Аслияб гьумералде

ГIобода - цIияб мажгит ва мажлис

ГIобода - цIияб мажгит ва мажлис

ГIобода - цIияб мажгит ва мажлис

Хунзахъ районалъул ГIобода росулъ, МухIаммад-хIажи аль ГIободиясул цIаралда цIияб мажгит рагьиялъул хIурматалда, тIобитIана баракатаб мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель МухIаммад Мангуевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас ва росабазул имамзабаз.

КIалъазе рахъараз бицана какил бугеб кIваралъул, бусурбаби цолъун рукIине кколеблъиялъул ва имамасда, рухIияв цевехъанасда нахърилъине тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

ГIобода росдал имам Шамил Камиловас Баркалаялъул кагътал кьуна мажгит баялъулъ хIаракат бихьизабуразе ва росдае хIажалъидал кумекалъе ратулезе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...