Аслияб гьумералде

Яцалъул насихIатал рекIее гIолел гьечIо

Яцалъул насихIатал рекIее гIолел гьечIо

КватIичIого росасе ине йиго дун. КIудияй яцалъ абулеб буго росасе бокьухъе йикIунгейилан. Рос горбода ваччизе течIого, диего бокьараб хIалалда гIумру гьабейин малъулеб буго гьелъ. Яц дие йокьула. Амма бокьун гьечIо дир хъизамалъул ишазде гьоркьое гьей лъугьине ва гьединго гьелъул ракI бакъвазабизеги. Щиб дица гьабилеб? Парихан, Каспийск

ГIалимчиясул жаваб

Росасухъ гIенеккунгутIи ккола мунагьаб иш. Рос горбода ваччун вукIунев чиги гуро. Намус-яхI бугев бихьинчияс къабул гьабулеб жо гуро чIужуялда варавлъун вукIин.

Росасе мутIигIлъи ва гьев рази вукIин чIужугIаданалъе кIудияб нигIмат буго. Амма гIемерисел руччабазда гьеб лъаларо.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ЧIужугIаданалъ къойил щуябго какги балеб бугони, рамазан моцIалъ кIалалги кколел ругони ва росасеги мутIигIайлъун йигони, бокьарал кавабаздасан алжаналъуе лъугьине ихтияр кьола гьелъие», - ян. (АхIмад)

Яцалъулгун гьоркьоблъи, гьединал харбал сабаблъун, хвезабизе кколаро. Дуе квешлъи бокьун абулеб жо батуларо гьелъ гьеб. Дида ккола, росасулгун ккарал гIумрудул гъалатIазул хIасилалъул пикраби ругин гьелъ дуе загьир гьарулел.

Кин бугониги, хIаракат бахъе яцалъулгун гьоркьоблъиги цIунизе ва дурго гIумруги Аллагь ﷻ разияб хIалалда бачине. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бихьинал гьарун руго руччабазда тIад бетIерлъи гьабулелъун ва гьел нухда рачунеллъун.

Рос-лъадул цоцадехун цIунизе кколел шурутIалги адабалги рукIуна. Гьезул бищун чIужугIаданалъ кIвар кьезе ккараб буго росасе мутIигIлъи ва гьесул адаб-хIурмат гьаби. МутIигIлъийин абуни букIине ккола Аллагьас ﷻ бегьизабуралъулъ. Гьединаб хъизамалъулъ букIуна талихI ва баракат.

Яцалъеги лъикIалдалъун насихIат гьабе. Кутакалда гьей йокьулейлъиги ва гьелъул малъа-хъваязулги кIвар букIин загьир гьабе. Амма гьеб масъалаялъулъ диналъ малъараб гьабизе бугинги абе. Яцалда квеш букIинилан ракIалде ккани, щибго абичIого, юцIухIунги чIун, дуего бокьараб гьабе ва Аллагьасда ﷻ гьаре битIун ккезаейин дунги яцгийилан.

Психологасул жаваб

ГIагарал гIадамаз гьарулел малъа-хъваял кидаго гуро гIадахъ росизе кколел. ГIемерисел гьединал малъа-хъваял рукIуна гIаммал гурел, цо чиясда жал хурхарал. Гьединлъидал, цо чиясда хурхараб масъала киназего хIалтIизабун данде кколаро.

ТIоцебесеб иргаялда, халгьабе росасулгун бугеб гIумруялдаса яц рази йигищали. ГIемерисел гIадамазе бокьула жиндир заманалда жидецаго гьабичIеб жо цогидазда малъизе. Цогидазул квераздалъун жидерго анищал тIуразаризе хIаракат бахъулел камуларо.

Ригьнаде уней мунлъидал, цогидазул малъа-хъваял дуе хIажалъуларо. Цоцазул адаб-хIурмат гьабиялдалъун щола талихIалде. Росасулгун хIал борцинелъун гьевгун къацандизе лъугьунге. Гьеб рагъулъ мун бергьунаро. Рукъалъул бетIергьан рос вукIине ккола. ГIемерисеб мехалда хъизан биххиялъе сабаблъун букIуна чIужу росасе мутIигIлъунгутIи.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...