НигIматалъул къимат
НигIматалъул къимат
Рецц Аллагьасе буго гьалщинал нигIматал кьун, нилъ хьихьун тIалаб гьабурав. Щибаб заманалъул букIуна жинда хасал рохелалги, гьединго къварилъабиги. Нилъер умумузул заманалда бугеб захIмалъи букIана гIумруялъул шартIал захIматал рукIин, квана-гьекъезе жо тIалаб гьабиялъул ургъел цогидалдасаги цебесеб букIин. Гьединлъидал нилъер умумул хабаралде гIемер регIун рукIунароан.
Гьале заман сверана, гIумруялъул шартIал лъикIлъана, магIишат-яшав гьарзалъана. Гьелдаго цадахъ гIадамазул тIабигIатги хисана. Цебе ничаб жолъун букIараб кIудиязул адаб тей, гьитIиназда гурхIел гьечIолъи гьанже гIадатияблъун лъугьана. Цоцаздехун бугеб рокьи, адаб гIадамазулъ дагьлъана. Гьеб киналъего аслияб сабабги буго гIумру гьабизе бигьалъи щвей, квана-гьекъолеб жо гьарзалъи.
Цоги, нилъер умумузе щвечIеб диналъе эркенлъиги щвана гьанже. Гьелдаго данде кинабниги жо гьарзалъиялъул къварилъиялъ чIчIел босулеб бугин кколеб буго. Диналъухъ гIащикълъун, как ахIулеб гьаракь рагIичIого, мажгитазда жамагIат-рузман щвечIого ана нилъер умумул абадияб рокъоре. Аллагьас нилъее гьарзаго кьун буго гьеб кинабго.
Сунда бащалъулеб, кинаб мухьгун бечелъиялъухъ хисулеб дин гьабизе бугеб эркенлъи? Дунялги, гьелда жаниб бугебщинаб жавгьарги кьуниги хисилищ хIакъикъиял устарзаби нилъее щвеялъул нигIмат? Гьадинал суалазул сияхI гIезегIан халатаб буго. Амма жаваб цо буго киназего.
Дагьаб цебе нилъеца рехсей гьабуна щибаб заманалъул къварилъиялъул хIакъалъулъ. Гьаб заманалъул захIмалъигун къварилъи щибин абуни, гьеб буго Аллагьас кьурал нигIматал хIехьезе кIунгутIи. ГIурусазул гьелъие рекъараб аби буго, «от жиру бесятся» абураб. МагIарулаз гьелда абула гIатI гIемерлъун бугин абун. ХIисаб гьабураб заманалда, гIумруялъул шартIал къваридаб заманго лъикI хIехьезе кIолеб гIадин буго нилъеда, ай халкъалда гьарзаяб мехалдаса. Амма гьеб гIакълуялда борцани, кигIанги кIудияб гIантлъиги, тохлъиги, гIакълу гьечIолъиги ккола.
Щибха нилъее рекъараб букIараб гьелъул бакIалда гьабизе? ТIоцебесеб иргаялда, нилъее Аллагьас кьун ругел нигIматазе шукру гьабизе. Гьелъул магIнаги ккола, нигIматал сундуе кьун ратаниги, гьелъие хIалтIизари. Хасго диналда хурхарал суалазда жанир. Кинин абуни, кIвараб къагIидаялда гIибадат гьабун, мажгитазде хьвадун, садакъа-хайрат гьабун.
Къварилъиялда тIамуниги, бигьалъи щваниги цого гIумру буго киназулго. Щибго бахилаб жо, дин гьаби тун батIияб, гьаб дунялалда гьечIо. Щивав чиясул бихьизабураб заман тIубарабго гьанив щивго хутIуларо. Гьединлъидал, аслияб кIвар кьезе ккола ахираталъе пайдаял ишазде.
Цоги чара хвезабураб жо буго, гьаб заманалда халкъалда гьоркьоб хабар-калам гIемерлъи, цоцазул гIайибал рикIизе хIаракат бахъи. Хасго диниял церехъабазул, имамзабигун гIалимзабазул гъалатIазда хадур лъугьин. ГIайиб камурав чи щивго вукIунаро. Мунагьаздаса рацIцIадал гIадамалги аварагзаби гурони гьечIо. Гьединлъидал исламалъул къагIидаялда рекъон, цогидасулъ бихьараб гIайиб жиндирго бугеб гIадин бихьизе рекъола. Хирияб хIадисалда буго: «Муъминчи цогидав муъминасул матIу вуго», - ян. Гьелъул магIна ккола матIуялда жаниса живго вихьулин абураб, ай цогидасулъ бихьараб гIайиб жиндирабголъунги бихьун, цин жиндаго тIад хIалтIи гьабизе кколин абураб.
Цоги, нилъеда лъала дунял бижаралдаса нахъе рукIана ритIаралги, гьезде данде мекъалги. БатIалъи щиб, гьанжеги камун гьечIо. Шамил имамасде данде рахъаразда гъорлъги гIезегIанго рукIана дагъистаниял, магIарулал, гьайгьай камичIо гьезда гьоркьор гIелму жидеца цIаларалги. Балагьеха гьанже гьел кир ругелали, гьединго хIисаб гьабе Шамил имамасул къадру-къиматалъулги. Жакъа гьезие нагIана кьела жидерго наслабазцин, щайгурелъул гьединаб рогьо-нич нахъе наслабазе теялъ. Гьедин данде рахъун имамасдегун рукIараз кинаб чIчIел босараб, кигIанасеб бечелъиялъул яги хIакимлъиялъул бетIергьабилъун гьел рахъарал? Жалгоги, хадур ругел наслабиги инжит гьари гурони, нахъе цоги жо гьез течIо.
БатIалъи гьечIо, гьаб заманалдаги камулел гьечIо Дагъистаналъул рухIияв цевехъанасул хIалтIуда тIад кIалъалелги, гьездаго гьоркьор цIаларалин ругелги. Дицани гьезда абилаан цо дагьабгIаги тарих цIалейин абун. Гьеб мехалъ бичIчIизе бегьула хIакъикъат. Амма гьединал гIадамал нафсгун шайтIаналъ гуккулел ратула жал ругин хIакъаб рагIи бицунел гIадамалин абун. Гьединго гуккана цересел гIадамалги. ХIакъикъат балагьизе бокьарасе нухал камун гьечIо. Щибаб жоялъул жиндир хасаб нух букIуна. Гьеб кколеб гьечIони, лъикIаб гуреб хIасил ккола.
Цо-цо мехалда ракIалде ккола лъикIлъи хIехьезе кIоларогодайин рукIунелин абун. ХIисаб гьабураб заманалда, щибго камураб жоги гьечIого разилъи гьечIолъи загьир гьабун, жагьилзабазул пикру биххизабулеб бихьидал, хIинкъизеги бачIуна. Аллагьас кантIи кьеги киназего.
Нилъер талихI буго динияв цевехъан тIарикъаталъул хIакъикъияв муршид вукIин. Гьеб кIиябго цойида данделъиялъ халкъ цолъиялъе кIудияб асар гьабула. Беццав чиясда кигIан гIемер бицаниги бакъул канлъул пайда ва хIакъикъат бичIчIизе рес гьечIо. Чорхол сахлъи гьечIого кIал кьогIлъарасдаги кигIан гьуинлъи кваниги кьогIлъи гурони цоги тIагIам лъаларо.
Нилъедаса тIалаб гьабулеб жо щибха бугеб? ГIалим вукIа, жагьил вукIа, мурид ва цогидав бокьарав бусурбанчиясда тIадаб буго тIад вугев динияв цевехъанасда нахъвилълъине, инкаргун разилъи гьечIолъи тезе. Гьедин ругони гурони цолъиги, рекъелги данде буцIцIунаро.
Аллагьас тавпикъ кьеги лъикIлъи хIехьезе.