Хъулухъ гьабизеги лъазе ккола
Хъулухъ гьабизеги лъазе ккола
ХIурматиял газета цIалулел, ихдалил мех букIуна гIадамал ах-хуралде руссунел, гьелъул тIалаб-агъаз гьаби байбихьулеб. Нилъеца бекьулеб нигIмат буго хважаинас хадуб гьабураб хъулухъалда рекъон жинца бачIин кьолеблъун. Ах-хуралда хадув чIарав, гьезие гьаризе кколел хъулухъал жинда лъикI лъалезул цояв ккола Гъизилюрт районалдаса МухIаммад Халилов. Ахихъабазда гьев «Яды у Магомеда» абураб тукадул бицен гьабидал лъала. Заманги гьадинаб бугелъул, пикру ккана ах-хуралъе хъулухъ кин гьабизе кколебали цIехон МухIаммадилгун гара-чIвари гьабизе.
- МухIаммад, бокьилаан дурго хIакъалъулъ бицани?
- Дун гьавуна Казбек районалъул ЦIолбокь росулъ, 1964 соналда. Дир эбел-эмен гIумру гьабун рукIана Басрияб Миякьоб букIараб колода. Школа рикIкIад букIиналъ дун витIана Хасавюрт шагьаралъул школа-интернаталде. 6 класс гьениб лъугIидал, ЦIияб ЦIолбокь бараб школалде хьвадана. ЦIакъ лъикIал учительзаби рукIана гьенир. Гьел сабаблъун кканин тIабигIаталде дир рокьийинги абизе бегьула.
Нижер букIана боцIи-панз ва гьитIинабго ах. ЦIакъ бокьулаан ахикь хIалтIизе ва анищ букIана дирго кIудияб ах букIине. Хъизан гьабидал эбел-инсуца дие кьуна кIудияб ах. Цебе инсуда цадахъ гьабулеб букIараб хIалтIи гьанже дидего тIаде ккана. Къокъабго заманалда жаниб ругьунлъана гъутIби ва цIибил чIаразе, дару речIчIизабизе ва цогидалги хIалтIаби гьаризе.
- ГъутIби чIеялъе ва кIуриялъе бихьизабураб хасаб заман бугищ?
- ГъутIби чIезе бихьизабураб заман хаслихълъи ва их буго. Бищун лъикIаб заманлъун, дир пикруялда, ккола хаслихълъи. Гьеб заманалда чIараб гъотIол, их щвезегIан, кьибил щулалъулеб букIуна. Ихдал чIараб гъотIодасаги хаслихълъиялда чIараб гъотIол, их щведал, туркIиги гIезегIан лъикIаб букIуна. Ихдал чIараб гъотIое гIемерал цIадал раялъги гьабула зарал.
ЦIорой гIемерго бокьуларел, масала, мокьрол гъутIби бакъ щвараб, гьури гьечIеб ихдалил къоялъ кIурани лъикIаб букIуна. Амма цIорой хIехьолел гIеч, гени гIадал гъутIби хаслихъе, хасало ва ихдал кIураниги батIалъи гьечIо.
- ГъутIбузе удобрения кидал хIалтIизабулеб?
- Фосфорниялгун калийниял удобрениял ва жибго рак хасалихъе бала, их тIаде щвезегIан ракьулъ билъун кьалбазде щвезе букIине. Ихдалги, гъотIол хал-шал гьабун, гьеб туркIизелъун лъикIаб буго азотнияб, ай карбамид, селитра гIадал удобрениял разе. Бищун лъикIаб къагIида ккола удобрениял лъелъги рилъун хIалтIизари.
ГIемерисез лъангутIиялъ ракгун цадахъ нитроаммофос, аммофос, диаммофос гIадал удобрениял щван ратула. Цадахъго гьеб баялъ гъотIое зарал гьабула, гьелде тIаде пицI чвахулеб (камедетечение), тIанхазул кьер хисулеб (хлороз) унтабицин ккезе рес руго. Гьединлъидал удобрениял разегIан цин лъалел чагIазда цIехараб лъикIаб буго.
- Дагъистаналдаго рагIараб «Яды у Магомеда» абун цIар бугеб тукен буго дур. Бокьилаан лъазе дараби ричиялде кин мун вачIаравали?
- Доб заманалда ах гьабулаго дир ва росулъ ругел ахихъабазул унтабаз ва заралиял хIутI-хъумураз бачIиналъе кутакаб зарал гьабулеб букIана. Гьеб заманалда агрономалги цIакъ дагь гурони рукIинчIо. Гьез малъухъе гьабуниги, хIасил кколебги букIинчIо. Дица байбихьана суалазе жавабал ралагьизе. Росулъ ва шагьаралъул библиотекалда росдал магIишаталда хурхараб цIаличIеб тIехь течIо, хIатта цIияб тIехь бачIиндал библиотекараз жидецаго босун бачIунаан дихъе гьеб цIализелъун. Щибаб даруялъул гIуцIиялъул баян лъазабуна. ГIемерал дараби ратана лъикIал, амма хIалтIизарулел дараби ругоан учузал ва хIасил дагь кьолел. ЛъикIал дарабазухъ лъикIаб гIарацги абулеб букIана. ХIалбихьизелъун дица байбихьана гьел дараби хIалтIизаризе. Гьайгьай, лъалаго бачIин цIикIкIана. 2 тоннацин бахъулареб бакIалда гьел дараби хIалтIизаризе байбихьараб соналъ 5-6 тонна бачIиналъул бакIарана. Дир гIумруялда жаниб букIана 10 сотых цIолбол ахалдаса 8 тонна цIолбол щвараб заманги. Дун лъалел мадугьалзаби ва росуцоял гьелда гIажаиблъана. Цинги гьез гьарана дару. Гьез кьураб гIакълуялдалъун байбихьана дараби ричизеги. Гьедин байбихьана дихъе рачIине Дагъистаналъул рахъ-рахъаздаса ахихъаби. Гьезие дараби ричулагоги гьездасанги гIемераб лъай щвана. Дие баянлъана гIодоблъиялда цIолбода речIчIизарулел дараби мугIрузул рахъалда тIубанго данде кколел гьечIеблъи. ЦIидасан тIахьал цIалун, цIех-рех гьабун лъай мухIкан гьабизе ккана. Дагъистаналъул мустахIикъав агроном АхIмадилгун лъай-хъвай ккана. Росдал магIишат лъазабиялде дир бугеб гъира бихьидал, гьес гIемераб жо малъана. Аллагь ﷻ разилъаги гьесдаса.
- Умумузул заманалда дарабазде хIажалъи букIинчIо. Цониги даруги речIчIизабичIого гъутIбуз пихъги кьолаан ва ах-хуралдаса бачIинги букIунаан…
- Гьеб битIараб буго. Жакъаги гIемерал ахихъабаз гIажаиблъун бицуна цебе гьалгощинал унтабиги рукIинчIин ва даруги гьабизе кколароанин абун. Хасго мугIрузул рахъалда ругел ахихъабаз цебе цониги дару хIалтIизабулароан. Гьоркьоб заман индал ва къватIисел улкабаздаса Россиялде, Дагъистаналде батIи-батIиял нигIматал рачIине байбихьидал, гьездаго цадахъ унтабиги рачIанин ккола. Гьелдаго цадахъ гьава-бакъалда банги букIинарищха. МугIрул ракьанда рарал гIемерал гидроэлектростанцияз гьаваялъулъ реччел цIикIкIинабиялъ грибкабазул унтаби цIикIкIана.
- МухIаммад, дур малъа-хъваялда хадур рачIаразе дудаго лъалеб бицунищ ялъуни цо-цо жал балъгойищ толел?
- БитIараб бицани, къойида жаниб лъебергоялдаса цIикIкIун чи вачIуна кIалъан дарабазул ва цогидал суалазул цIехон. Гьезул киналго суалазе жавабал дир хIалтIухъабаздаги бажарула кьун ва амма гьезда кколеб буго дица кьураб жаваб къиматаб бугин абун. Дихъаго бажарараб кумек гIадамазе гьабула, хIатта мех-мехалъ кватIизегIан хутIула ватсапалъул ахихъабазул къукъаялда рачIарал суалазе жавабал кьолаго. ГIелму буго нилъеца бикьарабгIан цIикIкIунеб жо. ГьабсагIат дир ахикь буго 200 батIияб сорт мокьрол, 40 батIияб сорт куракадул ва 20 сорт багIлидул. Жакъа дунялалдаго бищун лъикIал сортал ккола гьел. Аллагьас ﷻ дие сахлъиги гIумруги кьуни, ракIалда буго гьал дица рекьарал ва жеги рекьизе ругел сортал гIезарун, гьезул хIалбихьун хадуб гIадамазе баян гьабизе кинал сортал рокъор рекьизе лъикIал ва кинал ричизелъун рекьизе лъикIаллъун ругелали. Лъабго соналъ цебе босизе щун букIана америкаялъулаб селекциялъул цIибил. Цо чIоралъухъ 1800 гъурущ кьун букIана. Дица гьеб бацIцIана ва гьоркьиса гьелъ тIоцебесеб хIалухъиналъул 120 кг. кьуна. Исана 10 сотых ракьалда бацIцIун буго дица гьеб. Гьеб кIурун лъугьарал кIиазаргоялдасаги цIикIкIун чIорал исана рикьана хIажатазе.
- Дагъистаналъул ахихъабазе даран-базар гьабиялъулъ захIмалъи бугищ?
- Гьеб буго кIудияб масъала, ай щвараб бачIин бичи. Дагъистаналъул базарал хIадурал гьечIо гьелъие. ЧIахIиял шагьараздагIаги хасгьабун бокьилаан цIибил-пихъ цIунизелъун, гIарац кьун ижараялъе босизе рес бугел, цIорой чIезабурал складал рукIине. ГIемерисел ахихъабазул бачIин холеб буго берцинаб хIалалда бичизе бакIал гьечIолъиялъ.
- Дагъистаниязе щиб гьарилеб?
- Гьарила щулияб сахлъи, рохел ва рекъел. Аллагьас ﷻ тIаде рачIунел балагьаздаса цIунаги нилъ киналго.