Аслияб гьумералде

БахIарчиял Туркал

БахIарчиял Туркал

Туркалгун бусурбабазул тунка-хIуси МугIавият халифалъун вугеб заманалда ккана. ХIужайжил вас МугIавиятица бицана Абусуфянил вас МугIавиятихъе турказда тIад бергьенлъи босиялъул бицун кагъат бачIиндал жив гьесда аскIов вукIанин.

Гьеб кагътида бицунеб букIана гIемерал туркал чIванаян ва гIемераб гъанимаги щванаян. Гьеб кагъат цIалидал халифа МугIавиятил ццин бахъун жаваб хъваян буюрухъ кьуна: «Шал чIварал ва кинал гъанимаби росаралали дуца хъвараб кагътидасан дида бичIчIана.

Дир изну гьечIого тIокIаб гьелгун рагъизе ихтияр кьоларо дица», - ян. Цинги дица гьикъана: «Я, бусурбабазул цевехъан, щай дуца гьедин абулеб!?», - илан.

Гьес абуна: «Аварагас абулеб рагIана дида: «Юшан (полынь) ва къайсумат (тысячелистник) бижулеб бакIалъ турказ гIарабазда тIад бергьенлъи босизе буго», - ян. Гьединлъидал гьелгун рагъ базе бокьун гьечIо дие». гьеб хIисабалде босун асхIабзабаз гIемер абулаан «туркал жалго теян».

Гьелдаса хадуб бусурбабаз туркал жалго тана. Амма гьоркьоб заман индал турказ бусурбабазул церехъабазул божилъи бижизабуна. ГIабасидазул наслуялдаса кколев МугIтасимил бетIерлъиялда гьесул аскаралъул гIемериселго туркал рукIана. Цинги божилъиялдеги рачIун МугIтасимида хадуб турказ гьесул вас Мутаваккил чIвана.

Гьелдаса хадуб бусурбабазе унго-унгояб балагьлъун ккана гьижрияб 6 гIасруялда монголал тIаде кIанцIи. Бусурбабазул тарихалъул тIухьдузда гьезул бицун «АтТатар» абун хъван букIуна. Кутакаб зарал гьабуна гьез бусурбабазе. Багъдадалда, Дамаскалда рукIарал гIемерал исламиял квералъ хъварал гIелмиял асарал гьез рухIана. Имам нававиясул заман букIана гьеб.

Гьезул бицун гьес абуна: «Авагас жодое сифат гьабурал туркалгун рагъ ккана: Къваридал, гIисинал берал, багIаркьерал гьурмал, чIинтIарал мугIрул, битIараб хъалхъаналда релъарал гьурмул, квасул хьитал ретIарал», - илан. Хадубги имам Наваияс хъвалеб буго: «Гьел киналго сифатал жакъа къоялъги гьезул руго. Бусурбаби гьелгун гIемер рагъана ва жеги рагъулелги руго», - ян.

Амма заман индал гIемерал туркаца ислам босана ва бусурбабазе гIемерал бергьенлъабиги гьездалъун насиблъана. Гьединал бергьенлъабаздасан ккола МухIамад ФатихIица доб заманалда Византиялъул тахшагьарлъун букIараб Константинополь кверде боси. Хадусанги ГIусманиял сабаблъунги гIемераб халкъ исламалде рачIана.

Гьеб ритIухъ гьабула аварагасул рагIабазги: «Нужеда бичIчIила, ислам къабул гьабизегIан гьеб бищун рихараллъун рукIарал (къабул гьабун хадуб) бищун лъикIаллъун рукIунеллъи. ГIадамал рудниказда, ай магIданал рахъулеб бакIалда релъон рукIуна. Жагьилаб заманалда бищун лъикIал – исламалдаги бищун лъикIаллъун лъугьуна», - ян. (Бухари)

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...