Аслияб гьумералде

Цолъиялъулъ буго цебетIей

Цолъиялъулъ буго цебетIей

Цолъиялъулъ буго цебетIей

ШаргIиял гIелмабазул доктор ГIабдуллагь-хIажи Ацаевас Буйнакскиялда гьабураб кIалъай

 

 

ХIурматиял бусурбаби, лъикIал мажлисазда гIахьаллъизе щвей буго ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматаздасан. Мажлисал гьарун жамагIатал цолъизариялъулъ кIудияб пайдаги баракатги буго. Цоцалъ гъункиялъ кьола хIасилги.

 

Нилъеда лъала хирияв Аварагас ﷺ Маккаялда дагIват загьир гьабидал ва гьесда сверухъ асхIабзаби цо-цоккун гъункизе байбихьидал, мушрикиназул рахъалдасан гIемерал захIмалъаби раччизе ккана. ГIемераб мехалъ асхIабзабазгун Аварагас ﷺ сабруги гьабуна. Ахирги, мушрикиназул зарал цIакъго цIикIкIиндал, Аллагьасул ﷻ изнуялдалъун, Аварагас ﷺ ва гьесул асхIабзабаз Мадинаялде гьижра гьабуна. Мадинаялда ва сверухълъиялда рукIарал тухумаз дин къабул гьабуна, Аварагасул ﷺ рахъ ккуна. Мадинаялда рукIаго бусурбаби цолъана ва гьезул къуватги цIикIкIана. Гъункун рукIаго гIемерал бергьенлъабиги росана, хIатта персазулгун византиязул империялцин хIинкъизе лъугьана.

Гьединаб гъункараб ва къуватаб умматги тун, хирияв Авараг ﷺ ахираталде накълулъун хадуб, байбихьана рикьалаби. Иман загIипаз исламияб динцин тезе байбихьана. Умматалде тIаде питнаялъул хIинкъи бачIана. Амма Абубакар халифасда, жиндирго гIакълуялъул гъварилъиялдалъун, питна-балагьалдаса уммат цIунизе кIвана. Абубакарида сверухъ бусурбаби ракIаридал, гьезул иш цебетIолеб букIана. Гьесда хадуб ГIумар-асхIаб халифлъун вукIагоги бусурбабазул иш квеш букIинчIо.  Тушбабазул квердаса ГIумар-асхIаб шагьидлъидал, халифалъун ГIусман-асхIаб тана. Гьесул заманалдаги умматалъул иш квеш букIинчIо, халифаталъул рахъ-рахъалда, халифасул хIалтIул ритIухълъиялда щаклъи ккезабулел гIадамазул къокъаби раккизегIан. Гьезул пикруялда, ритIухълъи гьезда аскIоб букIана. Нилъеда лъала ГIусман-асхIабасул букIараб макъам. Гьев вукIана Аварагасул ﷺ дурцги, чIаго вукIаго Алжаналъул рохел бицарав чиги, жиндир хIакъалъулъ гIемерал хIадисалги Аварагас ﷺ рехсарав.  Кинниги, тушбабазул макруялдалъун, гьесулги би тIуна, бусурбабийин ругел чагIаз. Гьелдаса нахъе бусурбабазда гьоркьоб рикьалаби гIемерлъана.

ГIали-асхIаб халифалъун тедал, гьесие кутакалда захIмалъана бусурбаби данде ракIаризе ва гьеб хIалалда гьевги чIвана тушбабаз.  Аварагасул ﷺ, Абубакарил, ГIумарил, ГIусманил заманалда бусурбаби цолъун рукIаго, уммат тIегьалеб букIана, исламияб динги киналго рахъазде щвана, бергьенлъабиги гIемер рукIана.

Гьеб мисалалдасан нилъеда бичIчIула, нилъ цолъун рукIине кколеблъи ва рикьалабаз гьалаглъиялде рачунеблъи. ШаргIалда рекъон кIиго бетIер вукIунаро. Гьедин букIарабани ГIали-асхIабасги МугIавиятилгун рагъ балароан.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеде амру гьабун абулеб буго (магIна): «Я гьал иман лъурал гIадамал! Нуж Аллагьасе ﷻ ва гьесул Расуласе ﷺ мутIигIлъе. Ва нуж мутIигIлъе нужеда гьоркьоса нужеда тIад амру-нагью гьабизе тарал гIадамазеги». (Сура «Ан-Нисаъ», аят 59)

 

 

 

 

 

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «КишмишгIадаб гьитIинаб бетIер бугев хIабашияв лагъ ватаниги, нужеда тIад вугесе мутIигIлъе ва гьесухъ гIенекке», - ян. (Бухари)

Гьаб хIадисалда бицухъе, тIад вугесе нилъ мутIигIлъичIони, ГIусман-асхIабасул заманалда ккараб ккезеги рес буго. Нахърилълъинеги тIадаб буго, бетIерас мунагьал гьарулел ругонигицин. Мунагьаздаса цIунарал чагIи аварагзаби гурони гьечIелъулха. Масала, ГIали-асхIабасул вас ХIусенил би тIеялъе сабаблъун ккарав МугIавиятил вас Язидиде данде рахъунгеян абуна ХIусенил вац МухIаммад ХIанафияс. Халифасде данде вахъиналъулъ питна-балагьги цIикIкIараб букIуна ва гьеб сабаблъун ккезе рес буго уммат бикьа-биххиялъе. Уммат загIиплъун бихьидал, тушбабазул гъира цIикIкIуна данде хIалтIи гьабизе.

Жакъа нилъеда бихьулеб буго, гIелму бугел цо-цо чагIазцин, муфтияталде данде гIадамал гьесизарун, рикьалаби гьарулел ругеблъи. Нилъеда лъала, муфтият ккола нус-нус гIалимзабазул кумекалдалъун гIуцIараб идара. Гьелъул бетIерлъиялдаги вуго гIалимзабаз вищун тарав цевехъан.

Муфтияталъул хIалтIуде данде рахъунгейин абураб жоги ккола нилъеца гIадамазда гьоркьоб рикьалаби гьаругейин аби. ГIиси-бикъинал гIунгутIаби ругониги, рикьалаби гьаризе бегьуларо. ЧIахIи-чIахIиял вализабицин кколаан мунагьалде. ГIабдулгъафурил МухIаммадица абулаан: «ЖамагIат росдал имамасухъ гIенеккизе ккола, росдал имам районалъул имамасухъ гIенеккизе ккола ва районалъул имам муфтиясда нахъвилълъине ккола. Гьедин гьабулеб гьечIони питна багъарула», - ян. Цадахъ хIалтIун бажарулеб гьечIони, квалквалгIаги гьабизе бегьуларо. СагIид-афандиясги кидаго нилъ ахIулаан муфтияталъул рахъ кквеялде.

Буйнакск шагьаралъул имамлъун вугеб мехалда, муфтияталъ дида абуна хIежалде унел гIадамазе нухмалъи гьабизе ине кколин абун. Дица гьеб хабар дирго устар ГIабдулжалил-афандиясе бициндал, гьес абуна: «Ине ккеларищха, муфтияталъ айин абулеб бугони. Муфти нилъер имам вуго. ШаригIаталъул заман букIарабани, гьев нилъер имамул агIзам вукIинаан», - илан.

Дир гьари буго жакъа рикьалаби гьарулел гIадамазде, гьеб иш жибго те. Гьелъулъ маслихIат гьечIо. Муридасул ишго буго шаригIаталъул суалал имамасда цIехей, тIарикъаталъул суалал устарас малъухъе гьари.

ХIурматиял диналъул вацал, гIалимзаби, рачIа нилъеца устарзабаз малъарабги гьабун, кIвараб жо гьабизин уммат цолъиялъе. Рикьалабаз нилъер умматалъе киданиги пайда гьабичIо. Нужеда цонигиясда абунищ устарас муфтиясухъ гIенеккугеян!? Дида гIенеккеян абуна. Ругищха нужеда гъорлъ устарас муфтиясухъ гIенеккугеян абурав чи! Нилъер устарасе бокьун гьечIо жакъа нилъеца муфтияталде данде хIалтIи гьабизе.

Аллагьас ﷻ киназего тавпикъ кьеги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...