Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Цогидазда релъ лъинаюлей йиго

Дидаса цее йикIарай чIужу кидаго мисаллъун ячуна росас. Гьелъ, лъималгун рехун, гьев таниги. Сон гьес дида абуна дун гIадал руччаби азарго рукIанин жиндир. Гьел рагIабаздаса хадуб гьесдаса ракIбуссун буго дир. Гьевгун цадахъ гIумру гьабизе бокьунги гьечIо.

ПатIимат, Хасавюрт.

ГIалимчиясул жаваб

Рос-лъадул гьоркьоблъи цIунизе кIиязго тIуразе кколел тIадкъаял руго шаргIалъ рихьизарун. Гьебги - хъизан цIуниялъе гIоло. Кинал ритIарал ругелали лъазе ккани, кIиязухъгоги гIенеккун къотIизе ккола хIукму. Щивас жиндехунго одеяло цIалеб бугони, гьеб тIу-тIун бачIуна.

Гьелдаго релълъун, кидаго дагIба-рагIиялда ругони, хъизан биххула. Гьеб иш лъикIалдалъун тIубазе бокьун батани, мун гIакъилго хIалтIизе ккола. РукъбакI цIунулеллъун руччаби ругелъул, хъизан биххичIого букIинелъун гIемераб жо данде бачине ккола дуца. ДагIба-къец щибаб хъизамалда букIуна. Амма гьеб сабаблъун хъизан биххизе бегьуларо.

ГIакъилай, цIодорай чIужугIадан рокъой йигеб рукъ гьелъул баракаталдалъун Аллагьас ﷻ биххизе толаро. ГIицIго Аллагьасе ﷻ гIоло, росасул адаб, гьес малъараб гьабун, гьесда цере тIуразе кколел хIукъукъал тIуран йигони, Аллагьасул ﷻ разилъи щвела. Росасе мутIигIлъи ккола Алжан насиблъиялъе сабаб. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

Психологасул жаваб

Дур росасул цIакъ захIматаб гIамал бихьула. Гьединаб гIамалги букIуна загIипал, жидедаго ракIчIей гьечIел бихьиназул. АскIор ругел, жидедаса загIипал гIадамаздалъун жиндилъго гьечIеб къвакIи бихьизабула гьез. Гьединал гIадамалгун кIалъалаго, гьез чIвалел гIайибазул миллат гьабичIого тей буго дару. Абулеб жоялда жиндиргоцин ракIчIун букIунаро гьединазул. Гьесие къваригIараб жо буго мун данде дагIбади.

Гьесие бокьула ва гьесул мурад тIубала мун данде къацандизе байбихьидал. Амма дуца хIал хисизе биччачIони, гьесул тату хола ва гьеб гIамал бихьизаби гьес тола. Цоги нухалъ «мун гIадинал азарго ругин» абидал, дуца абе «дида лъалин» абун. КватIичIого гьесда бичIчIула жиндаго аскIой къуватай гIадан йикIин. Хадусеб нухалъ дудехун гьабулеб кIалъайги хисизабизе буго гьес.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...