Сахлъиялъе зарал гьечIеб тIагIам
Сахлъиялъе зарал гьечIеб тIагIам
Инсанасул сахлъи бараб буго квана-гьекъолеб жоялда. Гьаб заманин абуни буго кванилъ химия гIемерлъараб мех. Гьединлъидал цIакъ захIмалъулеб буго экологиялъул рахъалъ рацIцIадал кванил нигIматал ралагьизе. Ленинкет поселокалда гIумру гьабун вугев Шамил районалъул Гьоориса ХIасаница рагьун буго бацIцIадаб къагIидаялда ханжуги хьонгун урба ххунел гьабал ва чед бежулеб бакI.

– ХIасан, мун гIадамазда лъала гьабил хважаин абураб цIаралда гъоркь. Дурго хIакъалъулъ бицинарищ, кин мун вачIарав гьеб ишалде?
- ГIолохъанаб заманалда дун вукIана цIулал хIалтIи гьабулев чи. Рецц Аллагьасе, дие рес щвана чанго мажгиталда хIалтIаби гьаризеги. СагIид-афандиясул рокъоб лъезе гIисинал бакIал ва цогидал тIагIелалги гьаруна. Дие рес щвана Бичасул аварагасул ﷺ рас жаниб лъураб гъамас ва цогидалги асарал лъурал гъутухъал гьаризеги.
Гьедин хIалтIулаго байбихьана цIулал хIуралде аллергия баккизе. Цо къоялъ гьоболлъухъе вачIарав КъахIиса (магIардаса) ХIасаница абуна гьаниб бакIалда гьобо базе бегьилаанин абун. Радал вахъун истихара гьабидал, лъикIаб бихьизабуна. Цинги дица абуна ХIасанида, гIарацги бугин дихъ, гьеб гьабизе цIакъ санагIат бугеб бакIги бугин цIулал хIалтIи гьабулеб букIараб мастерская, рачIайин гьабизейилан абун. ТIубараб лъагIел ана нижер гьелъие ганчIал ралагьулаго, гьеб гьабизе хIаракат бахъулаго. Квеш-лъикI хIалтIизе биччана кIиго гьобо, цояб урбаялъе, цогидаб ханждае. Гьеб заманалда ролъул ханжу, сорт батIа гьабичIеб (цельнозерновой) лъиданиги лъалеб яги рагIараб жо букIинчIо. Гьеб байбихьаразул тIоцересел кколел ратила ниж.
– Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандиги вачIун вукIа-нин нужехъеян бицуна…
- Гьедин хIалтIизе байбихьун цо сон ун букIун батила. Гьеб соналъ саламатабго къо бихьана кинабго иш нухда ккезабулаго. КIудияв цIакъ разилъана нижер хIалтIудаса. Гьес нижеда бичIчIизабуна дагьабги цIикIкIинабизе лъикIаб букIин. Гьес абуна, масала, нужехъе цо ГАЗель машина цIураб ханжу къваригIун бугин чи вачIани, чанго къоялдаса вачIайиланищин абилеб гьесдаян.
КIудияс дун витIана ханжу гьабулел бакIазде. ХIатта витIана элеватораз ханжу ххенолел бакIаздеги дирго махщел камил гьабизе. Жеги дир иш цебетIеялъе гьабуна жиндирго рахъалдасан гIарцулаб кумекги. Гьесул ишараялда рекъон буго гьабсагIат тIаде бараб бакIги. Гьелдаго гъорлъе уна 300 тонна жаниб цIунулеб бакIги.
– ХIасан, дур буго гьобоги, гьениб гьабураб ханжу хIалтIизабун чед бежулеб бакIги. Гьелъул хIалтIулги бицани бокьилаанха.
- ТIоцебесеб иргаялда, балагьизе ккола бацIцIадаб ролъ. Гьеб саламатго хира букIуна гIадатиялдаса. Гьединго балагьизе ккола жиндилъ сино (клейковина) цIикIкIараб ролъ. Гьединаб гьечIони чед гьабизе бажаруларо, биххун уна. ГьабсагIат гьединаб ролъ нижее чIезабула Ростовалда гIумру гьабун вугев нилъер ракьцояс. Гьесде тIаде ккезегIан гIезегIан бакI сверизе ккана бацIцIадаб ролъ балагьулаго.
Цинги гьеб ролъ ххенола нижерго гьабаз. Гьанибго буго пекарняги. Чед гьабула гIицIго реччебалда. Гьелде гъорлъе жубаларо щибго батIияб жо. Гьедин гьабулеб букIиналъ ханжу буцаралдаса чед гьабун бахъинагIан къваригIуна 6-8 сагIат.
Нижер чадидаса махIги бахъунаро, биххунги унаро. Чан къо баниги махIцинеги махIцунаро. Гьелда гъорлъ, узухъда, букIуна цIекIлъиялъул тIагIам, щайгурелъул, реччеб цIекIаб жо букIунелъул.
– Цебе заманалда ханжу босулаго цIехолаан, гьединго, хIалбихьун балагьулаан гьелъул гIатI бизун, лъамалъун унеб бугищали. Ахираб заманалда гьелъул хабарго рагIулеб гьечIо, гьелъул гIарз бахъулел руччабиги рукIунаро.
- Гьанже тукабахъ бичулеб чед заман иналдего махIцуна, хъурун уна. Цебесеб рецепталда гьабураб чадие щибго лъугьунаро. Дир пикруялда, гьеб буго чед гьабулелъул гьоркьоре журалел жалазул асар. Чед гьабулелъул жубала разрыхлитель яги дрожжь. Гьелде тIадеги, батIи-батIиял гьабал ругел бакIазде щведал, гьезул хважаинзабаз абуна гьоркьобе жо жубачIеб ханжу бичун унарин абун.
– ГIадамазда лъалищ дуца гьединаб чед бежулеб букIин? ВачIунев чи гIемер вукIунищ?
- Пекарня баялъе гIилла ккана гьадинаб. ТIоцебе гьобоги бан гьабихъе рачIунезда бихьизе букIине дир хъизаналъ бежулаан гьаб ханждал панкъал ва лъолаан гьабихъ. Дица бихьизабулаан гIадамазда, гьадинаб ханжуги буго, гьелъул гьабураб чедги гьаб бугоян. ГIемеразе цIакъ рекIее гIуна. Цинги гьез гьарана пекарня щай баларебин абун. Цинги дун ана аскIоса-гIебеде ругел пекарнябазде, гьезда абуна гьадинаб ханжу бугин, гьалъул чед щай гьабуларебин абун. Гьел киназго инкар гьабуна, гьелъул чед лъугьунарин, сино букIунарин абураб гIиллаги бачун. Гьедин ккана чед бежиялъул къисмат.
ГIадамазда гьелъул унго-унгояб пайда жеги лъалеб ва бичIчIулеб гьечIо. Дица гьезда бицуна чанго батIияб куцалда. Гьелъул пайдабазул цояб буго хъахIаб ханждал чедгIадин гIемер квинеги кIоларин, ай экономия кколин гьаб ханждал чедалъулин абун. Гьединго рехсола тохтурзабаз бицунебги. Гьез абула, инсанасул чорхолъ ругел гIемерисел унтаби хъахIаб ханждал квен хIалтIизабиялдалъун бугин абун. Живго АхIмад-афандияс дидаго рагIана абулеб, гIалимчиясул рокъоб хъахIаб ханждал квен батараб мехалда жив нечолин абун.
– Тукабазда бичулеб чIегIераб чадил хIакъалъул щиб абилеб?
- Киназулго жаваб кьун бажариларо. Амма, цо къотIизеги къотIун, хIадурараб чIегIараб чадиде дир божи гIоларо. Дида цIехаразда дица абула, гьезул пекарнялда гьарейин гьеб чед гьабураб ханжу кьейин дагьа-макъабго, рокъоб чед гьабизе букIине. Дида ккола гьезие жаваб букIинарин абун. Щайгурелъул, гьаб заманалда руго чанго батIиял къагIидаби чадил кьер хисизабизе рес бугел. Гьединго буцараб гIатIалде гъолъе жубалеб буго дагьабго тIахьди, цинги кколеб буго гьеб чед цIакъго тIокIаб бугин абун.
– ХIасан, лъел гьабица ххенаралъулги, токалъулалъ ххенаралъулги ханждал батIалъи букIунищ?
- Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде щибго батIалъи бихьуларо. Щайгурелъул, кIиябго гьобо буго ганчIил. Лъел гьобоялъул оборотал дагьал рукIунин, гьеб багIаруларин абуни, моторалдаги кIола оборотал рекъезаризе. Сунца тираниги щиб гьеб, аслияб жо буго кIиго ганчIида гьоркьоб букIин. Доба Африкаялдаса гIебеде хIайваназги сверизарула гьабал. Россиялда руго гьорол гьабалги. ЦIакъго цебе заманалда рукIана кверзул гьабал. Амма цогидал гьабазул, элеваторалда релълъаразул, батIияб букIина ханжу.
– Цогидал гьабаздаса дуралъул бугищ батIалъиго?
- БатIалъи щибха букIинеб, киназулго цого къагIида батила хIалтIулеб. Амма дица гIагарде къазе толаро урбаялде гьоркьобе жубалеб семечкадул нах. Гьединго биччаларо гьоркьобе гьуинлъи-чакарги. Сундаго жаниб буго жиндиего гIураб нах. Гьединлъидал аслияб жо буго берцинго боркьи.
Жеги нижеца гьарула киналго мугьазул ханжу. Ролъ, цIоросаролъ, пурчIина, бугIа, гьоло, пиринчI ва цогидалги бокьарал мугьазул.
– ХIасан, дуего щвараб хIалбихьигун махщел цогиязда малъулищ дуца?
- Валлагь, малъулаха. Доле ХIебда росулъ мадрасалъул цIаралда бараб гьобо базеги хIалтIизе биччаялда тIадги хIалтIи гьабуна дица. ГьабсагIатги хIадурав вуго кумек гьарарасул мурад тIубазе къватIиве вахъине.
Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас








Чед ккола бищунго машгьурал кванил нигIматазул цояб. ГIемерал гIадамаз щибаб къойил чед кванала. Амма киназдаго гуро лъалеб чадил батIи-батIияб тайпаялъ сахлъиялъе батIи-батIияб асар гьабулеблъи. Жакъа гIемерисез тохтурзабаз ва диетологаз абула хъахIаб чадидаса багIар ролъул (цельнозерновой) чед тIаса бищизе кколин абун.
БагIар ролъул чед гьабула тIубараб мугьалдаса. Гьеб гьабулеб мехалъ, цIунун хутIула мугьалъул киналго бутIаби – хъал ва жанисеб мугь. Гьеб хъалалда ва мугьалъулъ букIуна аслияб къагIидаялъ витаминал, минералал ва цогидалги пайдаял жал.
ХъахIаб чед гьабула бацIцIад гьабураб мугьалдаса. Ханжу гьабилалде цебе гьеб мугь хъал ва тIор бачIунеб бакIалдаса бацIцIад гьабула. Гьединлъидалин хъахIаб чадилъ пайдаял жалги дагьал рукIунел.
БагIар ролъул чадил аслиял пайдабазул цояб ккола гьелъулъ клетчатка цIикIкIараб букIин. Клетчаткаялъ кумек гьабула ургьимесалъул хIалтIи лъикIлъизабизе. Гьединго гьелъ кумек гьабула гIемер заманалъ ракъи кквезе. Гьелъул кумекалдалъун инсан цIикIкIун кваналаро ва ракъиги дагьлъула.
БагIар ролъул чадида гъорлъ руго В группаялъул витаминал, железо, магний, цинк ва цогидалги пайдаял жал. Гьел элементаз кумек гьабула черхалъе битIун хIалтIизе, нерваби цIунула, иммунияб система щула гьабула.
ХъахIаб чед кванан хадуб бидулъ чакаралъул къадар цIикIкIуна, хадуб хехго гIодобе ккола. Гьелъин къокъаб заманалда инсан цIидасан вакъулев.
ГIемер хъахIаб чед кванаялъ ва къанагIат гурони гьечIеб вагъа-вачариялъ квербакъи гьабула инсан кьаралъиялъе. Гьелда тIадеги, хъахIаб ханждал нигIматал гIемер кванаялъ цо-цо метаболизмалъул унтаби ккеялъул хIинкъи цIикIкIинабизе бегьула.
Гьелъул магIна кколаро хъахIаб чед тIубанго кванил нигIматаздаса нахъе бахъизе кколин абураб. Амма бищунго лъикIаб букIина гьеб гьоркьохъеб къагIидаялъ кваназе ва багIар ролъул чед тIаса бищизе.
Инсанасул сахлъи бараб буго гьес щибаб къойил гьарулел гIадатазда. Кванил нигIматазулъ гьитIинал хиса-басиял гьариялъцин пайда кьезе бегьула. ХъахIаб чед багIар ролъул нигIматалдалъун хиси ккола гIадатияб гали, гьелъ кумек гьабула квен лъикIлъизабизе ва сахлъи цIунизе.
БитIун кваназе ккани захIматал галаби тIамизе кколаро. Цо-цо мехалда гIей гьабула нилъеца щибаб къойил кваналеб кванил нигIматазда гьоркьоб сахлъиялъе пайдаяб тIасабищи гьабиялъ.