Аслияб гьумералде

Къимат гьабулареб нигIмат

Къимат гьабулареб нигIмат

Къимат гьабулареб нигIмат

Аллагьас кьурал чIахIиял нигIматазул цояб ккола заман. Гьелдаса пайда босизе лъарасе хайир буго, лъачIесул ракIги бухIула. Амма гIемерисезда заманалдаса битIун пайда босизе лъаларо ва гьелъул кIваргицин гьабуларо.

 

Имам ШафигIияс абуна: «Заман хеч ккола, дуца гьеб къотIичIони гьелъ мун къотIула», - ян. Цере рукIарал гIалимзабазул гIумру лъазабулеб мехалда бихьула заманалъе гьез кигIан кIудияб кIвар кьолеб букIарабали. Гьезул тIахьазда хъвалеб буго, бакъвараб чед лъелъ ччулаанила, чIамулаго гIемераб заман гIадада хвезабичIо букIине. Гьелъин гьез чанго томал ругел тIахьалги хъварал. Гьелъие мисаллъун бачина имам ТIабариясул хIалтIи. Имам ТIабарияс цIалдохъабазда абула нуж хIадур ругищин тIубараб тафсир хъвазе? Гьез гьикъула кигIан къадар гьелъул букIине бугебилан абун. Гьес абула 30 000 гьумерилан. Гьез абула тIубараб гIумруялъцин хъвазе хIал кIоларин. Имамас абула, батани 3000 гьумер хъвазе бугинхайилан. Гьесие гьеб хъвазе 7 сон гIуна.

Гьединго гьес абула цIалдохъабазда, Адамидаса бахъараб жакъа къоялде щвезегIан тарих хъвазе хIадур ругищин абун. Гьез гьикъула кигIанасеб къадар букIине кколебилан абун. Гьес абула 30 000 гьумерилан. Гьез жаваб кьола тафсиралъе кьурабго гIадин. Хадуб гьес абула: «Инна Лиллагьи» (киналго нилъ Аллагьасул руго), - ян. Гьесул цо-цо цIалдохъабаз, балугълъаралдаса бахъараб хвезегIан заман рикIкIун хIисаб гьабидал, щибаб къойил 14-15 гьумер хъвалеб батана.

Гьезда бичIчIана гьаб хехаб дунялалда биччараб заман нахъбуссинабизе кIолареблъи.

Чан чиясул ракI бухIараб школалда цIалеян абидал, умумузул малъи гIадахъ босичIого таралъухъ. Гьанже кIудиял гIедал гьебги ракIалде щун, пашманлъула.

Заман кIвар бугеб нигIмат букIиналде тIоритIел гьабула ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда гьеб рехсон букIиналъги. Гьединго заманалъул цIаралда сураги кьуна «ГIаср» абун. Гьелъул магIна ккола гIасру, заман ва къасимех абураб.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Жинда жаниб гIемераб гIажаибаб жо бугеб заман абун гьедулев вуго ТIадегIанав Аллагь, хIакълъунго, инсан чIового хутIиялъулъ, дунялалъ ва шайтIаналъ гуккиялъулъ вугин абун». (Сура «ГIаср», аят 1-2)

Къатадат абулев табигIунас абуна: «Бакъанил гIужал абун гьедулев вуго Аллагь ﷻ, Гьев зухIаялъул гIуж гIадин гьедулев вукIарав гIадин».

ГIемерисев чи зигардула щибниги гьабизе заман гIолеб гьечIин абун. Гьединлъидал нилъеца тIалаб гьабизе ккола заман пайдаяб къагIидаялъ кин тIобитIизе кколебали. Жакъа гьелда тIасан гIемерал жал хъван руго нилъеца пайда босизе бегьулел. ТIоцебе, чи вегизе ккола ригьтIаго. Къаси кватIун кьижани, хадусеб къоялъе къуват гIоларо, вечIан вукIуна. Авараг ﷺ боголил какдаса хадув кьижулев вукIана, гьединго, сордо бащалъидал тIадеги вахъунаан. Гьеб суннат гьанже чIезабуна бищун черхалъе пайдаяб бугилан. Радал хехго вахъарав чиясда чан пайдаяб жо гьабизе кIолеб? Гьанжесел гIалимзабаз чIезабуна 8 сагIаталъ чи кьижизе кколин. Амма заманалда кьижун гьелъул кIвар гьабуни, 5 сагIатги гIезехъин буго. ГIалимзабаз абуна гIемерал сагIатаз кьижи гурила аслу, заманалда кьижи бугила.

Нилъеда лъала, чи кьижараб мехалъ батIи-батIияб заманалда ворчIулеблъи. Гьебги бараб буго нилъ кьижулеб гIужалда. Масала, чи 8 тIубараб мехалда кьижани, гьеб бащалъула анлъго сагIтида. 11 тIубараб мехалда кьижани, 3 сагIтида. Ункъо тIубараб мехалъ кьижани, ай радал, гьеб бащалъула 10 минуталда. Гьединлъидал къаси сордоялъги кьижичIого, ункъо тIубайдал кьижиялъулъ нилъеда бихьухъе гьечIо пайдаги хIикматги.

Нилъеда лъала радал хехго вахъиналъулъ Аллагьас ﷻ батIияб баракатги ризкъиги хъван бугеблъи. Аби гьечIищ, радал вахъарасе Аллагьас ﷻ кьолин абунги. Хехго вахъине ккани, заманалда кьижизе ккола. ГIемерисеб мехалъ гьелъие квалквал гьабула телевизоралъгун телефоналъ. Гьел жалаз нилъер кутакалда гIемераб заманги бахъула. Гьезие гIадлу гьабизе ккола.

«Форбс» журналалда хъвалеб буго бищун заман бахъулеб жо кколин копьютеразул хIай, Ютуб, социалиял гьинал хъирщи. Гьедин гIадада унеб буго 5-6 сагIат. Гьеб гIемераб гьечIин кканиги, анкьида жаниб 30 сагIат ккола, моцIида жаниб - 130, лъагIалида жаниб - 1500 сагIат.

Къокъго абуни, анкьида жаниб нилъеца хвезабулеб буго цо къо, моцIида жаниб - 4-5 къо, лъагIалида жаниб - кIиго моцI.

ГIемер телефоналда жанир хъирщадиялде ругьунлъулелцин руго. ХIатта щибго къваригIел гьечIониги хъирщадула щиб гьабилебали лъаларого.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги заман пайдаяб куцалда тIобитIизе.

 

АрслангIали ГIумаров

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...