Аслияб гьумералде

РахатIа мажгит рагьиялъул мажлис

РахатIа мажгит рагьиялъул мажлис

РахатIа мажгит рагьиялъул мажлис

Дагьал церегIан къоязда Болъихъ районалъул РахатIа росулъ тIобитIана жиндир баракат щваяв Инхелоса Мансурил МухIаммад-афандиясул цIар кьураб мажгит рагьи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна магIарул мацIалда биччалеб «Ас-саламалъул» редактор ГIабдуллагь МухIаммадовасгун мухбир Жабир Мажидовасги.

Умумузул тарихалъ ва гIадатаз бицуна цебе нилъер букIараб гIумру-яшавалъул хIакъалъулъ. Гьеб кинабго наслабахъе кьечIони, цо заманалдасан нилъ хутIизе руго гьебги тIагIун.

Мукъсанаб гурони гьечIо росдал хIакъалъулъ кьучIаб материал ва гьединлъидал рахатIисезул тарих буго гIицIго харабазул биценалда мугъчIвайги гьабун гIуцIараб.

РахатIа вуго 3200-ялдасаги цIикIкIун чи, 700 га ракьул. РахатIа абураб цIарги бачIун буго «рахи» абураб рагIудаса. Щай абуни, цебе росу бугеб бакIалда ризаб рохь букIиналъ, росуцояз гъутIби къотIун, мина базе рахи (чIалу) гьабулаан. Рахида абураб рагIи хисун буго РахатIа абун.

Архивалда бугеб хъвай-хъвагIаялда рекъон, росдада цIар цебе Рахадаян абулеб букIун буго.

Харабаз бицухъе, росу гIуцIаралдаса нахъе хисун буго 18 гIел. Амма росдал хIакъалъулъ хъвараб цониги гIелмияб, тарихияб хъвай-хъвагIай гьечIо.

Биценалда рекъон, Хунзахъ районалъул Уздалросулъа Узденбегил вас КIудияв ГIалимухIаммад вачIун вуго яшав гьабизе гьаниве ва гьес мина бараб бакI ккола росулъ тIоцебе бараб мажгит бугеб бакIалда букIараб ГIабдурахIман-хIажил бакI. Гьевги ккола ГIалил МухIаммадил вас, лъабго нухалъ лъелго хIежалде арав ва гьенив къадаралдеги щун, гьенивго вукъарав. Уздалросулъ жеги руго ГIалимухIаммадил тухумалъул чагIи.

Росал бегавуллъун Сахратулаев МухIаммад вищаралдаса лъагIалидаса дагьаб цIикIкIараб заман гурони инчIониги, гьарурал хIалтIаби гIезегIан руго. Масала, гьесул хIаракаталдалъун росулъ рагьана цIияб мажгит. Гьелъул бицен ккедал, МухIаммадица абуна цо чияс гьабулеб иш букIунарин, гIаммаб хIалтIи гьабулелъул росдал жамагIаталъ кверчIвалин абун.

– Бегавуллъун вачIунеб мехалда дир аслияб мурад букIана жамагIаталъе бокьараб иш, законалда рекъон, цебе бачин. Шукру БетIергьанасе, батIи-батIияб хабар бицун данде хIалтIулел чагIи камичIониги, жамагIаталда цадахъ лъугьун гьабураб ишалъ хIасил кьуна, - ян бицана гьес.

– ЖамагIаталъулгун гьабулеб иш киналго разияб къагIидалда цебе бачине сунца кумек гьабураб?

– ТIоцебесеб иргаялда, диналъул кьучIалда рекъон хIалтIани, иш цебе уна. Гьелъие мисаллъунги гIела жиндир баракат щваяв Инхелоса КIудиясул цIар кьураб гьаб мажгит рагьиялда хурхун гьабураб мажлис. Лъабабилеб нух буго гьадинал мажлисал тIоритIулелдаса, амма исана гьабураб букIана цIакъго кIудияб.

Росдал гIадамал абизегIанасеб ресалда ругел чагIиги гуро, бугониги, киназго гьабуна бажарараб кумек. Гьелъухъ щивасе баркалаги буго. Хасаб баркала загьир гьабичIого гIоларо СагIадулаев Юнусие. Гьес мажгиталъе гьабураб кумек 16-17 миллионалде бахун батила. Гьединго кIудияб кумек гьабуна районалъул бетIерлъун вукIарав Камалица. Гьесги мажгиталъе хIалтIизабизе хIажатаб бетон кьуна. Баркала буго гьаниб хIалтIи гьабурал руччабазеги.

МухIаммадов Шамил, росдал будун:

- Дица будунлъи гьабуна ункъо-щуго соналъ. ЦIалана Турциялъул халкъазда гьоркьосеб лицеялда, ДГУялда ва Халкъияб магIишаталъул институталда.

Мажгит бан бахъиндал мажлис гьабизе гъира букIана. ЗахIматго букIаниги гьелде хIадурлъи гьабизе яхI бахъана. ГIолохъабаз кIудияб кумек гьабуна.

Мажлисалде гьабуна кутакаб хIадурлъи, хIалтIана кьижичIого. Гьалбадериеги буго баркала, нижги кIодо гьарун, гьанире рачIаралъухъ.

ГIабдулкеримов МухIаммад, мажлисалъул гIуцIарухъан:

- ГIага-шагарго щуго соналъ цебе байбихьана мажгит базе. Росулъ буго чанго авал-мажгитги. Аслияб мажгит дагьаб къварилъун букIун, къотIи ккун букIана цIияб мажгит базе. Аллагьасе ﷻ рецц, гьале жакъа Аллагьас ﷻ нигIматлъун кьуна нилъее гьайбатаб мажгит.

- МухIаммад, мажгит баялъе квербакъи лъица гьабураб?

- Цо хъизан гIадин данделъун, тIолабго росдал жамагIаталъ гурана къвалал, Аллагьасул ﷻ рукъ базе. Ресалда ругел росуцояз гьабуна гIарцулаб кумек. Къокъа-къокъаккун росдал гIолохъабиги рахъана хIалтIизе. Руччабазулги букIана мажгит баялъе кутакаб кумек.

- Дагъистаниязе щиб гьарилеб?

- Гьаб мажлис ва мажгит Аллагьас ﷻ сабаблъун гьабеги тIолабго бусурбабазул уммат цолъиялъе, балагьал нахъчIваялъе, унтабаздаса цIуниялъе. Жакъа гьаб мажлисалда гIахьаллъи гьабуразеги мажгиталъе квербакъаразеги буго кIудияб баркала. Аллагьас ﷻ сахлъиги халатаб гIумруги кьеги киназего.

МухIаммадзагьидова ПатIимат, РахатIа росдал школалъул магIарул мацIалъул мугIалим:

- Рамазан моцIалъ ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб централда, Болъихъ районалъул ифтар гьабулаго, хIадурлъи гьабизе тIадкъана районалъул имамас нижер росдал руччабазда. Гьелъие тадбир гьабеян дидаги гьарана. Гьедин гIуцIана руччабазул къокъа, байбихьана хIалтIизе. Нижер къокъаялда йикIана 80-гIанасей чIужугIадан. ТIубана гьеб ифтарги, руссана рокъореги. Гьелда цебеги гIуцIун букIана нижеца руччабазул къокъа, ай мажгиталъе гIарац бакIаризе. Гьенибе бакIарана 77 азаралда 777 гъурущ. Ифтаралъе бакIарана ясаз 150 азаргоялдасаги цIикIкIун гъурущ.

КIалбиччан хадуб бачIана ахIи мажгит рагьиялъе хIадурлъи гьабизе кколин абун. Киналго дандекъан нижер гIуна 120 чIужугIадан. Гьелде хIадурлъи гьабизе байбихьана цудунго. Жеги хIалтIаби лъугIичIого рукIун, хIур ва цогидабги бацIцIад гьабиялдаса байбихьун, квен-тIех хIадуриялде щвезегIан саламатаб хIалтIи букIана руччабазе. 100 пирог гьабизе цIулакьо цо гIаданалъ бачIана. Дир эбел-инсул гIадат букIана росулъ мажлис гьабулелъул чед босулеб, гьанже гьел кIодолъун ругелъул, вацас тIаде босана гьеб иш. Сордо-къоялъ кьижичIого хIалтIана руччаби.

КъватIал ва мажгиталда сверухъ бакIал къачIайги тIаде босана руччабаз. Гьале, къачIана къватIал ва мажгиталда сверухъ бакI.

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Нахъе къан чIоге

Лъица Аллагьасул диналъул рахъ кквезе ва гьеб цебе бачине кколеб? Гьеб суал буго цIакъ кIвар бугеб. ХIатта гIадатго нилъеца кколин абуниги. Как балел, мажгитазде хьвадулел, диналде гIагарлъизе хIаракат бахъулел чагIи руго, тIоцебесеб иргаялда, имамасдеги, гIелмуялдеги гIагарал чагIи.   Нилъеда...


«Щибаб рокъобе нигIматал»

Гьединаб ахIиялда гъоркь, «Инсан» фондалъул Болъихъ районалда ругел волонтёразул централъ, тIобитIана акция. Акция тIобитIулебгIан заманалда жаниб «Инсан» фондалъул приложениялдасан лъазабун букIана 180 000 гъурущ бакIарулеб бугилан абун. Къокъабго заманалда жаниб гьеб бакIарана ва 300 килограмм...


ХIежалъул бицине данделъила

ХIежалъул бицине данделъила  «Марва-Тур» компаниялда тIобитIана регионалда хIежалъул ишал гIуцIиялъул жавабиявлъун кколев Шамил МухIаммадовасулги ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул вакилзабазулги данделъи. Аслияб суал букIана исана хIежалде дагъистаниял ритIулеб...


МугIазие гьабураб насихIат

Аварагас ﷺ Йеменалде ритIана Абу Муса ал-АшгIарий ва МугIаз бину Жабал. Гьезие гьадинал малъа-хъваялги гьаруна:   «Нужеца гьезие бигьалъи гьабе, захIмалъи гьабуге, гьел гIагар гьаре, тIуризаруге, нуж кIиялгоги цоцазде адаб-хъатиралда рукIа ва цоцазда гьоркьоб хилиплъи ккеялдаса цIуне....


Ахиралда рещтIраб аят

ХIираалъул нохъода халваталдаги чIун, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев вукIана Авараг ﷺ. Заманалдасан нохъо гвангъун бачIуна ва ЖабрагӀил малаик вачIуна Аваргасухъе ﷺ вахIюги босун. Гьеб букIана Къуръаналъул тIоцебесеб аят, «ЦӀале» абураб.     Гьедин байбихьана 23 соналъ Къуръан рещтIине. Гьеб...