Аслияб гьумералде

«ТIабигIат берцин гьабиялъул сордо»

«ТIабигIат берцин гьабиялъул сордо»

«ТIабигIат берцин гьабиялъул сордо»

Гьединаб цIаралда гъоркь, ДРялъул муфтияталъул хIаракаталдалъун гIуцIараб тадбир тIобитIана Башкортостаналъул Уфа шагьаралда.

Гьебго заманалда къватIибе бачIана башкиразул мацIалда «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб, Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил тIехьги.

Башкиразеги дагъистаниязеги кIвар бугеб гьеб ишги кIодо гьабуна берцинаб мажлисалдалъун.

Уфаялда тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель ГIабдулла Салимов, «Наследие» медиахолдингалъул нухмалъулев АсхIабгIали Мурзаев ва цогидалги.

Гьалбадерида гьоркьорин абуни рукIана Уфаялда гIумру гьабун ругел дагъистаниял, власталъул вакилзаби, диниялгун жамгIиял хIаракатчагIи.

Башкир мацIалда биччалеб «Ас-салам» газеталъул редактор Зульфия Ханнановайин абуни дандчIвана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандигун ва гара-чIвари гьабуна гьеб тIехьалда тIасан.  

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...