Аслияб гьумералде

«Инсан» фондалъул хIалтIул хIаракат

«Инсан» фондалъул хIалтIул хIаракат

КIудияб Бергьенлъиялъул къоялъул хIурматалда «Инсан» фондалъ тIобитIана хасаб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул ирсилаз, афгъаналъулаз ва Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялда хваразул, гIахьаллъулезул хъизамаз. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги гьесул лъади ГIайна (ПатIимат) ХIамзатовалъги.

Гьединго гьалбадерида гьоркьор рукIана миллияб политикиялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, МахIачхъалаялъул мэр Салман Дадаев. КIалъазе рахъараз бицана КIудияб ВатIанияб рагъда нилъер умумуз бихьизабураб бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ ва ахиралда гьединал балагьаздаса цIунагийилан гьабуна дугIаги.

ХIукуматалъги кумек гьабизе буго

ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда бицана Бузнасан бахъулеб нухлул хIакъалъулъ. Гьениб хIукму ккана нух бахъиялъе проект бахъизеги ва республикаялъул бюджеталдасан гьелъие гIарац биччазабиялъе хIалтIи гьабизеги. ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб гьеб данделъиялда хIукму ккана кIиго гIор жубалеб бакIалда кьоги лъезе.

ГьанжелъизегIан Бузнаса нухда сверухъ гьабулеб хIалтIуе кумек гьабулеб букIана халкъалъ. Гьебго кумек гьабизе буго хадубккунги. Щайгурелъул гьеб буго гIемерисел районазул жамагIатазе кутакалда кIвар бугеб нух. Гендерил тоннелалдасан раккаралго АхIулгохIдехун унеб бакIалде щвезегIан бугеб гIодораялда машинабазе букIунеб санагIалъи гьечIолъиги, гьенир кколел авариязул къадарги лъала гIемерисезда.

Лъала гьеб хIукуматалъул нухмалъулездаги. Гьединлъидал гьеб суал Сергей Меликовасда цебе лъезеги ракIалда буго. Рехсараб нухлул халалъи буго 30 километр. Гьеб буго санагIатаб, хасало гIодоб гIазуцIер чIолареб ва эхедераялгун гIодораял гьечIеб. Гендерил тоннелалда жаниб кинал ругониги хIалтIаби гьаризе ккани, гьеб нухлул букIине буго кутакаб санагIалъиги. Гьеб хIалги бичIчIун Бузнаса нухлуе бажарараб кумек гьабизе тIаде босана ДРялъул хIукуматалъ.

Роботаз кьола суалазе жавабал

Маккаялъул КIудияб мажгиталде рачIунезе хIажатал суалазе жавабал кьезе руго роботаз. Гьез жавабалги кьезе руго 11 батIияб, ай гIараб, ингилис, паранг, гIурус, перс, турк, урду, малай, китай, бенгал, хаус мацIазда. Робатаз бицине буго гIумрухIеж гьабулеб къагIидаялъулги.

Муфти дандчIвана спортсменалгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандигун дандчIвазе рачIун рукIана республикаялъул спортсменал. Гьезда гьоркьор рукIана Олимпиялъул хIаязул, Дунялалъул ва Европаялъул чемпионалги. Гьелгун гара-чIварулаго АхIмад-афандица абуна нужер рукIа-рахъинги хьвада-чIвадиги букIине кколин цогидазги мисал босулеблъун.

«КъотIноб яги цогидаб бакIалда нужедехун лъица бугониги рекъечIеб калам гьабуни яги гьединаб гIамал бихьизабуни, нуж спортсменаллъидал, рес буго нужеца гьединазда кьабизе ва гьелъул хIасилалда гьезул чорхое жагъаллъи ккезе. Гьединлъидал нуж рукIине ккола сабураллъун», - ян бицана муфтияс. ДандчIваялъул ахиралда шайих АхIмад-афандица гьезие гьарана лъикIабщинаб ва абуна нуж рукIине кколин улкаялъулго чIухIилъунилан.

Халкъазда гьоркьосеб къец

17 маялда Казаналда байбихьана хирияб Къуръан цIалиялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб къец. Гьелда гIахьаллъи гьабулеб буго къватIисел улкабаздаса 20 чияс ва гьединго Россиялъул регионаздасаги 20 вакилас. Данделъаразе саламги кьун, гIараб мацIалда кIалъай гьабуна Татарстаналъул муфти КамилхIазрат Самигуллиница. Гьес бицана Волжалъулаб Булгариялъ ислам къабул гьабиялъул тарихалъул хIакъалъулъ. Гьединго гьес абуна бусурбабазда гьоркьоб тIоцебе Къуръан басмаялда бахъарал чагIиги татарал кколин абун.

Муфтиясул кумекчи Хасавюрталда

ДРялъул муфтиясул кумекчи Ильяс ГIумалатов дандчIвана Хасавюрт районалъул бетIер Арсланбек ГIалибековгун. Гьез бицана гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъул, гIолилал ватIан бокьиялъул мурадалда куцазе ккеялъул ва терроризмгун экстремизмалдаса нилъ киналго рикIкIад чIезе кколеблъиялъул. Арсланбек ГIалибековас баркала кьуна Ильяс ГIумалатовасе гьоболлъухъ вачIаралъухъ ва абуна цадахъ рекъон хIалтIи гьабулеб бугони хIасил ккей хIакъаб бугилан. Гьединго муфтиясул кумекчиясги баркала кьуна районалъул бетIерасе ва гIолилазе рухIияб тарбия кьеялъулъ кIвар бугеб бутIа лъолеб букIиналдаса разилъиги загьир гьабуна.

ГьитIинав бусурбанчиясе хIажатаб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гIелмуялъул отделалъ хIадур гьабун буго адаб малъиялъул рахъалъ гIисинал бусурбабазе цIалул тIехь. Гьелда мухIканго ва бичIчIуледухъ хъван буго жамгIияталдаги рокъобги цIунизе кколел адабазул хIакъалъулъ ва малъулеб буго кин хьвада-чIвадизе кколебали. Гьеб кинабго хъван буго машгьурал гIадамазул ва гIадатиял чагIазул мисалалги рехсон. ТIехьалда цадахъго буго хIалтIулаб тетрадги.

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


ДугIаялъул къибла

Аллагьасда ﷻ гьардолеб мехалда бусурбаби, квералги рорхун, зодоре ралагьула. РакIалде ккезе рес буго ТIадегIанав Аллагь лъова тIад вугин абун. Амма гьеб бичIчIи мекъаб буго.   Цо-цо гIалимзабаз баян гьабуна, как базе КагIба къибла букIунеб гIадин, зобги дугIаялъе къибла бугин абун. Гьелъие...


Гьалаглъиялде рачунеб

Исламалда хъантIи рикIкIуна какарал тIабигIатазул бищунго захIматал, хъубал жалазул цояблъун, дунялалъул лазатаздехун гIорхъолъа араб рокьиялъул кьалбалги жиндир бугеб. Гьеб хасияталъ инсанасул рухIияб гIумру хвезаби гуребги, гьев дунялалда талихI къосиналъеги ахираталда тамихIалъе сабаблъунги...


Тебетараб хоно

Инсанасул гӀумруялъе хӀажа-табщинаб бижарав, нилъеда рикӀкӀун хIалкIоларел гӀемерал нигӀматал нилъее кьурав, гӀаламалъулго БетӀергьан Аллагьасе ﷻ буго рецц. Гьединал нигIматазул цояб ккола гӀанкӀодул хоно - гӀадатияб ва хӀалтӀизабизе рес бугеб, сахлъиялъе гӀемераб пайда кьолеб...