Аслияб гьумералде

ШайтIан хъамулеб пиша

ШайтIан хъамулеб пиша

ШайтIан хъамулеб пиша

Бусурбанчиясе бугеб бищун кIудияб балагьалдасан буго ракI къвакIи, гьеб биццалъи. РекIел хIал гьеб куцалде щведал Аллагь ﷻ рехсеялъги гIибадат гьабиялъги чорхое рухIияб (берцинаб, рахIат щвараб, гIодобе биччараб) къуват щоларо. Гьебги буго гьаб заманалъ нилъер гIемерисезулъ бугеб унтиги.

 

Гьеб хIалалда черх, ракI тей буго живго жинцаго (рухIияб рахъ хвей, гьеб гуребги чиясда заман бахъарабгIан халлъун черхалъул загьирияб хIалги захIмалъулеб, бечIараб, гьабулелъул кIвахIаллъулеблъун букIуна) хвалде рехи. Гьелда хурхун Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «ТалихIкъей, балагь (жужахIалъул кIкIал) буго жидер ракIал Аллагь ﷻ рехсеялдаса риццалъарал чагIазе», - ян (сурату «аз-Зумар» 22 аят).

Амма гьеб хIал буго сах гьабизе кIолеблъун. Сах гьабулеблъунги буго гIемер Аллагь ﷻ рехсей, зикру-тасбихI бачин, Гьесул ﷻ ХIабибасде ﷺ салават битIи, лъикIал гIамалал гьари. ГIалимзабаз тIахьазда рехсолеб кинниги, гьел гIамалал гьарулевги дунялалдаго Алжаналда вугевлъун лъугьуна.

ХIадисалда буго: «Аллагьасул ﷻ гIазабалдаса цIикIкIун хвасарлъилъун бугеб, Гьев ﷻ рехсеялдаса лъикIаб гIамал Адамил лъимералъ цониги гьабичIо», - ян (Тирмизи).

Ибну ГIабасица бицун буго: «ШайтIан букIуна Адамил лъимералъул рекIел хъаравуллъи гьабун. Гьеб Аллагь ﷻ рехсеялдаса сагьвиллъараб ва гъапуллъараб мехалъ, шайтIаналъ гьенибе васвас рехула. (КигIан къадаралъ нилъ Гьев ﷻ рехсеялдаса гъапуллъаниги, гьелда рекъон шайтIаналъ ракIалда хIалтIиги гьабула). Гьеб ракIалдаса бачахъулеблъунги буго БетIергьан ﷻ рехсей, Гьев ﷻ ракIалда кквей», - абун.

РакI Аллагьасдаса ﷻ гъапул гьабулеблъун буго къваригIел гьечIеб калам, гъибат-бугьтан гьаби – жал сабаблъун мунагьалдеги кколеб. Муъминзабазе сипат гьабун Къуръаналда Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Рохарал, талихI батараздаса руго муъминзаби. Балеб какалъулъ жал хушугI-хIузур ккураллъун ругел. Гьединал гьел лагъвияб, хIажат гьечIеб каламалдаса жал рикIкIад чIарал, гьелдаса руссарал», - ин (суратул «Муъминин», 1-3 аят).

ХIакъикъиял бусурбабаз кидаго хIаракат бахъизе ккола мунагьалде рачунеб гIамалалдаса жидерго мацI гьукъизе. Гьединал рукIиналде буго рехсарал аятазда Къуръаналдаса нилъеде ахIиги. ЦIунараллъунги рукIуна гIемер БетIергьан ﷻ рехсон, мацI ругьун гьабулеб бугони.

Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIарифуназул цояв - ХIасанул Басрияс абун буго: «Нужеца рекIее лазат, чорхое гIодобе биччай тIалаб гьабе лъабго жоялъулъ: как баялъулъ, Аллагь ﷻ рехсеялъул ва Къуръан цIалиялъулъ. Гьезулъ нужеда гьеб батани – нуж руго гьеб щвараллъун. БатичIони – нуж руго рагьу къараллъун, нужеца тIалаб гьабе щиб гIилла-сабаб гьелъие бугебали.

Гьел рагIабазе баян гьабулаго гIалимзабаз хъван буго: «Гьеб лъабабго жоялъулъ буго лазат боси, жиб чIамичIесда гьелъие баян ва сипат гьабизе кIолареб», - абун.

Цогидас абун буго: «Дунялалъул агьлулъун ругел мискинзабазда (дунял рекIелъе биччан, гьеб бокьун, тIалаб гьабиялда машгъуллъарал) лъала гIицIго гьанир ругел дунявиял бечелъабазул тату-лазат. Амма гьез гьаб дунялалда бугелдаса жеги лъикIаб, татуяб чIамичIо», - абун.

Щиб кколеб гьелдасаги татуябин цIехедал, жаваб кьун буго: «ТIадегIанав Аллагь ﷻ лъай, Гьев ﷻ вокьи ва Гьев ﷻ даимго рехсей», - абун.

Цо валияс абун буго: «Гьаб дунялалъул ханзабазда лъалеб букIарабани нижеца жиндаса лазат босулеб жо, гьез нижехъа гьеб бахъилаан хвалчабаздалъун рагъ гьабунги», - ян.

Аллагь ﷻ гIемер рехсей буго Гьесдаса ﷻ рачIунел нигIматал щвеялъе сабаб. ГIумар-асхIабасдасан бицун буго, Аварагас ﷺ (Аллагьасдаса бачIун нижеда) абунин: «Жиндир хIажатал Дида ﷻ гьариялдаса, Къуръан цIалиялъги Дун ﷻ рехсеялъги жив машгъул гьавурав чиясе Дица ﷻ кьола Дида гьараразе кьуралъул бищун лъикIаб», - абун. Гьеб гIаламат нилъеда бихьула Аллагьасул ﷻ диналда вугесулъ, гьеб цебетIезабун хIалтIулесулъ ва Гьесул ﷻ вализаби-шайихзабазулъ. Дунялалъул магIишат-яшав гьабулел, гьелъие гIоло хIалтIулел, гьеб тIалаб гьабун хьвадулеллъун гьечIониги, гьел рукIуна дунялалъул боцIи-малалъул сундего жидер хIажат гьечIел ва щиб бокьаниги нигIматги щолеллъун.

Аллагь ﷻ ккуразе, Гьев ﷻ рехсеялде кIвар буссинабун рукIунезе бугеб нигIматазул цояб бугин абун рехсолеб буго хIадисалда: «БетIергьан ﷻ рехсолеблъун цо къавм бугеб мехалъ, гьезда сверун лъугьуна Аллагьасул ﷻ малаикзаби, рахIматазулъги тIерхьинарула гьел, цинги гьезде сакинатги (парахатаб, гIодобе биччараб хIал) рещтIуна», - абун. «Сакинат» абураб рагIиялда хурхун гIалимзабаз гIемераб гIелмияб хIалтIаби хъвана. «Сакинат» буго рухIияб гIодобе биччай. БукIине кколедухъ жиндие унго-унгояб баян гьабизе захIматаб иш. Гьеб буго ихласалдалъун Аллагь ﷻ рехсолел чагIи жинде щолеб хасаб хIал. Гьелде щваравги вукIуна сундего хIажалъи хутIичIого, Алжаналде щварав кинниги. Гьеб хIалалда хурхун хIадисалда буго: «Жинда аскIор ругезе Аллагьас ﷻ гьелги рехсана», - абун (Абугьурайрат).  

БетIергьанас ﷻ насиб гьабеги щивасе гьеб хIал ва Гьев ﷻ гIемер рехсолеллъун рукIине тавпикъ. Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...