ТIарикъаталъе хIужжа бугищ?

ДагIба киданиги лъугIичIо я лъугIуларо. Цояз дагIба бала Къуръан-хIадисалда, ислам гьечIин, ургъараб жо бугин абун. Цогидаз дагIба бала мазгьабал бидгIа бугин. Гьединго цо-цояз дагIба бала хадур рачIарал гIалимзабазда, ай салафаздасан гурони щибго босизе бегьуларин. Руго тIарикъаталда дагIба балелги, гьеб бидгIа бугинги абун.
Нилъер дин лъабго бутIаялдалъун буго: ислам, иман, ихIсан. ИхIсаналдеги абула нафс бацIцIад гьаби ян. ИхIсан, ай гIамалалъулъ бацIцIадаб ният гьечIони гьеб кIиялъулго, ай исламалъул ва иманалъул рукнабазул мухIканлъи букIунаро. Аллагьас гьеб къабул гьабичIого букIиналда гIемер щаклъи буго.
Кинавниги чи (аварагзаби хутIун) жанисел унтабаз унтарал рукIуна. Масала, хIасад, рияъ, чIухIи, гIужбу, дунял бокьи гIадал унтабаз. Гьел унтаби сах гьарулел тохтурзаби ккола хIакъал устарзаби. Инсан, черхалъул унтаби сах гьаризе загьирал тохтурзабазде хIажалъулев гIадин, жанисел, ай рухIиял унтаби сах гьарулел тохтурзабаздеги хIажалъула.
Гьеб цо. КIиабилеб,
нилъеда бихьула гIалхуда жибго бижараб гъветIалъ кьолеб пихъги, ахихъанас квер тIад бахъун бижараб гъветIалъ кьолебги. Живго жиндаго камиллъизейин лъугьарав чиясул мисал ккола гIалхуда бижараб гьеб гъотIол мисал.
Лъабабилеб,
цониги гIалимчи вахъунев гьечIо яги махщел камиллъулеб гьечIо цоги инсанасул кверчIвай гьечIого. Инсан Аллагьас вижун вуго цогидазе хIажатавлъун. Гьавураб къоялдасаго эбел-инсуде хIажалъулев вуго, цинги - яслиялдасан байбихьула школа, институт, ай кидаго инсан инсанасде хIажалъулев вуго. Исламияб диналда жаниб камиллъиялде вахиналдаса захIматаб жо гьечIо инсанасе. Киса-кивего цогидазде хIажалъулев инсан Аллагьасул нухда камиллъизе ккани, щай гьев цогидасде хIажалъуларев?
Ункъабилеб,
цо бакIалде щвезе бокьарав чиясул нух рикIкIад батани, рохь къотIун унебги бугони, инсан къосине бегьулел гIемерал рикьалабиги ругони, гьеб нухда гIалхул жанавараз, борхьаз чIвазе хIинкъиги бугони, гьев чиясе нух къотIун жиндирго мурадалде щвезе ккани, гьеб нухлул хIал лъалев чи чара гьечIого къваригIуна.
Аллагьасде нилъ щвезе ккани, гьелдаса захIматаб нух цоги гьечIелъул, щайгурелъул гьеб нух ккола балугълъараб къоялдаса хабалъе инегIан щибаб лахIзаталда Аллагьас нилъер хIал бихьулеблъун. ШаригIатги ккола, дунялалда вугевщинав чиги хIисабалде восун, Аллагьас бихьизабураб нух. Гьеб нухда руго дунялалъул гIалхул аза-азар жанавар кIочарал жанаварал. Бищун кIудияб тушман - жиндирго нафс, Къуръан-хIадисалъ баянаб тушманилан жинда цIар тараб, лахIзаталъ кьижулареб шайтIан, батIибатIиял гIамал-хасияталъул гIадамал, нилъедаго лъачIого ракI хадуб цIан унеб дунялалъул берцинлъи, 50-100 соналъул халалъи бугеб гIумрудул нух. Гьеб нухда унев чиясе нухмалъулев къваригIунарин абун гIакълу бугев чияс абиларо.
Устар кквеялъе
Къуръаналдаги, хIадисаздаги, имамзабазул каламалда жанибги цIакъ гIемерал хIужаби руго. Масала, Къуръаналда буго (магIна):
«Нуж ритIарал гIадамалгун рукIа», - ян (сура «ат-Тавбат», аят 119)
Гьединго ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна):
«Дидехун руссарал тIагIатгIибадаталда тIадчIарал гIадамазул нухда нуж нахърилълъа», - ян (сурат «альЛукъман», аят 15).
Гьадинги буго:
«Къасикъад Аллагьасда гьардолел, Аллагь разилъи мурад бугел гIадамазда аскIов чIа», - ян (суратул «Кагьфи», аят 28).
Гьединго руго гIемерал хIадисал нилъ лъикIал гIадамазул сухIбат гьабиялде ахIулел. Масала, чи жиндир гьудуласул диналда вукIунин абураб Абудавудицаги Тирмизиясги бицараб хIадис.
АбуягIлаца кьучIал гIадамаздалъун бицараб хIадисалдаги буго, цояс гьикъанин:
«Я Аллагьасул расул, бищун ниж цадахъ чIезе лъикIав чи щив кколев?» - абун. Аварагас r абуна: «Жив вихьиялъ нужеда Аллагь ракIалде щвезавулев чи вуго», - ян.
Ункъабго мазгьабалъул гIалимзабазги тIахьазда хъван буго устар кквезе щивасда тIадаб бугин. ТIадеги, Къуръаналъул аяталги, Аварагасул r хIадисалги, имамзабазул рагIабиги, устар кквей тIадаб букIиналъе хIужжалъун ругел, гьел лъазе бокьараз цIале, мисалалъе, «ХIакъаикъун гIани ттасаввуф» абураб тIехь (гьум. 41-75).
Гьелде тIадеги, ислам бачIараб къоялдаса нахъе жакъалъизегIан исламияб уммат хIажалъичIищ иманалъул аслаби халкъалда ричIчIизарун, исламалъул ахIкамал ричIчIизарулел гIалимзабазде. Гьединго уммат хIажалъула ихIсаналде халкъ ахIулел вализабаздеги шайихзабаздеги. Гьелда тIадеги, Аллагьас МухIаммад Аварагасде вахIю босун ЖабрагIил малаик хьвадизавуна, асхIабзаби Аварагасде r хIажалъана, табигIинал асхIабзабазде хIажалъана. Аллагьасда кIолеб букIинчIищ гьоркьоб васитIа гьечIого МухIаммад Аварагасде вахIю рещтIинабизе, Авараг гьоркьов гьечIого асхIабзабазда Къуръанги шаргIги бичIчIизабизе. АсхIабзаби гьечIого табигIинал тIоритIизе? Аллагьас жиндир хIикматалдалъун гьабураб васитIа нахъчIвазе бегьилищ?