Аслияб гьумералде

Барааталъул сордо

Барааталъул сордо

Щибаб рецц Аллагьасе буго нилъ динул исламалде тIоритIарав. Аллагьасул цIоб, рахIмат рещтIаги хирияв ХIабибасде . ШагIбан моцIалда абула Аварагасул моцIилан. Кинавниги бусурманчиясе рекъола хIалкIванагIан гIемер Аварагасде ссалат битIун гьеб моцI кIодо гьабизе.

Аби Умаятил Багьилиясдасан бицараб хIадисалда буго Аварагас абунила: «Нужеде тIаде шагIбан моцI бачIарабго нужерго чурхдулги рацIцIад гьаре, гьелъулъ нийатги бацIцIад гьабе», – ян. Абу-Саламатидасан бицунеб хIадисалда буго: «Дица ГIаишатида цIехедал Аварагасул кIал кквеялдасан, гьелъ абуна: «Гьес кIал кколаан гьес кIал биччалебго гьечIоян нижеда ракIалде ккезегIан. Гьес кIал биччалаан гьес кIалго кколеб гьечIоян нижеца абизегIан. ШагIбаналдаса цIикIкIун цониги моцIалъ кIалги кколароан. Цо-цо мехалъ тIубанго шагIбанги кколаан». Зайд бину Усаматидасан бицана дица абуна:

Я Аллагьасул Расул , дида бихьулеб гьечIо шагIбаналъ гIадин цогидал моцIаз дуца кIал кколеб», – абун. Аварагас абуна: «Гьеб моцI буго рамазаналдаги ражабалдаги гьоркьоб гIадамал жиндаса гъапуллъулеб ва Аллагьасде гIамалал рорхулеб моцI. Дие бокьула дирго гIамалал кIалги ккун вукIаго Аллагьасде рорхизе», – ян.

Лайлатул бараат

Бицен буго, хIакълъунго, малаикзабазе зодорги руго гIидалъул сардал, бусурбабазе ракьалда гIидалъул къоял ругел гIадин абун. Малаикзабазе гIид ккола барааталъул сордоги, гьебги шагIбан бащалъи, лайлатул къадриялъул сордоги, муъминзабазулги, кIалбиччан къоги, къурбан хъвеялъул къоги кколеб гIадин. Гьелъие гIоло цIар тана ШагIбан бащалъиялда малайкзабазул гIидалъул сордойин абун. Субукияс жиндирго тафсиразда рехсана, хIакълъунго, гьеб сордоялъ лъагIалил мунагьал чурула, рузман сордоялъ анкьил мунагьал чурулел гIадин, Лайлатул къадриялъ гIумруялъул мунагьал чурула, ай гъол сардал чIаго гьари сабаб буго мунагьал чуриялъе. Гьединлъидал гьелда цIар тана мунагьал чуриялъул сордойинги.

Мунзириясдасан бицана Аварагас абунила: «Щив чи вугониги гIидалъул сордо чIаго гьабун, шагIбан бащалъиялъул сордоги, гьев чиясул ракI холаро цогидазул ракIал холеб къоялъ».

Аллагь разилъаяв МагIаз бину Жабалидасан бицараб хIадисалда буго: «Ссалат-салам лъеяв аварагас абуна: «ШагIбан моцI бащалъараб сордоялъ ТIадегIанав Аллагь рахIматалдалъун валагьула Жиндир кинабго халкъалдехун, цинги гьес киназулго мунагьал чурула, цохIого цо мушрикасулги хIал хъубав чиясулги хутIун», – илан.

Гьединго Байгьакъияс Аллагь разилъаяй ГIаишатидасан бицана Аварагас абунилан: «Дихъе Жабраил малаик рещтIана. Гьес дида абуна гьаб ккола шагIбан бащалъараб сордо. ТIадегIанав Аллагьас гьаб сордоялъ Килаб тухумалъул (ГIарабиялда бугеб бищунго чи гIемераб тухум) гIияда тIад бугеб квасул рас рикIкIун жужахIалдаса гIадамал хвасар гьарула», – ян.

Амма гьеб сордоляъ Аллагь гурхIуларо, хIадисалда бачIухъе, хIал хъубав чиясдаги, гIагарлъиялъулгун хурхен къотIизабурав чиясдаги, чIухIиялъул мурадалда ретIел ретIулесдаги, эбел-эмен къварид гьарулесдаги, гIаракъи гьекъезе данделъулездаги. Цогидаб хIадисалда буго барааталъул сордоялъ Аллагьас живго-жинцаго чIварав, хвезавурав чиясулги мунагьал чуруларилан.

Гьеб сордоялъ беццараб буго садакъаби кьезе, гIемерал дугIаби гьаризе, ракIхварал, барщарал гIадамал, Аллагьасе гIоло, цоцазда тIаса лъугьине, хабаде рахине, хваразе къулгьу-алхIам гьабизе. Бицен буго цо нухалда Аллагьас ГIиса аварагасда вихьизавун вугила 400-гIанасеб соналъ нохъода чIун какал рарав чи. ГIисаца Аллагьасда цIехана: «Гьесдаса тIадегIанаб кири-даража бугел чагIи ругищ?» – абун.

Аллагьас жаваб гьабуна: «Барааталъул сордоялъ Дие какал рарал МухIаммад аварагасул умматалъул гIадамал руго», – абун. Аллагь разилъаяй ГIаишатица бицана: «Бичасул Авараг шагIбан моцI бащалъулеб сордоялъ тIаде вахъана ва гьес байбихьана как базе. Какилъ суждаялда гьев гIемераб мехалъ чIедал, дун хIинкъана, гьев хундай вугоян.

АскIоеги ун гьесда квер хъвайдал, дида рагIана гьес гьаб дугIа цIалулеб: «Аллагьумма агIузубика мин гIикъабика ва сахатIика вала ухIси санаан гIалайка анта кама аснайта гIала нафсика фалакал хIамду хIатта тарза».

МагIна: «БетIергьан Аллагь, дица Дудалъун цIуни гьарула Дур гIакъубаялдаса ва Дур ццим бахъиналдаса. Дуе кколеб хIалалъ рецц гьабизе дихъа бажаруларо, Дуе рецц буго Дуца Дуего гьабураб гIадаб, Дуе рецц буго мунго разилъулеб хIалалъ», – илан.

Гьеб сордоялъ Аварагас , БакъигIалъул хабалаздеги ун, рогьинегIан гIодун, хIелун, дугIа гьабуна, умматалъе шафагIат гьарана ва гIибадат гьабеян асхIабзабаздаги малъана».

ГIабдуллагь бину ГIумар абулев асхIабас бицунеб буго Аварагас абунилан: «Щуго сордо буго, жиндилъ гьарараб жоялъе жаваб гьабичIого толареб: рузман сордо, мухIаррамалъул 10-абилеб сордо, шагIбан бащалъараб сордо ва кIиябго гIидалъул сордо».

Ибну Мажагьица бицараб хIадисалда буго Аварагас абунин: «Нужеца чIаго гьабе Барааталъул сордо гIибадаталдалъун ва хадусеб къоялъ кIалги ккве. ХIакълъунго, ТIадегIанав Аллагьас гьеб сордоялъ рещтIуна рахIматал ва халкъалда абула: «ГьечIищ нужеда гьорлъ гIадамал, жидеца Дида мунагьал чури гьарулел? ГьечIищ нужеда гъорлъ ризкъи-баракат тIалаб гьабулел чагIи, Дица гьеб кьезе? ГьечIищ нужеда гьорлъ балагьаздаса цIуни тIалаб гьабулел чагIи, Дица гьел балагьаздаса цIунизе?» – ян. Гьеб сордоялъ гIемер цIализе лъикIаб буго гьаб дугIа: «Аллагьумма иннака гIафуввун, каримун, тухIиббул гIафва, фагIфу гIанна».

МагIна: «Я Аллагь, Мун тIаса лъугьунев, гурхIулев, тIаса лъугьине бокьулев вуго. Аллагь, Мун нижеда тIаса лъугьа».

Цогидал исламиял улкабазул бусурбаби гIадин, Дагьистаналъул бусурбаби данделъула мажгитазда, цIалула Къуръан, ахIула мавлидал, бачуна зикру, гьабула садакъа.

  • Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ цIалула «Ясин».
  • ТIоцебесеб «Ясиналъе» нийят гьабула гIумру халалъизеян. «Ясин» цIаларабго, хасаб дугIаги цIалула.
  • КIиабилеб «Ясин» цIалиялъе нийят гьабула балагьаздаса цIуни мурадалда. Гьелда хадубги хасаб дугIа гьабула.
  • Лъабабилеб «Ясин» цIалиялъе нийят гьабула ризкъи гIатIилъизеян. Гьелда хадубги гьаб хасаб дугIаги гьабула:

«Аллагьумма, я зал манни ва ла юманну гIалайгьи, я зал жалали вал икрами, я за тIтIавли вал ингIами, ла илагьа илла анта загьра ллажина ва жарал мустажирина ва аманал хаифина. Аллагьумма ин кунта катабтани гIиндака фи уммил китаби шакъиййан, ав махIруман, ав матIрудан, ав мукътарран гIалаййа фи рризкъи фамхIуллагьумма бифазлика шакъавати ва хIирмани ва тIарди ва икътара ризкъи ваасбитни гIиндака фи уммил китаби сагIидан марзукъан муваффакъан лилхайрати фаиннака къулта ва къавлукал хIакъкъу фи китабикал мунзали гIала лисани набиййикал мурсали ямхIуллагьу ма яшау ва юсбиту ва гIиндагьу уммул китаби. Илагьи биттажаллил агIзами фи лайлати ннисфи мин шагIбанал мукаррами ллати юфракъу фигьа куллу амрин хIакимин ва юбраму ан такшифа гIанна минал балаи ма нагIламу ва ма ла нагIламу ва ма анта бигьи агIламу иннака антал aгIаззул акрам. Ва салла ллагьу гIала саййидина МухIаммадин ва алигьи ва сахIбигьи ва саллам».

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...