Аслияб гьумералде

ТIох гьабизе кумек щвела

ТIох гьабизе кумек щвела

Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовги республикаялъул пачалихъияв секретарь МухIаммад-Султан МухIаммадовги щвана гьал къоязда ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб централде. Гьениб гьезда дандчIвай гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандица.

Гьез хал гьабуна гьениб гьабулеб бугеб хIалтIухъ ва ДРялъул бетIерас муфтиясда абуна халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб мажгиталъул тIох базе, бюджеталъул гурел ресаздаса, тIалъиялъ кумек гьабизе бугилан.

«Жакъа нилъеца тIох бани, жанир хIалтIаби гьаризе санагIалъи ккезе буго. Киналъулго гьабун буго хIисаб-суалги. Гьеб кинабго хIалтIул багьаги бахунеб буго гIага-шагарго 311 млн гъурщиде», - ян абуна республикаялъул бетIерас.

РухIияб централъул гIаммаб гIатIилъи буго 35 гектар. Гьелъул 80 процент кквезе буго паркалъулаб зонаялъ. Аслияб объект ккола мажгит ва гьелъул гIатIилъи буго 30000 квадратияб метр, борхалъи - 17 метр. Гьениб цого заманалда цадахъ как базе рес ккезе буго 23 азарго чиясул.

Гьединго РухIияб централъул чIухIилъун ккола, 1300 метр халалъуда, бахIарзал-медиказул цIаралда балеб бугеб аллеяги.

МухIаммад ГIаличил хIалтIи

XVIII гIасруялда гIумру гьабун вукIарав гIалим МухIаммад ГIаличил «Ат-Табсира фи ильм ал-манасик» абураб тIехь бачIине буго кватIичIого къватIибе. Гьеб буго хIеж гьабиялъул хIакъалъулъ хъвараб. ТIехь къватIибе биччазе хIадур гьабун буго муфтияталъул гIелмуялъул отделалъ.

ТIехьалдаса пайда босизе рес буго бокьарав бусурбанчияс, хасго гьелъул пайда букIине буго мадрасазда ва исламиял тIадегIанал цIалул идарабазда цIалулел студентазе.

Хунзах районалда цIияб КТ

Районалъул сахлъи цIуниялъул нусго сонилаб юбилеялда бан, райбольницаялда хIалтIизе биччан буго цIияб компьютералъулаб томограф ва машинаялда тIад рекъезабураб флюорограф.

Гьеб кинабго босун буго ДРялъул хIукуматалъул нахъраталилаб фондалъул гIарцухъ.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъги. Гьелъ абуна жиндие баркала кьезе бокьун бугин районалъул тIолалго медиказе халкъалъе гьабулеб бугеб хъулухъалъухъ.

Имамзабазул мажлис

Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГIариповасул нухмалъиялда гъоркь районалда тIобитIана имамзабазул данделъи.

Гьениб бицана имамзабаз гьабизе кколеб хIалтIул ва загьир гьаруна кIвар кьезе ккарал масъалаби.

Гьединго данделъиялда гIахьаллъи гьабуна «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев Шамил ЗайнулгIабидовасги. Гьес бицана Къурбан-байрамалде гьабулеб бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.

Дубаялда – бищун кIудияб библиотека

ЦерегIанго къоязда Дубаялда хIалтIизе лъугьана дунялалдаго кIудияблъун рикIкIараб библиотека. МухIаммад бен Рашидил цIаралда бугеб гьелъул гIатIилъи буго 55000 квадратияб метр.

Гьеб библиотекаялда буго 1,1 миллион тIехь, анлъго миллион гIелмияб хIалтIи. Гьединго гьениб буго 75000 видео, 5000 тарихиял журналал ва 500 къиматал алатал.

ЛъагIалил студентка - бусурбанчIужу

Нидерландиялда гIумру гьабун йигей Сириялдаса бусурбанчIужуялъе щвана лъагIалил студенка абураб цIар.

19 сон барай Лава ХIажи цIалулей йиго университеталъул бизнесалъул факультеталъул кIиабилеб курсалда. Гьей гIахьаллъана батIи-батIиял тадбираздагун къецазда ва кибго босана бергьенлъи.

Студенткабазда гьоркьоб тIобитIараб къецалдаги, жюриялъ гьей рикIкIана бищунго лъай бугелъун ва цее тIурайлъун.

Лъелго хIежалде вачIана

Британиялда гIумру гьабун вугев бусурбанчи, нухда анцIго моцIги бан, лъелго вачIана хIеж борхизе. 52 сонил ригьалда вугев Адам МухIаммад сапаралъ вахъун вукIана 2021 соналъул 1 августалда.

МухIаммадица нахъа тана Германия, Болгария, Турция, Сирия ва Иордания, ай кинабниги 6500 километр.

ХIажизабазе пайдаяб тадбир

25 июналда МахIачхъалаялда тIобитIана, Сулейман Керимовасул квербакъиялдалъун, хIежалде унезе пайдаяб тадбир.

Гьениб бицана ва бихьизабуна хIежгун гIумра гьабулеб къагIида ва тIадчIей гьабуна цIунизе кколел тIалабазда.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель ГIабдулла Салимовасги. Гьес баркана хIажизабазда хирияб ракьалде бухьунеб сапар ва абуна нужеде киназдего муфтиясулги салам бугин.

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...