Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Бажариладай дун хIебтIизе..

 

 

 

Пуланав чияс гьарулеб буго жиндие лъадилъун ячIайилан абун. Гьев вуго адаб-хIурмат бугев, лъикIав инсан. Амма 40 сон баниги рукъцин гьечIо гьесул. Дир гьудулзабаз абула, 40 сон базегIан щибго бажаричIев чиясухъа хадубги бажаруларин абун. Щибдай дица гьабилеб?

 

Хадижат, Хасавюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «ЧIужу ячуна ункъо жоялъухъ балагьун, ай мал-мулкалъухъ, насабалъухъ, берцинлъиялъухъ ва диналъухъ. Гьединлъидал дуца дин бугей тIалаб гьае, дур кверал хIуралъ цIеяв (гурони, мун баракаталдаса махIрумлъизе вуго)», - ян (Бухари).

Гьебго хурхараб буго росасе ине йигей чIужугIаданалдаги. Гьелъги тIаса бищизе ккола динияб рахъ. Гьединго лъазе ккола, магьари лъезегIан нуж руго чияр чагIи ва дандчIвазе бегьуларо махIрамияв вугеб бакIалда гурони. Гьединаб данделъи гьабизе лъикIаб букIуна ригьин гьабилалде гьев вихьизе, гьесда нужги рихьизе. Амма гьесулгун дандчIвай халат бахъинабизе, гьесухъа сайгъатал къабул гьаризе ва бицунеб лъикIаб харбихъ гIенеккизе бегьуларо.

Ригьин гьабилалде лъикIаб букIина гьесул вукIа-вахъин, рекIел хIал, хIалтIухъан хIисабалда кинав вугевали, щай гьес жеги хъизан гьабичIебали цадахъ хIалтIулезда, мадугьалзабазда гьикъа-бакъун лъазабуни.

Эбел-инсул, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарал гIагарлъиялъул пикруялъухъ гIенекке. Бищунго аслияб жо, дурго ракIалъ щиб бицунеб бугебали халгьабе. Истихаралъул как бан ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьаре битIараб нух бихьизабеян.

Аварагасул хIадисги кIочене биччаге: «Нагагьлъун жиндир динги гIамал-хасиятги разияв чи нужехъе яс гьарун вачIани, нужеца яс гьесие росасе кье. Гьедин гьабичIони тIолабго ракьалда питнаги дин гьечIолъиги тIибитIила». (Тирмизи, ХIаким, ибну Мажагь).

 

Психологасул жаваб

ТIоцебе кIвар кьезе ккола гьесул дудехун бугеб рекIел хIал лъазабиялде. Гьес рокьул хIакъалъулъ битIахъегойищ бицунеб яги нужеца хIисабищ гьабураб гьесул кIалъаялдасан ва ишаздасан? ЧIванкъотIарал ишаздалъун, гьудуллъиялдалъун ва кIваралдалъун гьесие къимат кьолеб батани, кIвар бугеб жо ккола гьоркьоблъиялъул байбихьуда бихьиназ кидаго хIаракат бахъула лъикIаб рахъалдасан жалго рихьизаризе.

Гьесул ният хал гьабулеб къагIида ккола дур эбел-инсуда аскIов мун гьарун кIалъазе гьев витIи. Гьезухъе ине гIедегIулев ватичIони, гьев вуго мун ялъаргъунев чи. Гьесул гIамал кинаб бугебали лъазе бокьани, гьесул хьвада-чIвадиялда хадуб халкквей: хъизамалда, гьудулзабазда гьоркьоб, къватIиб. Гьедин хьвадизе вуго гьев хадубккунги. Гьединго гьикъизе бегьула гьев лъалел чагIаздаги.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...