокъго бице къваригIарабин эбелалдаги абун, цевеса тIерхьуна. Пашманал бералгун хадур балагьун, эбелги хутIула.

Эбелалъул ракI батиялдасаги цебесеб хIалтIи кинаб бугеб нилъер? Гьенисаги ун щибго къваригIел гьечIелъур рукIунагури нилъ. Гьеб жо шаргIалъ беццулеб жо гуро. Цоги, камуларо эбелалъе кIалъазе рагIиго кьоларелги. Мун юцIцIа, мун херлъун йиго, дур заман цебего анаян абурал ва гьелда релълъарал рагIаби бусурбабаз кин бегьулел хIалтIизаризе.

Ибну ГIумарица бицун буго, цо чи вачIанила Бичасул аварагасухъе ﷺ, жиндир мунагь кканин, кин гьеб чурилебин абун. Хирияс ﷺ гьикъанила эбел чIаго йигищин абун. ГьечIин абунила гьес. Эбелалъул яц йигищин цIеханила аварагас ﷺ. Йигин абунила гьес. Гьедин батани, гьелъие хъулухъ гьабизе а мунилан абунила аварагас ﷺ.

«Алжан - эбелалъул хIатIакь буго» абураб хIадис цIакъ лъикI лъала киназдаго. Амма адаб гьабизе ккараб заманалда кIочонеб къагIидаха.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги щивасе улбузул къимат гьабизе.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...