Аслияб гьумералде

КIикъогоясе захIмалъараб

КIикъогоясе захIмалъараб

Халкъал диналде ахIун гъазаватал гьарулелъул, аварагасул гIадат букIинчIо къаси гьеб байбихьулеб. Рагъ гьабизе ракIалда бугеб бакIалде къаси щвани, гьев рогьел баккизегIан чIолаан. Рогьалилъ как ахIани, рагъги гьабулароан.

Хайбаралъул гъазаваталде индалги авараг сордо бан рикIкIад гьечIеб бакIалда чIана. Хайбаралда жугьутIаз рогьалил как ахIичIо, рогьел баккидал жидерго ишазде рахъун рачIана. Бусурбаби тIаде щун рихьидал гьел риха-хочана ва ахIи-хIуралда рукъзабахъе тIурана.

Цинги аварагас ахIана: «Аллагь тIадегIанав вуго, Хайбарги биххана», - ян.

Хайбаралда жанире щведал аварагас r рагъул байрахъал асхIабзабазухъе рикьана ва цоялда хадуб цояб хъала бахъулаго рагъги гьабуна, ахиралда хутIана жугьутIазул цо-цоял жанир рахчараб кIиго кIудияб хъала. Гьеб бахъулаго бусурбабазда гIезегIан къоги бихьана. ХIадисалъул имамзабаз рехсон буго гьеб хъала бахъулаго чанго асхIаб, гьелги рахъизе кIвечIого, нахъруссун рачIанин.

Ахиралда аварагас абуна метер жинца байрахъ кьезе бугин жив сабаблъун гьеб хъала бахъизе вугесухъе. Гьеб сордо асхIабзабазул ана лъихъедай аварагас байрахъ кьелайин абураб калам гьабулаго. Хадусеб къоялъ аварагас r абуна: «АбутIалибил ГIали кив вугев?» - ин.

Гьев унтун вугин жаваб гьабуна аскIор рукIараз. Цинги аварагас гьев жиндихъе вачеян абуна. ГIали вукIана бералги унтун. Гьев аскIове вачIиндал аварагас r гьесул беразда жиндирго баракатаб хIацIу бахана, дугIаги гьабуна.

ГIалил бералги сахлъана. Хадуб аварагас гьесухъе байрахъги кьуна, кьолагоги абуна: «Мун сабаблъун цо чи битIараб нухде ккей дуе лъикIаб буго бищун лъикIалин тIаса рищарал варанабаздасаги», - ян.

Цинги рагъде къватIивеги вахъана. Рагъ гьабизе аниги дандиясдаса цIуни гьабизе гьесухъ къолден букIинчIо, гьелъ нухда унаго ГIалица цоязул нуцIа бахъана къолденалъе хIалтIизабизе.

Дол хъулбузул цоялда цеве щведал, гьелъул кавуги ГIалица мугъалде нахъе рехана, бусурбаби жаниреги лъугьана. Бицуна, ГIалихъ къолденлъун букIараб нуцIа, рагъ лъугIун хадуб 7 чияс хIалица багъаризабунин, доб хъалаялъул кавуги 40 чияс ккун гурони босичIин.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...