Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ЛъикIлъи бичIчIуларо

 

 

Дир гIамал буго, гьарулеб гьечIониги, гIадамазе кумек гьабизе йортанхъулеб. Амма гьеб кидаго данде хIалтIулеб букIинги халлъана дида. Цо-цоязда кколеб буго кумек гьабизе дида тIадаб бугиланцин. Масала, школалдаса дирго лъимал рачине индал, кидаго мадугьалалъул лъималги рачунаан дица машинаялдаги рекIинарун. Цо къоялъ рачинчIого тедал, дир хIакъалъулъ лъикIаб гуреб гIемераб хабар бицун батана. ГIарцудалъун гьудулалъеги кумек гьабулаан. Дида бихьана жиндиего щолеб гIарац гьелъ исрап гьабулеб букIин, ай кколареб бакIалдаги хвезабун. Налъуда гIарац кьечIого тедал, гьелъие тушманлъун лъугьана дун.

Кинго бичIчIуларо гIада-мазулгун кин гIамал рекъезабизе кколебали.

 

Зайнаб, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Вализабазул цояс абуна: «ЛъикIал гIамалал гьаричIого теялдаса цIуне, лъикIал гIамалаз мун Аллагьасул ﷻ разилъиялде вачуна», - ян.

ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бищун рокьулездасан ккола бищун гIадамазе пайда гьабулел. ЛъикIал гIамалал гьарулагоги ният букIине ккола гIицIго Аллагьасул ﷻ разилъи щвей.

Имам ШагIранияс бицана: «ГIали ал-Хавасида дица цIехана нилъер заманалда цо-цо гIадамазул тIабигIат хвеялъе гIилла щибилан. Гьес абуна: «Гьелъие гIилла буго цоцадехун рокьи ва гьудуллъи бижизабулеб жо гьез тей, ай цоцазе кумек гьаби, сайгъатал кьей ва цогидал лъикIал пишаби», - ян.

ГIадамаздаса нахъе жоги тIалаб гьабичIого, ракI-ракIалъ Аллагьасе ﷻ гIололъун гьабураб кумекалъ хIасил кьола дунялалдаги ахираталдаги.

Нилъее кумек гьабулесеги баркала загьир гьабизе кIочене бегьуларо. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «ГIадамазе баркала кьоларес Аллагьасеги ﷻ кьоларо», - ян. (Тирмизи)

Аварагасул ﷺ гьеб хIадисалъе гIалимзабаз гьабуна кIиго магIна. Цояз абуна, жиндие лъикIлъи гьабуралъухъ гIадамазе баркала кьоларес Аллагьас ﷻ кьурал рахIматазухъги щукруги гьабулароян. КIиабилез абуна, жиндие кумек гьабурасе баркала кьечIев чиясул щукру ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къабул гьабуларин. Гьеб кIиябго баркала цоцада хурхараблъун бугин.

Гьединлъидал, данде гьабулеб жавабалъухъ балагьичIого, хIажатазе гьабулеб кумек тезе бегьуларо. Гьелдаго цадахъ Аллагьасеги щукру гьабила кумек гьабизе рес кьуралъухъ.

 

Психологасул жаваб

Кумек хIажат гьечIониги гьеб гьабизе мун йортанхъиго буго гьеб ишкалалъул аслу. Гьедин бугеб мехалда сверухъ ругез абизе рес буго жидеца дудасан кумекго гьарулеб букIинчIин абун. Гьелде тIадеги, дур суалалдасан бичIчIулеб буго, кумек гьабидал гьездасан жаваб щвеялъухъ мун ялагьун чIун йикIинги. Цинги гьезул рахъалдасан баркалацин гьечIеб мехалъ, квешги бихьулеб буго. Машгьураб биценалда буго: «Дуцаго гьабураб лъикIлъиги кIоча ва дуе гьабураб заралги кIоча», - ян. Гьел рагIабазда гIамал гьабуни, гьеб суалго баккиларо.

Ният бацIцIадаб батаниги, кIочене бегьуларо киналго разияб хIалалда чиясухъа вукIун бажарулареблъи. Нилъеца гьединал гIадамазул пикрабазул халгьабизего бегьуларо. Бажарараб кумекги гьабила ва нилъеего гьабулеб заралалъул халги гьабиларо.

Аллагьасул ﷻ цо валияс абун буго: «Дудаго тIаса лъугьун тезе кIолеб гIарцул къадар гурони налъуда кьоге», - ян. Гьелъул магIна ккола, нагагь дов чияс нахъбуссинабичIони, тIаса лъугьине кIвезе букIин.

Гьал малъа-хъваязда гIамал гьабуни, дуе гIезагIанго бигьалъиги ккезе буго.

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...