Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Цадахъ ячунаро...

Дунгун цадахъ тира-сверизе къанагIат гурони вилъунаро рос. Рокъов вачIиндал кванала, кьижула, телефоналде къулула ва гьудулзабазухъе уна. Гьале лъабго сон буго гьев дида цадахъ кивениги вахъинчIого. КIалалълъбакIалда кIусун вугев росасда щиб гьабилеб?

Шамай, МахIачхъала

ГIалимчиясул жаваб

Жакъа гIемерисел рос-лъадуда лъалеб гьечIо цоцазда гьоркьор цIунизе кколел жал. «Дуца дие, дица дуе», - абураб куцалда гIуцIула хъизан ва гьелъ лъикIаб хIасилги кьоларо. Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, нилъедасаго байбихьизе ккола.

ТIоцебесеб иргаялда, балагьизе ккола росасул квешал рахъал гуребги лъикIал рахъалги. Бихьиназе бокьула чIужуялъ адаб гьабизе.

КIиабизе, Аллагьасул ﷻ разилъи щвезелъун, ригьин цIуниялъулъ дудаго хIалкIварабщинаб гьабе. Кьун ругелщинал нигIматазухъ ва нужедасаго захIмалъиялда гIумру гьабун ругезухъ балагьун, Аллагьасе ﷻ щукру гьабе. Кинал захIмалъаби тIаде рачIаниги, кверал гIодоре риччаге. ЛъикIаб рахъалде гIумру хисизабизе хIаракат бахъе.

Росасулгунги берцинго хабар бицине хIаракат бахъе. Гьесие бокьулеб цIехе, цинги кIиязулго ракI рекъараб гьабизе гIамал гьабе. Рокъовго вукIине гьесие бокьулеб батани, рокъобго байрам гIуцIиялде кIвар кье. Щиб гьесие бокьулебали лъазабе. Гьесдехун бугеб дур рокьи ва гьев рази вукIинелъун дуца бахъулеб жигар бихьидал, дудаса гьев разилъизе вуго. Росасул разилъи – Аллагь ﷻ разилъидалха. Гьеб кинабго дуца гьабулеб бихьидал, хьул буго мунги анищалде щвелин абураб.

Амма бихьинчиясдаги лъазе ккола аварагасул ﷺ хIадис: «Нужер бищун лъикIав, нужер руччабазе бищун лъикIав вуго», - ян абураб. (Тирмизи)

Гьеб хIадисалъ тIоритIел гьабула бихьиназул бищун лъикIав лъадуде кIвар кьолев, гьелда гурхIулев, гьелъие кумек гьабулев кколевлъиялде.

Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «АвараггIан ﷺ хъизан-агьлуялдехун хIеренав, гьезул кIвар гьабулев чи дида вихьичIо», - ян. (Бухари, Муслим)

Аварагасул ﷺ лъади ГIаишатица бицунаан авараггун ﷺ цадахъ жал рекеризецин рекерулаанин абун. Ва, гIолохъанай йикIиналъ, цо-цо мехалда жий бергьунаанин. Бихьинчияс эркенаб заман хъизан-агьлугун тIобитIидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие гьелъухъ ажру-кириги хъвала.

Психологасул жаваб

Гьеб суалалъе чIванкъотIараб жаваб кьезе бажаруларо. ГIемерал гIиллаби рукIине рес буго гьеб ахIвал-хIалалъулъ. Цо рахъалдасан балагьани, дуца абулеб буго рос кIалалълъбакIалда кIусун вукIунин ва гьебго заманалда гьев унев вуго гьудулзабахъеги.

Мунгун цадахъ кидаго рокъов вукIиналъ, къватIивеги мунгун цадахъ ине гьесие бокьулеб батуларо. Дуе гьес хъулухъ гьабизе ва гьевгун цадахъ къватIие ине бокьи гьес рикIкIунеб батизе рес буго мун тIаса йичIунгутIилъун. Гьедин батани, дуца росасдехун гьабулеб бербалагьи хисизе ккола.

Мунго дудаго тIад хIалтIе. Гьесдаса дагьалъ рикIкIалъе. Бихьиназе бокьуларо руччаби гьезда хадуб хъаравуллъи ккун ругеб мех. Амма цIакъго рикIкIалъизеги бегьуларо. Сундулъго гьоркьохъеб хIал цIунизе ккола. Гьесдаса рокьиги тIалаб гьабуге, гIемер цIехолдуге. Дурго къимат гьабизе дуца байбихьидал, гьевги лъугьине вуго мун тIалаб гьайизе.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...