Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рекъелъ къан буго

 

Эбелалъ дие гуреб васасе, ай дир вацасе кумек гьабула сундулъго. Дие гьабулеб кумек букIунаро. Ноутбукги гьесие босана, цIалухъ гIарацги гьелъ кьола ва гьанже машина босизеги гIарац бакIарулей йиго. Эбел-эмен ратIалъидал дун инсуца цадахъ ячана, вац эбелалъухъ тана. Дун хIалтIулей ва дирго лъимадуе тарбия кьун дунго цохIо гIумру гьабун йиго. Инсуда цадахъ гIуниги эбелалъулгун гьоркьобги хвезе течIо. Эмен хвана ва гьесул рахъалдасан кумек гьабизелъун цониги чиги гьечIо. Эбелалъ дун цIехолейги гьечIо. Гьебги рекIелъ къан йиго дун. Дида бугеб гIайиб щиб?

 

Зайнаб, Каспийск

 

ГIалимчиясул жаваб

ЧIахIиял чагIазул, эбел-инсул адаб гьабиялде нилъ киналго диназ ахIула. Кинавниги чиясул гIумруялда жаниб бищун хирияв чиги эбел ккола. Лъималазда бищун гурхIулейги ва гьезул ургъел гьабулейги эбел йиго.

Эбел-инсуе баркала кьейги Аллагьасе щукру гьаби ккола. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда гьедин гьабейин абунги буго.

Эбел-инсудехун лъикI рукIин хурхинабун буго ТIадегIанав Аллагьасе гIибадат гьабиялда ва Гьев цо вукIин чIезабиялда. Лъимал кIудиял гIедалгицин эбел-инсул гурхIел ва ургъел гьаби цIикIкIун гурого дагьлъуларо.

ЦIикIкIарасеб заман инсуда аскIоб бан букIиналъ эбелалъул рахъалдасан тIубараб бербалагьи ва хинлъи дуе щун батичIонигицин гьанже эбелалдехун лъикI йикIине, гьелде гIагарлъизе хIаракат бахъизе ккола. Абизе кIола, якъинго гьелъиеги бокьун батула гьебго ва амма тIоцебесеб гали кин тIамилебали лъаларого ятизе рес буго. Эбелалъ мун рехон тей битIараб бугин абулел чагIи ниж гуро ва амма эбел-эмен кинал ругониги, хIатта капурал ругонигицин гьездехун лъикI рукIаян малъулеб буго нилъеда шаргIалъ. Дуца эбелалдехун цо гали тIамуни, гьелъ дудехун кIиго тIамула.

Дунялалъул боцIул гуреб, ахираталда щвезе бугелъул ургъел гьабизе ккола нилъеца. Эбелалъул ракI бохизабиялдалъун щола нилъее Алжан. Дунялалъул боцIи Аллагьас ﷻ нилъее хъварабго буго. Нилъее щвезе хъвараб щола, хъвачIеб щоларо. Эбел цIуне ва гьелъие дугIа гьабе.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Психологасул жаваб

Киналго гIайибал дудего цIалел рукIиналъ гIумру гьабизе захIмалъизе буго дуе хадубккунги. Эбелалъул гьединаб гIамалалъе гIемерал гIиллаби ратизе рес буго, ай дур суалаздасан бичIчIизе рес гьечIел. ГIумруялъ цадахъ гIумру гьабулев вугев васасдехун ругьунлъун ятила гьей, яги инсудехун дур букIараб гьоркьоблъиялда бан батила, ялъуни гьелда ракIалда ккун батизе рес буго дур кинабго лъикI бугин абун.

Эбелалдехун квешаб бербалагьи гьабуни ва гьеб рекIелъ ккун йигони, дуего квеш букIина. Киналго къварилъабиги кIочене тун, кинай ятаниги эбел къабул гьае ва гьелъул гIамал лъикIлъилин абураб хьулалги жалго те. Амма эбел кинай ятаниги, гьелъ дуе ихтияр кьоларо гьелъие квешай йикIине.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...