Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» вакил

«Ас-саламалъул» вакил

«Ас-саламалъул» вакил

ГIали МухIумаев, «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул жавабияв

 

«Ас-салам» казият букIин лъаларев чи Дагъистаналда къанагIат гурони ватиларо. Гьеб буго щивав чиясе пайдаяб, дин-исламалъулгун гIумрудул нухда ритIун хьвадизе малъулеб рухIияб хазина. Гьеб къватIибе биччазеги гIадамазухъе щвезабизеги гIемерав чияс хIалтIи гьабула.

 

Гьединго гьаб заман буго тIасияб соналъе казияталъе подписка гьабулеб. Гьединлъидал, нижер пикру ккана, кинаб къагIидаялда гьеб иш унеб бугебали бицун, «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул жавабияв ГIали МухIаммадовасулгун гара-чIвари гьабизе.

 

 

ГIали МухIумаев ккола Гумбет районалъул Гъадари росулъа гIалимчи. «Ас-саламалъул» хIалтIи гьабизе ГIали тана 2024-абилеб соналъе подписка гьабизе байбихьулеб, сентябрь моцIалъул байбихьуда. Гьанже гьеб хIалтIи гьабизе тун вугониги, Гъизилюрт, Хьаргаби, Тарумовка гIадал районазул имамлъун вугеб мехалъги, ГIалица казият хъваялъул, гьеб гIадамазухъе щвезабиялъул иш тIубазабулаан.

 

 

– Гъоркьиса бихьизабураб къадар букIана 110 азаргогIанасеб экземпляр. Исана гьеб бахинабун буго 170 азаргоялде. Гьеб буго гIицIго Дагъистаналда гьабизе бугеб къадар. Россиялъул цогидал регионазда гьабулеб «Ас-саламалъул» хIалтIи гьелда гъорлъе кколаро. Гьенибги букIуна подписка, тIасияб соналъе гьабизе байбихьунги буго. Амма Дагъистаналда гIадин цогидал бакIазда чIезабураб къадар букIунаро.

 

 

 

 

 

– Бокьарас гьабейилан течIого, щивасухъе рокъоре хьвадун, санайил подписка гьаби цIикIкIинабиялъул магIна щиб бугеб?

– Исламалъе гIоло гьабулеб хIалтIи ккола гьеб. Гьелда гъорлъе щибха унеб? ЛъикIаб-квешаб малъулеб, исламалъул дагIватги, гIалимзабазул вагIзабиги, пайда-насихIаталги рукIина. Рехсаралда релълъараб ахIи щивасухъе щвезаби гурищ букIараб Аварагасулги ﷺ гьабулеб хIалтIи. Гьеб жо буго «Ас-салам» казияталда жанибги. Гьеб мурад буго казияталъулги. Гьединаб ниятгун хьвадула гIадамазухъе рокъо-рокъореги.

 

– Бихьизабураб къадар гьабун рагIалде бахъиналде хьул бугищ?

– ГьабсагIаталда гьабун буго 113 азарго гIанасеб подписка. Гьеб ккола 65 процент. Аллагьасул ﷻ кумекалдалъун хьул буго декабрь моцI лъугIилалде 100 проценталъ тIубазабизе. Бихьизабураб къадар тIубанин абун чIезеги бегьуларо. Газета рокъо-рокъобе щвезабулелъул, тIубараб лъагIелалъ гьабулеб хIалтIи гьоркьоса къотIизе толаро.

 

– ГьабсагIаталда бихьизабураб къадар тIубарал бакIал ругищ?

– Жакъа подписка гьабун лъугIун бугин абизе бегьула лъебералда лъабго бакIалда. Шагьаразда гьоркьоб тIоцебе лъугIана Южно-Сухокумскиялда, Каспийскиялда, Гъизилюрталда, ДагОгниялда. МугIрузул районаздаги ноябрь моцI байбихьилалдего лъугIун букIана, севериябги централиябги округазда цIикIкIарасеб къадар гьабуна.

ГьабсагIаталда аслияб кIвар буссинабун буго МахIачхъалаялде. Ин ша Аллагь, ракIалда буго исана тахшагьаралда 50-азарго гIанасеб подписка гьабизе. Гьеб къадаралъул лъабил бутIаялдаса цIикIкIун гьабунги буго. Гьелъие кумекалъе рачIине руго регионазда ругел вакилзабазул 15 чиги. Нилъерго гьанир районазда ругезул цо-цоял рачIун хIалтIулелги руго.

 

– Гьаб хIалтIи тIадкъазегIан мун чанго росулъгун районалда имамлъун хIалтIана. Гьеб заманалда казияталъе гьабулеб хIалтIиги букIун батила. Гьединлъидал, дур пикруялда рекъон, имамасеги цогидазеги казияталъул щиб пайда халлъараб дуда?

– ХIалтIи гьабулаго «Ас-салам» казияталъул кIудияб кумек буго имамасе. Мисалалъе, шаригIаталъ имамасда тIадкъараб иш буго гIадамазда лъикIаб-квешаб малъи, диналъул хIукмаби ричIчIизари гIадаб. Гьеб хIалтIи гьабулелъул имамасухъа щивасухъе дагIват щвезабун бажаруларо. Гьесухъ гIенеккулел чагIи рукIуна рузман къоялъ мажгиталде рачIунел гIадамал. Гьенире щоларо, щваниги гIенеккуларо гIисинал лъимал, рачIунаро руччаби, унтарал, гIажизал гIадамал. Казият абуни рокъо-рокъобе бачIуна. Гьединлъидал гьеб казият ккола имамасул хIалтIи тIубалеблъунги щивасухъе рокъове вачIунев мугIалимлъунги.

 

– Рихьизарурал хIалтIухъаби гурел, волонтеразул гIахьаллъи кинаб бугеб?

– АлхIамдулиллагь, волонтёрал гIемер руго Дагъистаналда. Мисалъе, МахIачхъалаялда 50 азарго казият хъвараб мехалъ, гьанив вугев 15 хIалтIухъанас гьебщинаб казият кида бикьун бахъунеб? ГIадамаз жидецаго загьирги гьабула бажарараб кумек гьабилин абун. Гьединлъидал, казияталъул пайдаги бичIчIулел, гьелъул хIалтIиги бихьулел чагIаз бажарараб гьабула. КIудияб кумек гьабула бакI-бакIазда ругел авал-мажгитазул имамзабазги.

 

– Руччабазул кинаб гIахьаллъи бугеб, бугищ гьез гьабулеб хIалтIи?

– Руччабазулги, бихьиназулалда бащдабин абуниги бегьила, кутакаб гIахьаллъи буго. Мисалалъе, МахIачхъалаялда бугеб «Гьидаят» центаралъул ясал, лъай тIибитIизабиялъул отделалъул хIалтIухъаби, щибаб бакIалда ругел активистал – гьел киналго гIахьаллъула гьеб ишалда гъорлъ. Казият хъвалеб мехалъги жидерго гIага-божарал руччабазда гьоркьоб подпискаги гьабула диналъул яцаз.

 

– Цо-цо чагIи рукIуна кIиго-лъабгониги экземпляр хъвалел. Гьединал казиятал лъие кьолел?

– Гьедин хъварал казиятазе, тIоцебесеб иргаялда, нижеца тIалаб гьабула щибаб районалдагун шагьаралда «Инсан» фондалъул бербалагьиялда гъоркь ругел ресукъал чагIазул сияхI. Цинги гьезухъе ахIула нижер хIалтIухъабаз. Араб соналъ подписка гьабурал ругони, цIигьабула. ГьечIони, бакка-бахъи гьабула гьадинал санагIалъаби ругин, нужее казият хъвани бокьилищин абун. Гьезул жавабазухъ ралагьун гьабула гьединазе. ГIисинал росабалъ абуни, имамасда яги вакиласда лъала жидее казият хъвазе гIадал ресукълъиялда ругел чагIи.

 

– Казияталъул цIияб номер бачIиндал, кватIизе течIого цIалдолезухъе гьеб щвезабиялъул тадбир кин гIуцIун бугеб?

– Гьелъул батIи-батIияб къагIида буго. Мисалалъе, гIодоблъиялда казият цIалдолезухъе хехго щола. Районазде, рикIкIад ругел росабалъе хадуб щола. Ахирисев чиясухъе казият щвезе бищун кватIараб анкьго къо буго чIезабун, гьелдаса кватIизе биччаларо. Жибго бихьизабураб 3-5 къо буго.

Казият бачIараб мехалъ щибаб рахъалда ругел вакизабазде ругьел битIула казиятал рачIун ругин, росизе рачIайин абун. Гьез районаздегун жидерго округазде уна росун. Гьенисан кьола щибаб бакIалда вугев хасав чиясухъе. Цинги рикьун лъугIидал, щивас гьабула хIисабкьеялъулаб хIалтIиги.

 

– Ахиралдаги, щиб абилеб цIалдолезда?

– Казият хъвалесдаги, тIибитIизабулесдаги, цIалулесдаги бичIчIизе ккола гьеб иш Аварагасги ﷺ, гьесул асхIабзабазги гьабулеб букIараб дагIват цебебачин кколеблъи. Казияталда жаниб бугелъул жиндир къимат цIикIкIараб гIелму, щивав чиясда лъачIого гIолареб дин, рукIа-рахъиналъул малъа-хъваял, лъималазе тарбия. Кинаб рахъалдаса борцаниги, баракатаб, мунпагIатаб казият буго.

Гьелъул бугеб кIварги къиматги бихьун Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясги кутакалда кIвар кьолеб буго гьелде ва гьеб тIибитIизабиялде.

Аллагьасул ﷻ дин тIибитIизабиялъул мурадалда, гIезегIан чи тIад хIалтIун нилъехъе бачIунеб казият хъвайин, цIалейин, гьелда батараб лъикIалда нахърилълъун, квешалдаса рикIкIалъун гIамал гьабейин абун гьарила.

 

Гара-чIвари гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


17 мина къачIазе буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил бихьизабиялда рекъон, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировги Хасавюрт районалъул росабазул имамзабиги, «Инсан» фондалъул вакилзабиги рачIун рукIана ЦIияб ЦIиликь росулъе. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъги...


ХIафиз ибн Башкъул КъуртIуби

Имам, хIафиз, факъигь, тарихчи Абулкъасим Халаф ибну ГӀабдулмалик ибну МасгӀуд ибну Муса ибну Юсуф ибну Дакъагь ибну Наср ал-Ансари ал-Хазражи ал-Андалуси. Гьесул тIокIцIар ккола ибну Башкъул КъуртIуби. Гьев гьавуна гьижрияб 494 соналъ.   Ибну Башкъулица гӀелму босизе байбихьана гӀолохъанаб...


МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.   Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...


СУАЛ-ЖАВАБ

Къуръан, махраж гьечIого цӀализе бегьулищ, цӀараб цӀан, къараб къан цIалулеб бугони? МагIна хисуларедухъ, Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелмуялда абула тажвидилан. ХIарпал рукIине кколелъуса жиде-жидер гьаркьаздалъун рахъиялда абула махражилан. Мисалалъе, гIараб алфавиталда руго цо-цо хIарпал,...